Тӏоцебесеб апрелалда республикаялъул СМИязул вакилзаби гьоболлъухъ ахӏун рукӏана Башларовасул цӏаралда бугеб медицинаялъул колледжалъ. Гьайгьай, гьелъул хӏакъалъулъ гӏезегӏан бицунеб рагӏун букӏана. Рагӏун букӏана колледжалда студентазе лъикӏаб лъай щолеб букӏиналъулги.

Щуго шагьаралда рагьараб вакиллъи ва колледжалъул тӏоцересел галаби

Къалъуда щвана тахшагьаралъул Амет-Хан Султӏанил къотӏноб бугеб колледжалъул минаялда цеве. Редакциялъул машинаялдаса рещтӏунаго, дарсалги лъугӏун къватӏире рачӏунел студентазул кӏудияб къокъа данде ккана рагьдухъ. Хӏурматиял гьалбал рачӏунел ругел кинниги, колледжалъул минаялъул нуцӏаги жанахӏги бугоан кьер-кьерал шараз къачӏан. Жаниве щун вахъиналде данде вачӏарав гӏолохъанчияс дун вачана тӏасияб тӏалаялде, гьенир балагьун чӏарал чагӏи ругинги абун.

Тӏасияб тӏалаялда бугоан колледжалъул директор Руслан Мамаевасул кабинет. Гӏатӏидаб столалда нахъа жеги лъабго-ункъониги журналистги вугоан. Дагь-дагьккун рачӏун, киназго столалда нахъа рукӏарал бакӏал цӏезаруна.

Руслан Мамаевас бицана щиб гьабизе журналистал ракӏарун ругелали. Колледжалъулгун лъай-хъвайги гьабизе, студенталги рихьизе, щиб гьабулел чагӏи жалгоялиги бицине ахӏун ругоан гьез ниж.

— Гъоркьиса 10 сон тӏубана нижер колледжалъ, — ин бицана Р. Мамаевас. — Байбихьуда цохӏо Махӏачхъалаялда чӏей гьабун рукӏарал нижер жакъа щуго шагьаралда буго вакиллъи. Гъизляр, Хасавюрт, Избербаш, Каспийск ва Дербенталда филиалал рагьана. Гьенир ругелги малъун, жакъа колледжалда цӏалулев вуго 5000 чи. (Махӏачхъалаялда – 3000). Гьезие гӏуцӏун руго киналго шартӏалги.

Колледжалда щола ункъо батӏияб махщел – медицинаялъул кӏудияй ва гьитӏинай сестра, акушерал, фельдшерал ва цаби-гӏусал къачӏалев техник.

Махщалил балъголъабазе рагьараб нуцӏа

Чайдул цо-цо стаканги гьекъон, гьанже нилъ колледжалъулгун лъай-хъвай гьабизе рахъун лъикӏ гурищинги абун, азбаралъуве къокъана директор.

Колледжалъул цӏалул минаялдаго цун буго бечедаб къагӏидаялъ къачӏараб медицинаялъул центр. Тӏоцебе цӏалул цохӏо мина гурони букӏун гьечӏо гьениб, гьанжегӏагар цогидабги бан буго.

Колледжалда цӏалулел студентал махщалиде ругьунлъизе киналго шартӏалги гӏуцӏун руго гьенир. Анцӏ-анцӏ миллион гъурущги харж гьабун, хирияб къайи-цӏаги жаниб лъун гӏуцӏарал модулалъул рукъзал рихьизаруна гьез нижеда.

Жанахӏалъуре щведал: «Ассаламу гӏалайкум, хӏурматиял гьалбал. Лъикӏ щварал нижер колледжалде. Жакъа нижер цӏалдохъабаз нужее хӏадурун буго бечедаб программа, — янги абулаго, нижеда дандчӏвай гьабуна ункъабилеб курсалъул студент Ибрагьимов Расулица. — Тӏоцебесеб иргаялда, нижее бокьун буго медицинаялъул сестраялъ махщалил балъголъабазул цо рахъ нужее рагьизе».

Гьелъул хӏакъалъулъ бицине лъабабилеб курсалъул студентка — Басирова Райгьанатги йихьизаюна гьес. Унтарасда укол гьабулеб куцалъул ва укол гьабилалде рукӏкӏен хӏунсизе бугеб бакӏ къачӏазе кколеб куц рагӏа-ракьанде щун бицана гьелъ. Бицунеб букӏана сабураб, рекӏелъе лъугьунеб каламалъ.

Тӏаде балагьун гӏадатиябин кканиги, гӏезегӏан махщел хӏажалъулеб иш батана укол гьабиги. Гӏумруялъ гьеб ишалда нахъа йигей кинниги, йиххичӏого, хӏинкъичӏого бицунеб букӏана Райгьанатица жиндирго махщалил хӏакъалъулъ.

Хадур ниж рачана хирургасул тӏагӏелалги цере тӏиритӏун, тохтурасул халгӏатги ретӏун, кӏвар кьун эхетарав гӏолохъанчиясда аскӏоре. Тохтурасе хӏажалъулеб анцӏгониги алат букӏана, ххамида тӏад, цебе тӏибитӏун. Хирургасул нус, лъабго батӏияб гъецӏ, цоги дида гӏумруялъ бихьун букӏинчӏебги медицинаялъул алатал. Бицана щибаб алаталда цӏар, щиб бакӏалда ва кида гьеб хӏалтӏизабулебали. Бицана гъваридаб ругъун кин къачӏалебали, къотӏараб бакӏалдаса речӏчӏарулеб би кин къотӏизабулебали, тӏоцересел минутаз кинаб кумек унтарасе гьабизе кколебали.

Гьес бицанщиналъул бащдабги ракӏалда чӏечӏо. Дир гӏакълуялъ босун бажарулебгӏанасеб къадар букӏинчӏо хаду-цебе гъезабун гьес бицунеб гӏелмуялда жаниб. Бокьа-бокьарав чияс босулеб гӏелмуги гьеб гуро, гьелъие тӏабигӏаталъго кьураб пагьмуги, Аллагьас рекӏелъ бижизабураб къасдги букӏине кколеб батила. Гьеб ният-къасдалдаги божун, тӏаса вичӏичӏого цӏалани, вахъунев ватила чиясул лъикӏав тохтур. Гьединал пикрабаз кверде восун вукӏаго, цогидаб столалде нахъе рачана ниж.

Цаби-гӏусазул сураталда рекъон гьабураб чанго гъалип бугоан гьениб. Гьезда нахъа эхетун вукӏана хӏалакъавго гӏолохъанчи. Амма вихьизе гьитӏинав вукӏаниги, жиндирго гӏелму тӏокӏкӏун лъалеб бугоан гьесда. Гьединго гьев гӏахьаллъун вуго гъоркьиса Москваялда букӏараб WorldSkills Russia-2021 къецазда ва гьениб меседил медальги щун буго гьесие.

Цаби-гӏусазул гӏуцӏиялъул, гьел сах гьарулеб куцалъул ва цӏиял цаби лъезе гъалип кин бахъулебали бицана гьес. Хӏатта щибаб къоялъ цаби кин чуризе кколебалицин бихьизабуна.

Ункъабилеб столалда нахъа йикӏана акушеразул махщалие цӏалулей яс. Лъимер гьабизе мех щварай гӏаданалъе тохтурзабаз гьабулеб кумекалъул хӏакъалъулъ бицана гьелъги.

Медицинаялъул централда руго цӏалдохъаби махщалие ругьун гьарулел рукъзалги. Гьениреги рачана ниж, бихьизабуна щибаб рокъоб бугеб медицинаялъулаб къайи-цӏа.

Ракӏрагьараб гара-чӏвари ва тадбиралъул бищун тӏагӏамаб бутӏа

Къокъго абуни, цӏализе жидехъе вачӏарав чи, камилаб лъай щвечӏого нахъе унаревлъи бичӏчӏизабизе бокьун букӏана колледжалъул нухмалъиялъе. Гьелъул хӏакъалъулъ гьез бицана экскурсиялдаса хадуб конференц-залалда тӏобитӏараб пресс-конференциялдаги.

Журналистаз гьикъана цӏализе рачӏунел судентазул къадаралъулги, гьезие рега-рахъине ругел санагӏалъабазулги хӏакъалъулъ. Гьединго цӏехана хас гьабун Башларовасул цӏар щай колледжалъе кьурабиланги.

— Гьев вукӏана тумав, динияв хӏаракатчи, амма гьелдаго цадахъ гӏемераб хӏалтӏи гьабуна республикаялда медицина цебетӏеялъе. Гьесул бечедаб биографиялъ ва хӏаракатчилъиялъ асар гьабурал нижер пикру ккана колледжалъе гьесул цӏар кьезе, — ян бицана Мамаевас.

Колледж рагьун тӏоцересел соназ абулеб букӏана гьениб студентазе лъикӏаб лъай щолеб рагӏуларин ва гьеб лъугӏун хадуб хӏалтӏизе бакӏ щвезеги захӏмалъулеб бугин абун.

— Нижедаги лъала, букӏана гьединаб хабар. Амма жакъа иш гьедин гьечӏо. Колледжалде цӏализе лъугьунезул сияхӏ кӏудияб буго. Реццарулеб мех гуро, амма нужеего бицун телин, жакъа нуж гьанире рачӏиналде цебе, рикӏкӏадаб росулъа вахъарав вачӏана цо херав чи, жиндир яс колледжалде цӏализе йосаралъухъ баркала кьезелъун. Кӏиябго квералъ дир кверги босун, ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьуна гьес. Гьединал мисалалги рукӏаго, хашаб, нахъе ккараб цӏалул идара бугин нижерин абизе гӏилла дида батулеб гьечӏо. Колледж лъугӏарал гӏолилал хӏалтӏи гьечӏогоги хутӏуларо, хӏатта Ростовалдасацин буго нижехъе исана заказ, щуго чи къваригӏун вугин жидее абун. Ракӏалде ккола гьединал заказал хадуркун дагьалги цӏикӏкӏинин. Ниж гьелъие хӏалтӏулел руго, — ян бицана Руслан Мамаевас.

Хабаралдаса хинкӏал лъикӏин гӏадада абунги гьечӏелъул, гьанже нилъ кванил тепсиялде нахъе рилълъун лъикӏ гурищилан, нахъеги жиндирго кабинеталде рачана директорас гьалбал.

Бухӏилаго, хинлъилаго бугеб кванил гъудрул нижехъе раччизе берцинал ясазул къокъаги лъугьана. Столалда камураб нигӏматги букӏинчӏо. Бицунеб аваданаб хабарги, тӏагӏамалда кунеб магӏарул квенги, цоцазе гьабулеб махсараги — цӏакъ магӏарулазе хасиятаб гьава-бакъ лъугьана столалда нахъа. Нижее цӏакъ рекӏее гӏуна медицинаялъул колледжалъ гьабураб гьоболлъи. Тӏаде щолеб кӏалкколеб моцӏалда цебе гьадинаб гьарзаяб, ракӏ разияб тадбирги гӏодобчӏейги щвелин хьулцин букӏинчӏилан, разиго рукӏана цогидал редакциялдаса хӏалтӏухъабиги. Гьез абуралда тӏад разилъун гурони, батӏияб пикру бачӏинчӏо дир ботӏролъеги…

Ашахан Юсупов