Лъикӏго лъалев чиясул хӏакъалъулъ бицинеги хъвазеги бигьагоги букӏуна, гьебго заманалда захӏматги букӏуна. Гьединаб асаралъул асирлъуде ккана дун Сайгидпаша Гӏумахановасулгун гара-чӏвари гьабидал. Дагьабищха гьесул хӏакъалъулъ Дагъистаналъул ва Россиялъул СМИяз хъвараб. Дирго къалмикьанги гьесул гӏумруялъул ва политикияб хӏаракатчилъиялъул хӏакъалъулъ бицарал макъалаби дагьал инчӏо.
Сайгидпашалги лъимерлъи лъилалдаго релълъинчӏеб, гӏицӏго жиндиего хасиятаб букӏана. Кӏудияб хъизан букӏиналъ, балугълъиялде вахиналдего щвана гӏумруялъул дарс. Цоги вацал-яцаздего гӏадин, рукъалъул тӏалаб-агьазалъул раччиги гьитӏинго бегана гьесул гъуждузде. Кӏудияв инсуца малъана гӏараб гӏелмуги.
Тӏолалго лъималазулго гӏадин, балугълъиялъул завалалда вугев Гӏумахановасул къасд букӏана гугарухъанлъун вахъине. Рухӏдаллъулаан чӏахӏиязул гугаризе бугеб махщалихъ балагьун. Школалда жанисел турниразда чӏел босизе бугеб хӏасраталъ вухӏулев вукӏунаан гьев. Гӏемер кватӏичӏого «Спартакалда» цебе бугеб олимпиялъулаб резервабазул клубалде хьвадана.
— Дие битӏ ккана тренер Мухӏамад Хӏусеновасда цеве ккеялъ, — ан ракӏалде щвезабула Сайгидпашаца.
Кӏудияб асар гьабулеб буго Сайгидпашае магӏарулазул бечедаб тарихалъ. Гьеб хазина хадусел гӏелазе ясбер гӏадин цӏунизе кколин нилъецайилан абула гьес.
Сайгидпашахъа бажарана заманаялъ гьесухъе кьураб чоде вахине. Гьесул сухъмахъазда рукӏана гӏемерал гохӏал-щобалги кӏкӏалалги, амма гьесда кӏвана нухги кквезе, чодаги вукӏине.
Гьев гӏицӏго жиндаго релълъаравлъун вукӏана ва хутӏулевги вуго. Лъимерлъиялъул нухда дандчӏваравги къисматалъ данде вачаравги гьес агъаз-сан гьабичӏого рехун толаро. Росдае васлъунги вуго, улкаялъе чилъунги вуго. Гьеб кӏиябго раччи гьесул кӏигъуждузда, магӏаруласул черхалда ханжар-рачел кинигин, рекъонги буго.
Гӏадатияв чиясдехун гьумер битӏун кӏалъалев ва гьесул къварилъиги рохелги рекӏелъан биччалев, тӏалъиялда вугев чиясулгун гара-чӏвари гьабулелъул, хасго жакъа заманаялъ асар гьабичӏого хутӏуларо.
«Дида дун лъалез даим гьикъула щиб цӏияб хабарилан. Дица жаваб гьабула лъикӏаб хабар гьечӏин, квешалъул бицинеги бокьун гьечӏин. Харбал гӏемерлъун руго Дагъистаналда. Иргадулаб казият кодобе босизе хӏинкъула дун», — ан вукӏунаан мунагьал чураяв Расул Хӏамзатов.
Ахӏулгохӏда ккарал камияздаги къварилъиялдаги хадуб Имаматалъул ишалда аскӏоб икъбалги талихӏги бижизе букӏиналда ракӏчӏарав Шамил Чачаналдехун балагьун унев вукӏана. Харибакӏалда гӏодов вегарав цо чиясде тӏаде ккола муридзабаздаса ратӏатӏун цере унел рукӏарал Шамилги Юнусги. Жиндирго хӏакъалъулъ гӏадамазул щиб пикру бугебали лъазе бокьун букӏана имамасе. Вецарухъан макьидаса ворчӏана.
— Ахӏулгохӏда щиб хӏал бугеб? — ан гьикъана гьес, гьалбал киса рачӏунелали лъараб мехалъ.
— Ахӏулгохӏги бахъун буго, муридзабиги цоял чӏван, цогидал кверде росун руго, — ян жаваб кьуна гьесие.
— Шамил кивха вугев? — ан гьикъана нахъеги чачанас.
— Чӏвана, — ян абуна гьесда.
Гьесда сири бана, кьер тӏуна ва синкъиялда гӏодизе лъугьана. Хадур рачӏунел муридзабаздехун ракӏбакъварав гьес абуна:
— Гьанже нилъ нилъерго Шамилги гьечӏого хутӏанаха, – ян.
— Хвечӏо. Шамил чӏаго вуго, — ян бицана гьесда. — Дуда гьев вихьун ватизе вуго. Дол цере аразул цояв гьев ккола.
Кӏитӏелеб хӏалалъ гьезда хадув гъезе векерун ана чачанав. Сородулаго накабазда хурхун гьев вачӏараб мехалъ, имамасда магӏу кквезе кӏвечӏо. Лъазего лъаларев, гьелда тӏадеги батӏияб миллаталъул чи гьес, ракӏ-ракӏалъ къвалги бан, каранде къана.
— Имаматалъул улкаялдаги камун рукӏинчӏо мацӏихъабиги магӏихъабиги. Гьединаз щиб бицунеб бугебали лъазелъун Шамилица сверухълъиялда гьикъулеб букӏун буго корохъ руччабаз щиб бицунеб бугебилан. Дагъистан битӏахъего унтун буго абуна-бицанабазги, кьучӏ гьечӏел харбазги. Рес букӏунаро цоги-кӏигоги къоялъ Сайгидпаша къватӏиве сапаралъ ине, нусго батӏияб хабар бижизабула гьасда сверухъ. Амма дагъистаниязе кидаго хасиятаб буго къадруги чӏухӏиги. Дица хӏурмат гьабула законалъул, гьабизеги буго. Амма гьеб хвезабулел, Дагъистан кӏочарал кӏигьумерчагӏазул лъалкӏда хадуб хъахӏилаб цӏа свинеги тезе гьечӏо, Аллагьасул кумекалдалъун. Гьезул жидерго черхалда цӏа рекӏун буго, ва гьел дикьа хӏинкъулел руго. Гьезда лъала гӏадатияб халкъалъ дир рахъ кквезе букӏин. Гьел хӏинкъучал рукӏана ва гьеллъун хутӏулел руго. Гьезие гӏицӏго кверщел буго къваригӏараб жо. Дунялалъул рокъов вижичӏо бокьарабги щварав, щваралда гӏейги гьабурав чи. Амма гьезда гьеб рагӏул магӏна лъаларо, — ян бицана Гӏумахановас.
Нилъер халкъалъ кидаго рахъ ккола миллат батӏа гьабичӏого, гьумер битӏун рагӏи абулев, гӏакъилав, гӏадилав чиясул. Гьединавлъун гӏемерисезда вихьула С. Гӏумаханов.
Цебеккун Хасавюрталда миллатчилъиялъги бикьа-къотӏиялъги тӏалъи босун букӏана. Абизе ккола гьезул мурадал цӏияб администрациялъ кӏалагъоркье чӏвазарунилан.
Хӏакъикъаталдаги, дагъистаниязе цебего заман щун буго миллатчилъиялъулги бикьа-къотӏиялъулги хьуцӏилъа къватӏире рахъине. Кидаялиго жамагӏаталъул къадруяв чиясде къабихӏаб рагӏи абуни ханжар лъалиниса къватӏибе цӏалел рукӏарал умумузул лъимал жидерго напсалъул мурадазе гӏоло рортанхъулел руго. Букӏанищха гьединаб къагӏида хасиятаб нилъер цебесеб гӏелалъе? Букӏинчӏо. Дагъистаналъул тӏалъиялда ругезе вокьулев гьечӏо ритӏухъаб рагӏи бугев чи. Гьелъги батила, Сайгидпаша Гӏумахановасде кисанго тӏадецуй гьабулеб букӏараб.
Хасавюрт буго гьитӏинаб Дагъистан гӏадинаб бакӏ. Гӏемерисеб мехаль гьениб бугеб геополитикияб хӏалалда бараблъун хутӏула Чачаналъул гӏорхъоде къарал районазул гуребги, тӏолабго республикаялъулго халкъалъул парахалъиги гӏодобе биччайги.
— Копоего гӏадин чӏвалел руго Дагъистаналъул бищунго гьайбатал васал. Интеллигенциялдасан байбихьун гӏадатиял гӏадамазде гӏунтӏун, гӏужие росун руго пикру гьабулелщинал чагӏи. Квеш ккараб жо буго, Ватӏаналъул тӏалаб жидерго напсалдаса цебе кколел нилъер гӏадамал гьединаб ишалде ругьунлъун рукӏин, — ян абуна Сайгидпашаца.
Лъил гӏайибалдалъунха гьеб кколеб бугеб?
Дагъистаналъул халкъалда лъала ва бихьула лъил гӏайибалдалъун гьел чӏвай-хъвеял кколел ругелали ва щай гьел такъсирал рагьулел гьечӏелали.
Гъутабазул кӏалтӏу, мугӏрузул каву,
Кавказалъул цагъур, цогояб хъизан.
Гьедин абун букӏана аваразул поэт М. Гунашевас, Хасавюрталъул юбилей баркулаго, жиндирго цо кочӏолъ. Ракӏалде ккола гьеб кӏиго мухъилъ 400 гьумер бугеб тӏехьалъе гӏураб магӏна бугилан. Щайгурелъул, 60 сон гурони бачӏеб, жеги гӏолохъанаб шагьар букӏаниги, Хасавюрт шагьаралъги районалъги Дагъистаналъул тарихалда жаниб кӏудияб бакӏ кколелъул. Гӏадада гурелъул гьелда «гьитӏинаб Дагъистанин» абулебги. Гьеб буго халкъалъул къадаралде балагьун гуребги, миллатазул кьеразде ва рикӏкӏеналде балагьунги нилъер республикаялда бищун кӏудияб ва жавабияб регион. Социалиябги, экономикиябги, культуриябги рахъалъ гьелъул букӏинесеб тӏубанго бараб буго гьелъие нухмалъи гьабулел гӏадамазул бажариялда, гӏакъиллъиялда, гьунаралда, жигаралда ва ритӏухълъиялда.
Хасавюрталда гӏурав, гьелъул гӏумругун цолъичӏеб сордо-къо букӏинчӏев, пашманлъиялъулъги рохалилъги, къо ккараб бакӏалда рачел къарав, шагьаралъул гӏадамазул парахатаб, хӏинкъи гьечӏеб букӏинеселъе гӏоло сундасаго нахъе къаларев Сайгидпашал хӏаракат рекӏее гӏоларо гӏадлу-низам щулалъизабизе бокьичӏезе, жидерго хасал мурадал цере гьарулезе.
— Хӏисаб гьабураб мехалда, щивасда рекъезабулеб тӏабигӏат Бетӏергьанас дие кьечӏеб куц буго. Бигьаго чиясе рагӏи дица кьоларо, кьун хадуб, гьеб тасамахӏго тезеги толаро. Нилъер гӏумруялъул роцен, гӏорцӏарал, ццулъарал чиновниказулги, хъулухъазда хадур хапдолезулги гӏаршиназ борцине тезе бегьуларо нилъеца.
Гӏолохъанаб гӏел пиводул баразе бутӏрулги чӏван, чамгӏалаб гӏумруялде сверулел ва базаралъул бокӏнилъ цурдалъелал хъурщун, хӏилла ургъулел рихьараб мехалда, щибго лъугьун гьечӏеб гӏадин вукӏине кӏолеб гьечӏо.
Некӏо нилъер умумузе хасиятаб букӏинчӏогури гьеб. Анкьумумузе хасиятаб яхӏги бахӏарчилъиги музеялъул жавгьар-якъуталде сверулеб буго. Нилъер магӏарул халкъ мигьлъулеб ва мискинлъулеб буго. Жакъа гӏакъилзабилъун чӏун, халкъ нухкъосутӏе бачунел чиновниказда абизе рагӏи батулеб гьечӏо, — ян бицана гьес.
Ахӏи басра гьабуге, гьудул къварид гьавугейилан рукӏуна гӏакъилал магӏарулал. Кӏудияв гӏакъил, машгьурав шагӏир Цӏадаса Хӏамзатица гӏалимчи-гӏарабист Кьохъа Султӏанмухӏамадиде абун буго гьабсагӏат гьаниве Гӏабдурахӏман Даниялов вачӏине вугин, гьесулгун дур лъай-хъвай гьабизе бугин. Кӏваричӏин, баркала кьун буго гӏалимас, гьев халкъалъул мацӏакь вугев чиясдехун рекӏел цӏайи цӏикӏкӏани, Аллагьасдехун дунго гъапуллъилилан хӏинкъун вугин живилан. Дир иш гӏаксалда буго. Дир пикрабиги къасдалги гьесда сверухъ женжедулел ратула. Амма, цо хвасарлъи буго, гьеб дида лъала. Ахираталда нилъее рокьаралгун цадахъ рахъунин абулелъул, гьесие алжан щвеялде хьул буго.
Доб букӏана гьев шагьаралъул депутатлъун вугеб 1995 сон. Дица гьесул хӏакъалъулъ хъвараб «Рекӏелъ рекӏараб цӏа свинчӏони…» абураб гьитӏинаб макъалаялда гьесул букӏинесеб жеги цебе бугин бихьизабулеб букӏана.
«Гьалагаб чоца чотӏахъанасул кинигин инсанасулги хӏалбихьула гӏумруялъ. Дунялалъул, диналъул, сиясаталъул бутӏаялда чанги гучаб карачелалъ гама гӏадин кӏовокӏана заманалъги низамалъги Сайгидпаша, амма гьев тӏуркӏичӏо, къуркьичӏо. Дида ккола бахӏарчияй эбел Забидат-хӏажиялъул насихӏаталъ, хитӏабалъ рухӏияб къуват кьун батилин гьесие. «Дуда божараб халкъалъул къварилъиги рохелги дурго гӏадин къабул гьабиялъулъ буго дур букӏинесеб», — илан абураб эбелалъул калима гьесул гӏинда багъулеб букӏана даим.
Тӏабигӏат цӏилъулеб, гӏадамазул ракӏал роха-хинлъулеб ихдалил гӏужалъ дунялалде вачӏана гьанже жиндир хатӏги цӏарги ракьалда хутӏизесев инсан Сайгидпаша.
Ралъдалъе гӏедегӏараб гӏор гӏадин ун батула гьаб гӏумру, гьале нилъер багьадурилан рагьдухъе щвана кӏиго лъеберго лъагӏел. Гьеб буго гӏумруги гӏакълуги цӏубалеб гӏуж.
Сапар битӏаги церехун унезе.
Муса Хӏажигӏалиев