Хвалчаби Кавказалде Россиялдасаги цере щвана
«Дагъистанияс живго мурадалде щваравлъун рикӏкӏунаан йокьулей чӏужуги, гъабардаязул чуги, базалай абураб ханжарги, мадьяразул туманкӏги бугони», — ян хъвалеб буго гӏалимчи Хӏасан Алкъадарица.
Мадьяразул тункӏил (гьелда абулаан мажариланги) бакӏлъи букӏана 18 килограмм. Гьелда мажарин абиялъе гӏиллаги букӏана – нилъер умумул татаразул Маджар абураб шагьаралде даран-базаралъ щолел рукӏин.
Магӏарухъ жеги-харги цӏунун хутӏун руго парс, гӏараб ва цогидалги мацӏаздаса рачӏарал некӏсиял хвалчабазул ва хунжрузул цӏарал. Масала, мисриязул хвалчен (Египеталдаса бачӏараб), паранг хвалчен (Франция), тисс маймун (Дамаскалдаса машгьураб хвалчен, цогидаб яргъида гьоркьоб гьелъул кӏудияб къимат букӏана).
Кавказалъул рагъул заманалда ва гьелде щвезегӏан магӏарулазул яргъилаб сурсаталъул бицунеб букӏана тарихчагӏаз дагьалъ цебе Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб данделъиялда.
Тарихчи Маркъо Шагӏбановасул рагӏабазда рекъон, Наполеонилгун букӏараб рагъдаса ва Кавказалде гӏурусазул пачаясул аскараз гьабураб гьужумалдаса хадуб, гӏурусазул нухмалъиялда бичӏчӏана жидерго хвалчаби, цогидал халкъазул яргъида дандеккун, гӏемерго къадарал рукӏин. Хвалчабийин абуни Кавказалда раккана Россиялдасаги цере.
Маркъо Шагӏбановас бицухъе, хунжрузул кӏудияб машгьурлъи Кавказалда букӏун буго нилъер эраялде щвелалде ХӀII гӏасруялда. Магӏарулазул хунжрул рукӏана чӏахӏиял ва бакӏал, гьезда цохӏо гъуризе гурони, борлъизе кӏолароан. Гъабардаялдаса хвалчаби рукӏана чӏедерал, цӏакъго чӏахӏиял гурел. Шапсугазул хвалчаби — къокъал ва гӏатӏидал, гьез лъураб ругъун хвалилаб букӏунаан.
Магӏарулал къабул гьарулел рукӏинчӏо
Дагъистаниял, аслияб куцалда, лъелал аскаразда рукӏунаанин бицана тарихчи Тимур Айтберовас. Амма гьезул нухмалъулев чотӏа вукӏунаан.
Айтберовас бицана цо гьадинаб хӏужаялъул хӏакъалъулъги. Гуржиялда, гиназ Амелахвалил бакӏалда рукӏарал ансадерида рагӏун буго Надир-шагь Дагъистаналде гьужумгун вачӏунев вугилан. Гьениса къватӏире рахъун кӏиабилеб къоялъ Сугъралъе щун руго. Гьебгиха цадахъ гӏемераб рагъулаб сурсатги бугел чагӏи.
Амма гьелдаго цадахъ абизе ккола, магӏарулал къабул гьарулел рукӏун гьечӏо Закатала мухъалда Чӏарлъиялъул магӏарулазул аскаразда гъорлъе. Гьелъие гӏиллалъун букӏанила магӏарулазда кьерда чӏун рилълъине лъангутӏи.
Магӏарулал доз тӏасанккарал гӏадамаллъун ва хъачагъаллъун рикӏкӏунел рукӏун руго. Гьеб гуребги, магӏарулал рагьараб рагъулъ рагъулароанила, амма мугӏрузда рагъизе гьезулъе рахарал чагӏи рукӏинчӏила.
Тункӏихер
Магӏарулаз тункӏихер хӏадурулаан бищунго гӏадатияб куцалда. Гӏемерисел росабалъ мажгиталъул къел ракьанда яги годекӏанир рукӏунаан жаниса рикӏарал кӏудиял ганчӏал. Тункӏихер къваригӏарав чияс вачӏун гьенивегун, балаан гьеб ганчӏида жанибе чӏабатӏгун тӏурччи ва селитра. Цинги, чанго чиги тӏаделъун, цо цӏулал алаталъ хӏарулаан гьеб кинабго. Гьелъул лъугьараб хӏур, дагьабго лъимги тӏаде тӏун, буцулаан. Гьеб жо балаан чахъдал тӏомол гьабураб таргьинибе. Цинги гьеб кутакалда кӏобокӏулаан буцараб жоялъул гарал лъугьинегӏан. Гьел гаралги цӏалкӏиниреги ран цӏалкӏулаан. Гьедин цӏалкӏун бачӏараб хӏур кколаан тункӏихер. Дол хутӏарал гаралги цӏидасан цӏалкӏулел рукӏун руго гьагъабго хӏур лъугьинегӏан. Гьедин тункӏихер гьабулел бакӏал рукӏанила Даргъорги, Унсоколорги, Веденорги, Гъунирги. Гьенире селитрагун чӏабатӏ бачӏунеб букӏун буго Кьохъа, Муниса, Гъуниса, Хӏотӏочӏиса, Хьиндахъа, Нахъахьиндаллъиялдаса ва Гӏандаллъиялдаса. Рагъулаб хъулухъ гьабиялда бащалъулеб букӏун буго гӏадамазе гьеб иш. Гьелда цадахъго тункӏихарие хӏажатаб жо гьел мастерскаязде щвезабурал хъизамазе имамасул рахъалдаса гӏарцул 1,5 гъурущги кьолеб букӏун буго.
Ярагъ къанагӏатаб мех букӏиналъ гӏурусазул гӏарадабаздасан риччарал гумпараби ракӏараралъухъги цо-цо росабазул гӏадамал магъалоялдаса эркен гьарулел рукӏун руго Шамилица.
Гьединго магӏарулазда лъалеб букӏун буго гранатаби цӏезеги. Амма тункӏихер гӏураб къадаралда букӏинчӏолъиялъ гьез гьел салулги цӏезарун, гумпараби гӏадин речӏчӏулел рукӏун руго тушманасда.
Магӏарулазул гӏарадаби ва ракетаби
Тарихчи Хӏажимурад Доногъохъ ругел баяназда рекъон, имам Шамилица гӏуцӏараб «Имамат» пачалихъалда киданиги букӏун гьечӏо артиллерия. Гӏарада гьабизе Дагъистаналда байбихьун буго XVIII гӏасруялда ва цохӏо Кубачи гурони тӏокӏаб кибниги гьабулебги букӏун гьечӏо. Руго баянал Надир-шагь Дагъистаналде вачӏунаго гьесухъа чанго гӏарада бахъун букӏанинги, амма хадур гьел кирниги хӏалтӏизарунин абураб баян гьечӏо.
Шамилида кӏванин артиллерия рагъулаб тайпаялде гъорлъе бачинеян рикӏкӏунеб буго Доногъоца.
Цин гӏарада биун тӏезе ва гьелдалъун артиллерия гӏуцӏизе бегьулин абураб пикру гьесухъе щвезабун буго тункӏихергун гулби хӏадуриялъул рахъалъ Имаматалда жаваб кьолев вукӏарав Гьидалъа Мухӏамадица. Чанго маххул чӏолоялдаса хӏадур гьабизе кколаан гӏарададул хӏара ва гьеб щулаго букӏинелъун, тӏасан оцол тӏомги букъизе бегьулин абун буго гьес. Шамилицайин абуни, лъугьунареб жо бугилан, нахъчӏван буго гьеб пикру.
Амма 1840 соналъ Чачаналдагун Дагъистаналда хӏалбихьун буго жидерго гӏарадаби хӏадур гьаризе, Доногъохъе щварал архивалдаса баяназда рекъон. Гьеб мурадалда Имаматалъул тахшагьар Даргъоб бан буго махх биунеб мастерская. Гьенив аслияв махщелчилъун вукӏун вуго Унсоколоса Хӏажи-Жабрагӏил абурав чи. Махх бииналъул балъголъаби гьес лъазарун руго Маккаялде сапар гьабулеб мехалъ Египеталда вукӏаго. Тӏоцебе хӏадур гьабураб гӏарададул гуллаялъул битӏккун гьечӏо, кьвагьун хадуб гьеб кесказде щущан ун буго. Амма хадусел гӏемерго щулиял лъугьун руго. Гьеб мастерскаялда кӏун буго лъикӏаб чанго кьвагьулеб алат хӏадуризе. Гьелъул хӏасилалда, 1843 соналда чабхъеналъ унаго Шамилил букӏун буго жиндирго гӏадамаз хӏадур гьабураб лъабго гӏарада.
Гьединго магӏарулаз хӏалбихьулеб букӏун буго жидерго ракетабиги гьаризе. Гьел гьаризе гьезда малъулеб букӏана Шамилил рахъалде вачӏарав гӏурусазул солдатас, гьесда абулеб букӏун буго Гӏурус Хӏасанилан. Гьеб букӏун буго ХӀX гӏасруялъул тӏоцебесеб бащалъиялда Великобританиялъул армиялда хӏалтӏизабулеб букӏараб, Уильям Конгрив абурав чияс ургъараб ракета.
Хадубккун гьеб ракета хӏалтӏизабизе байбихьун буго цогидал пачалихъазул армияздаги, гьелдаго цадахъ Россиялдаги. «Конгривил ракетадул» гӏуцӏи букӏун буго гьадинаб: кисанго гьеб букӏун буго маххул гъат тӏад жемараб, бакьулъ букӏун буго каратӏ, кьвагьун хадуб гьеб картӏиниса къватӏибе речӏчӏарулан ракетадул кӏкӏуй, ракета унеб рахъ рекъезабизе гьелда букӏун буго тӏеренаб хӏосги.
Амма гьединаб ракета хӏадуризе ккани, хӏажалъулаан лъикӏаланго къадар маххул ва тункӏихералъул. Гьезул абуни мугӏрузда кӏудияб къанагӏалъи букӏана. Гьединлъидал гьеб ракетаялдаса пайда босизе рес щвечӏо доб мехалда.