Республикаялъул миллиял газетазул коллективалгун дандги чӏван, гьал къоязда нижер редакциялдеги вачӏун вукӏана Виктор Быстров. Гьев ккола гӏурус миллаталъул рахъалдаса имам Шамилил цӏаралда бугеб Халкъазда гьоркьосеб фондалде вищарав вице-президент. Шамилида хурхун фондалъул хӏалтӏи гьес машгьур гьабула Гъизляр мухъалда. Журналистазулгун дандчӏваялда Быстровас бицана Кӏудияв имам гьавуралдаса 225 сон тӏубаялъул юбилеялда хурхун дагьалъ цебегӏан ДРялъул хӏукуматалъ къабул гьабураб программаялъул хӏакъалъулъ («Хӏакъикъаталъул» цересел номеразда бахъун букӏана гьеб).

Гьелда тӏасан гьадинаб гара-чӏвари ккана Виктор Быстровасулгун нижер.

— Виктор Викторович, гьабсагӏаталда (Кавказалъул рагъ лъугӏун гӏезегӏан заман ун хадубги) имамасул цӏаралъул кинаб кӏвар бугеб нилъер заманалъе?

— Гьебщинаб мехалда жаниб гьеб суал кӏочон тараб заманго букӏинчӏо. Цояз гьадин бицун, цогидаз – батӏайисан. Долдаса нахъего гьоркьоб къотӏичӏелъидал Шамилида сверухъ бугеб бахӏс: цояз гьев рикӏкӏуна Бахӏарчилъун, миллияв цевехъанлъун, цогидаз абула гьабизе кколароанин дос доб къеркьей, гьагъалщинал гӏадамалги гъурун, росабиги чӏунтизарун. Гьединлъидал къваригӏун буго гьел харбазе ахир лъезе — имамасул унго-унгояб хасиятги доб мехалда гьесда сверухъ лъугьараб хӏакъикъатги кинаб букӏарабали халкъалда бичӏчӏизабизе.

Дида ккола советияб пикруялъул хутӏел батилин гьел Шамилил хӏакъалъулъ тӏиритӏизарурал сурукъал харбалги. Турказулгун ингилисазул жасуслъунгицин гьавулев вукӏинчӏищ гьев цо заманалда. Хӏакъикъат тӏатилин хӏинкъун, кигӏан кӏваниги гъоркь къинабулеб букӏана гьесул рахъалъ батӏияб пикру. Гьанжего-гьанже буго гьеб дагь-дагьккун къватӏибе бачӏунеб.

Дица гӏемер цӏалана Кавказалъул рагъуда тӏасан тарихчагӏаз гьарурал хъвай-хъвагӏаял. Байбихьуда иш ракълидалъун тӏубазе къеркьолев вукӏун вуго имам, щайин абуни биял гӏодоре тӏезе бокьичӏолъиялъ, руччабигун лъималазда, харабазда гурхӏун. Амма доб мехалда букӏараб пачаясул хӏукуматалъ гьесда цере лъола тӏуразе кӏоларел шартӏал. Гьел тӏуран рукӏараланиги, халкъалда Шамил вичӏчӏизе вукӏинчӏо.

Гьединго дица цӏалана гӏурус тарихчагӏаз данде ракӏарарал баяналги. Масала, гьенир батӏи-батӏиял гӏадамаз бицунеб буго Калугаялда имам Шамилица гӏарцул рахъалъ кумек гьабулаанила лагълъиялда рукӏарал жидер умумузе, гӏурусазе (крепостные крестьяне – авт.). Гьединго имамас гӏурус пачаясухъе кагъатги хъван букӏун буго гьеб крепостное право абураб лагълъиялдаса гӏадамал тархъан гьареян.

— ???

— У. Буго гьединаб кагъат (письмо-прошение). Къваригӏарав чиясда Москваялда тарихалъул музеялда батула гьеб. Шамилил хӏакъалъулъ бахъараб энциклопедиялда дидагоги бихьанаӏ .

Палхӏасил, имамасул хӏакъалъулъ битӏараб бицине къваригӏун буго гӏун бачӏунеб гӏелалда. Дица абулеб гьечӏо Шамилил хӏакъалъулъ гӏицӏго лъикӏаб жо гурони хъвазе бегьуларилан. Гъоб дица рехсараб энциклопедиялда рихьизарун руго гьесул цогидал гӏамалалги. Амма щиб батаниги, битӏараб бицине тезе ккола.

Гӏолилазда гьанже тарих, хасго нилъерго тарих, цӏакъ мукъсанго гурони лъалеб гьечӏо. Яги бищунго гьев имам лъалев гӏолохъанчиясдагицин кколеб батула Шамил гӏицӏго магӏарулазул Бахӏарчи вукӏанилан. Гьезда гӏайиб щиб, цо-цо мехалда чӏахӏиязгицин абула гьедин. Тарихалдасан нилъеда лъалелъулха гьесул аскаразулъ батӏи-батӏиял миллаталги рукӏараблъи. Хасго асир гьарурал гӏурусал – хадуб гьез ярагъ гьабизеги малъун буго Шамилил рагъухъабазда.

— Дуца цебехун ракӏалде щвезабуна имамасе иш ракълидалъун гьабизе къваригӏун букӏараблъи. Гьелъие ресал рукӏанадай?

— Рукӏанин тола дица, гьанжелъагӏан цӏалараб литератураялдаса босун абуни. Амма кӏалъан рагӏи данде кколарев чиясул хӏакъалъулъ гӏадин, Шамилил хӏакъалъулъ пачаясда батӏайисан бицун батизе буго гьев вокьуларел чагӏаз. Гьанжеги гьечӏищха гьединалго гӏадамал, лъикӏав чи квешав вугилан чӏезабулел.

ӏАмма Шамилил тарих лъазабулев гӏалимчи Хӏажимурад Доногъоца абуна жинда гьединаб документ бихьичӏила. Гьединго Калугаялда имам Шамилица хӏаракат бахъулаанила пачалихъалъул суалазда гьоркьове лъугьинчӏого чӏезе. Имамасе кӏвар бугеб аслияб суал букӏанила жив хӏежалде ине виччай.

Зульфия Хӏажиева