ДФИЦалъул Каспиялда цебе бугеб Биологиял сурсатазул институталъул Ракьулгун хурдузул лабораториялъул нухмалъулев, биологиял гӏелмабазул кандидат, доцент, ДРялъул Тӏабигӏат цӏуниялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан Рамазан Муртазагӏалиев ккола Цӏумада районалъул Гъоркь Гьаквари росулъа. Эбел – медицинаялъул хӏалтӏухъан, акушерка, эмен – шофер. Эбел-эмен хӏалтӏулел рукӏана райцентралда, Агъвали росулъ. 28 сон барав Рамазаница цӏунана биологиял гӏелмабазул кандидатлъиялъе диссертация.
Росдал школаги лъугӏизабун, Рамазан цӏализе лъугьана ДГУялъул биологиялъул факультеталде. Эбелалъе бокьун букӏана гьев тохтурлъун вахъине – гьелъул мурад тӏубазе гъираялда, кӏицӏул хӏалбихьана мединституталде лъугьине. Амма гӏурус мацӏалъул экзаменалъ гъоркье рехана.
Университеталда цӏалулаго Рамазаница тӏаса бищана ботаника. «Бокьун букӏана экологиялъул махщелчилъун вахъине, амма ракӏалъ цӏана ботаникаялде», — ян ракӏалде щвезабуна гьес.
Дипломалъул хӏалтӏи хъвалаго, хӏукму гьабуна аспирантураялда цӏализе. Лъай-хъвай гьабуна МГУялъул профессор, РАНалъул член-корр. Вадим Тихомировасулгун. Тӏоцебесеб курсалдаго тӏаса бищун букӏана гӏелмиял цӏех-рехазе темаги – «Богоссалъул хурдузул цӏех-рех гьаби». Богоссалъул щобазда рижулел хурдул лъазаризе гӏемер хьвадана Рамазан. Гьесул дипломалъул хӏалтӏулъ рехсон буго Шамил, Лъаратӏа, Бежтӏа, Цӏунтӏа ва Цӏумада районазда рижулел хурдузул 1200 тайпаялъул цӏар. Бицунеб буго гьезул хӏакъалъулъги. Щуабилеб курсалда, дипломалда тӏад хӏалтӏизе кьураб заманалда, гьев ана Москваялде, дандчӏвана В. Тихомировгун, бихьизабуна гьесда дипломалъул хӏалтӏи. Гьесго къотӏи гьабуна аспирантураялда гӏолохъанав гӏалимчиясе бакӏ теялъул хӏакъалъулъги.
Амма риидал В. Тихомиров хвана, ва Рамазан цӏализе лъугьине ккана ДНЦялъул аспирантураялде. Хъвана ва цӏунана Мухӏамадрасул Дибировасул нухмалъиялда гъоркь гӏелмабазул кандидатлъиялъе диссертация ва хӏалтӏулев вуго ДФИЦалъул Каспиялда цебе бугеб Биологиял сурсатазул ва экологиялъул институталда.
— Рамазан, Богоссалда ва цогидал бакӏазда рижулел хурдузда гьоркьоб кинаб батӏалъи батараб? Ругищ гӏицӏго гьенир гурони дандчӏваларел?
— Богосс буго кӏудияб габурлъи ва гьенирго рижулел хурдузда гьоркьобцин буго батӏалъи. Гьеб бараб буго тӏабигӏиялгун гьава-бакъалъул шартӏазда. Масала, Богоссалъул борхалъудегӏан гӏагараб буго Цӏунтӏа район. Гьенир рала бищун гӏемер цӏадал. Гьеб рикӏкӏуна бищунго регьел цӏикӏкӏараб Дагъистаналъул бакӏлъун. Болъихъ район рикӏкӏуна, гьелде данде ккун, ракъдаллъи гӏемераблъун. Богоссалъул борхалъи гьениб бахуна 700 метралде, Цӏунтӏайин абуни — 4100 метралде. Гьел шартӏазда рекъараб бижула гьениб херги. Рохьал, харибакӏал, кьураби ва хьуцӏал – гьединал бакӏазда рижулел хурдулги рукӏуна батӏи-батӏиял.
Гӏагарда ругел тӏабигӏиял бакӏазда рижулел хурдузул релълъен-хъвай камуларо. Гьединлъидал ратула батӏи-батӏиял бакӏазда рижулел цогоял хурдулги. Ратула къанагӏаталги, гӏицӏго пуланаб бакӏалъе хасияталги. Масала, Цӏунтӏа районалда гурони бижуларо «лещина древовидная» абураб тайпаялъул цӏулакьодул гъутӏби. Базаралда бичулеб парс-цӏулакьоялъул букӏуна тӏеренаб хъал, гьеб гӏезабула ахикь. Цӏунтӏа руго парс-цӏулакьодул рохьал, ай гьеб жибго бижула. Руго гӏицӏго Богосс габурлъиялда рижулел хурдул: астрагал – Болъихъ районалда, сурепка – Бежтӏа участокалда, гвоздика тляратинская – Лъаратӏа районалъул Кӏособ росдада гӏагарлъухъ; 1970-абилел соназда Богоссалда, мухӏканго абуни, Цӏунтӏа районалда, батана Вероника Богосская абураб тӏегь – 3000 метралъул борхалъуда бижула гьеб. Хадуб гьеб батана Цӏумада районалъулги Чачаналъулги гӏорхъода ва Чачаналдаги. Гьединал хурдузда абула локалиял эндемикалин абун.
— Къанагӏатал хурдул тӏагӏиналъул хӏинкъи бугищ?
— Буго. Масала, кӏосдерил щобазда бижула къанагӏатаб гвоздика. Нагагь нух гӏатӏид гьабизеян гӏадамал лъугьани, рехсараб тайпаялъул гвоздика тӏубанго тӏагӏиналъул хӏинкъи буго. Эхедегӏанги бижулеб батила гьеб, амма къадарниги дагьлъичӏого хутӏиларо.
Къанагӏатал хурдул цӏуниялъул мурадалда ва ДРялъул Тӏабигӏиял сурсатазулгун экологиялъул министерствоялъул тӏадкъаялда рекъон, нижеца хӏадурана ва гъоркьиса басмаялде бахъана «Дагъистаналъул Багӏараб тӏехь», гьелъул редакторазул цоявлъунги ккола дун. Аслияб масъала буго къанагӏатал ва «Багӏараб тӏехьалда» хъварал хурдузулги тӏугьдузулги цӏарал бакӏалъул халкъалда лъангутӏи. ДРялъул Тӏабигӏиял сурсатазулгун экологиялъул министерствоялъ районазда ругел жидерго идарабазул кумекалдалъун гьабизе ккола гьеб рахъалъ хӏалтӏи.
— Чан тӏехь ва гӏелмияб макъала бахъараб дур?
— Гӏаммаб къадаралда – 200-гӏанасеб. Гьезда гьоркьор руго 17 монография ва цогидал авторазда цадахъ хъварал тӏахьал.
— Тӏахьал рахъизе рес кин батараб?
— «Багӏараб тӏехь» бахъана рехсараб министерствоялъул харжалъухъ. Руго Дагъистаналъул заповедникалъ кумек гьабун рахъаралги.
— Исана хасало ахӏи бахъун букӏана Лъаратӏа районалда гӏалхул дугӏнулги, багӏнасалги, чундулги холел ругин абун. Щиб букӏине бегьулеб гьелъие гӏиллалъун?
— Гӏалхул хӏайваназул рукӏуна, рукъалъул боцӏулго гӏадин, батӏи-батӏиял унтаби. Гьел рахине бегьула рукъалъул хӏайваназдеги. Гьеб тӏабигӏияб иш буго, ахӏи базе ккараб хӏалги гьениб букӏунаро. Россиялда руго гӏалхул хӏайваназул къадар цӏуниялъул мурадалда, унтарал ва квачӏ-бох бекарал жанаварал сахлъизарулел хасал централ. Дагъистаналда хӏалбихьун букӏана тюленал цӏунулеб гьединаб центр рагьизе, амма гьелъул хӏасил жеги ккечӏо.
— Дида бицана мун къватӏисел улкабазда сапаразда гӏемер вукӏанин абун…
— Хӏакъикъаталдаги, дун щвана гӏемерал улкабазде – гӏелмиял дандеруссиназда гӏахьаллъизе, пуланаб темаялда тӏад хӏалтӏулаго, магӏишатияб къотӏиялда рекъон хӏалтӏизеги. Масала, ахирисеб сапар букӏана декабралда Колумбиялде – Москваялъул экотуризмалъул фирмаялъулгун гьабураб къотӏиялда рекъон. Фирмаялъул руго тропиказда ругел улкабазде сапарал гьариялъул маршрутал – хӏисабалде росула сапаралда рукӏаго дандчӏвалел къанагӏатал хурдул, гъутӏби, хӏайванал, тӏабигӏиялгун архитектуриял памятникал ва гь.ц. Гьеб фирмаялъул тӏадкъай тӏубазе дун щвана Югалъулаб Африкаялде: Зимбабвеялде, Замбиялде, Ботсванаялде ва хӏадурана Югалъулаб Африкаялъул хурдузухъ балагьизе рес кьолеб цӏияб маршрут. Югалъулаб Африка рикӏкӏуна, хурдузул рахъалъ хасаб ханлъун, ай Капское царство. Кинабниги буго анлъго царство. Гьезда гьоркьоб Капское царствоялъул флора буго гӏажаибго берцинаб ва тайпабазул рахъалъ бечедаб.
Гьеб маршруталда туристасе пайдаяб кинаб гъветӏ-хер бугебали баян гьаби букӏана дир сапаралъул аслияб мурад.
— Дуца 20 соналъ дарсал кьолел руго медуниверситеталда. Абитуриентазул лъаялъулъ батӏалъи халлъулеб бугищ?
— Медуниверситеталде цӏализе гӏемер рачӏуна тӏокӏлъиялда школа лъугӏизабурал гӏолилал. Группаялда 5-6 студент вукӏуна багӏараб дипломалде гъирагун цӏалулев. Гьоркьохъеб хӏисаб гьабуни, студентазул лъай загӏиплъун буго 20 соналъ цебе букӏаралдаса. Амма цӏализе гъира бугел студентал кидаго рукӏана. Гьанжесел студентаз хӏалтӏизарула гаджетал, Интернет, хисана лъай кьеялъул къагӏидаби, студентазул хӏадурлъиялде рукӏарал тӏалабал. Студентаз хӏаракат гьабула лъай щолеб къагӏида бигьалъизабизе – телефоналдаса ва цогидал гаджетаздаса пайдаги босун.
— Хисана лъай кьеялъул къагӏидаби. Гьезул пайда бугищ, дур пикруялда?
— Гьелъул пайдаялъул хӏасил гьабун бажарила гӏицӏго кӏиябго системаялда хӏалтӏарав чиясухъа. Дир пикруялда, Болоналъул конвенция къабул гьабиялъ кьучӏдасанго биххизабуна советияб заманалъул лъай кьей. Щиб лъалеб, гьелда хъвачӏого тарабани, хӏасилал лъикӏал ккезеги рес букӏун батила. Хьул буго гьел хиса-басиял гьарияздаса ракӏги бухӏун, инкар гьабиялдеги. Масала, цебе гӏелмиял центразухъ букӏараб аспирантура кьуна тӏадегӏанаб лъай кьеялъухъе. Дагь-дагьккун аспирантура тӏад буссинабулеб буго букӏарабго бакӏалде.
Гара-чӏвари гьабуна Кавсарат Сулеймановалъ.