Бокьараб росулъ рукӏунел ратила, щиб кканиги аскӏоре унел, киназго адаб гьабулел гӏадамал. Гьединаллъун Казбек районалъул Гуни росулъ ккола Нагӏатовалги. Гьеб росулъ буго киданиги къунареб ва кидаго росуцоязул хӏажалъи тӏубалеб «Нагӏатил иццги». Гьединабго къин гьечӏеб бугин абула гьезул тухумалъул росдае ва росуцоязе кумек гьабизе бугеб гъираги. Гьезул вакил, гӏемерал соназ росдал колхозалда шоферлъунги хӏалтӏун, гьабсагӏаталда хӏалхьиялда вугев Нагӏатов Исхӏакъилгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвари.
— Исхӏакъ, дур эмен (Ибрагьим) гӏумруялъго хӏалтӏун вуго вехьлъун, вукӏун вуго гӏиял бригадирлъун. Амма дуца тӏаса бищун буго техникаялда хурхараб махщел…
— Щивасул буго жинди-жиндир нух, дидаги батана дирабго. Мунагьал чураяв эмен вукӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи, гьениса вуссаралдаса нахъе гӏемерал соназ хӏалтӏана вехьлъун, гӏиял бригадирлъун. Гьев вукӏана лъикӏав, нухмалъиялъ рикӏкӏунев хӏалтӏухъан, къадруялда вугев, лъикӏаб цӏар нахъе тарав инсан. Гӏемерисеб заманалда гьев вукӏунаан хъутабаздаги магӏардаги гӏияда хадув, рокъов вугеб мехго гӏемер букӏунароан. 7-8 классазда цӏалулеб заманалда дица хӏукму гьабуна Буйнакск шагьаралда бугеб механизациялъул училищеялде цӏализе ине. Гьениб студентазе кьолаан стипендияги, ретӏине ретӏелги, кваназе квенги, гьединлъидал дица гьеб тӏаса бищана. Кӏиго соналъ гьенивги цӏалун дие щвана шофер-механизаторасул аттестат.
— Гӏемерал соназда хӏалтӏарав дур цӏар ун буго киданиги авария ккечӏев шофер хӏисабалда. Букӏанищ гьедин?
— Букӏана. Гьебгощинаб заманалда жаниб я цониги нухалъ авария, я цоги гьелда релълъараб лъугьа-бахъин ккечӏо.
— Дур хӏалтӏул гӏаммаб стаж кколеб буго 44 сон. Захӏмалъи-бигьалъиялъул, щолеб букӏараб мухьалъул хӏисаб гьабун, кинаб къимат дуца кьолеб доб заманалъул хӏалтӏуе?
— Гьанже ругезда лъалареб, гьезда бичӏчӏизе захӏматаб хӏалалъул хӏалтӏи букӏана доб мехалъ. Цо минуталъ кватӏичӏого, цо къо гьоркьоб камичӏого тӏубазе кколаан кинабго. Амма гьеб захӏмалъиялда рекъараб букӏунароан щолеб мухь, кьураб жоги босун сихӏкъотӏун рукӏунаан хӏалтӏухъабиги. Къокъго абуни, нижеда бихьараб къоги, нижеца гьабизе ккараб хӏалтӏиги гьанжесеб гӏелалъ баччулеб, хӏехьолеб жо гуро. Хӏалтӏи гӏемерго дагьлъун, бигьалъун бугониги, дида рагӏаралда ва бицаралда рекъон, гьабсагӏаталда хӏалтӏухъанасе щолеб мухь гӏезегӏан цӏикӏкӏун буго.
— Гьанже гӏемерисезда лъазецин лъаларо «трудодень» абураб жо. Доб мехалъ гьездалъун рикӏкӏунаан гьабураб хӏалтӏи. Дур пикруялда, битӏараб къагӏида букӏанищ гьеб?
— Щибаб заманалда руго жидер гӏуцӏиялда рекъарал къагӏидаби. Цо заманалда, хӏакъикъаталдаги, гьабураб хӏалтӏул даража борцунаан, гьелъие къимат кьолаан щварал «трудоденазда» рекъон. Магӏишаталъ (колхозалъ) пачалихъалда цере киналго планалги тӏуран нахъе хутӏаралдаса дагьа-макъаб жо (гьан, нах, картошка, ролъ ва гь.ц.) щун гурони, гьезда хадуб гьедин гӏемер жоги щолароан. Херлъун вукӏиналъ мухӏканго ракӏалда гьечӏо кида гьеб ккарабали, амма гьеб къагӏида заманалдасан хисана. Дур хӏалтӏуда рекъон моцӏрол ахиралда дуе кьолеб харж гӏемерго лъикӏаблъун ва битӏараблъун бихьула дида.
— Гьаб заманалда гӏемер рукӏуна артистазул, кочӏохъабазул батӏи-батӏиял конкурсал, амма дида рагӏичӏо дояркабазда, механизаторазда гьоркьор гьел тӏоритӏулел рукӏин. 1962 соналда «За лучшую комсомольскую кукурузу» конкурсалдаги бергьун, дуе щун буго Хӏурматияб грамота. 1974 соналда дуе кьун буго «Победитель социалистического соревнования 1974 года» гӏаламат. Дур руго жеги шапакъаталги. Гьеб киналдаго хурхун щиб абилеб?
— Пачалихъалъул гӏуцӏи букӏана додинаб, гьанжеялдаса тӏубанго батӏияб, гьеб дуца рикӏкӏараб кинабго ккола долъие хасиятал гӏаламатазул цояб. Кин бицаниги, доб мехалъ цӏакъ хӏалтӏуда тӏадчӏун рукӏунаан, гьелде кьолаан аслияб кӏвар. Гӏемер гӏуцӏулел рукӏарал гьел «социалистиял къецалги», гьезул хӏасилазда рекъон кьолел цӏаралги, шапакъаталги рукӏана хӏалтӏи цебетӏеялъе, гьелъул цӏиял къагӏидаби рилълъанхъизариялъе чӏезарурал. Масала, дие гьездаса расги пайда букӏинчӏониги, гьеб кинабго къабул гьабулаан хӏалтӏулев чи кӏодо гьавиялъул магӏнаялда. Хӏалтӏи захӏматаб, щолеб мухьги мукъсанаб букӏаниги, гӏадатияв хӏалтӏухъанасул къадру-къимат гьабулаан доб мехалъ.
— Дур буго 82 сон. Гьеб ригьалъул чи гӏемер ругищ росулъ, хъизан-рукъалъул щал ругел, кинал ва сундул пикрабазда унеб заман?
— Дица 6-7 сон балелдаго хвана дир эбел (Умайсат), цинги инсуца ячана цоги чӏужу (Хӏалимат). Гьелъ гьабуна дие эбеллъи, эмен къадаралде щваралдаса (1970 сон), гьей жийго хвезегӏан (1992 сон), 22 соналъ, берцинаб хӏалалда, дидаго аскӏой дицаги хьихьана гьей. Дир руго щугоял – 3 васги 2 ясги, киналго руго жиде-жидер магӏишаталда. Цо васги ясги руго росулъ. Дидаса дагьаб цӏикӏкӏараб ригьалъул чи росулъ ватила 5-6. Гьанже гӏемерисел пикраби руссунел руго доб дунялалдехун, как-диналда тӏад инабула заман.
— Дуе бугеб пенсиялдаса рази вугищ мун?
— Дие щола 30 азарго гъурущ, амма дир документазда рекъон дагьаб цӏикӏкӏун букӏине кколаан. Дун рази вугин яги гьечӏин абун тӏаде бачӏунеб жоги гьеб гурелъул, кьураб жоги босун, щукруги гьабун чӏеялдаса лъикӏаб жо гьечӏо.
— Росуцояз абухъе, мун кидаго вукӏун вуго жигарав жамагӏатчи, кумекалъе хӏадурав хӏаракатчи…
— Гьединги букӏана, гьединал рукӏун ратила цогидалги. Гьаб буго заманалъул рукъ, нилъги кидаго гьанир рукӏинесел гӏадамал гуро, ругебгӏан заманалда хӏажатасе кумек гьаби буго тӏадаб налъи. Дица киданиги течӏо кумек къваригӏун аскӏове вачӏарасе бажарараб гьабичӏого, гьанжеги гьабула.
— Нужер росулъ буго «Нагӏатил ицц»…
— Дир минаялъул кӏалтӏа бугеб гьеб ицц бахъун буго дир инсул эмен Нагӏатица. Халатккун цӏадал рачӏеб, ракъдаллъи ккараб заманалда дагьаб тӏеренлъун гурони, дида лъан гьеб ицц киданиги къинчӏо.
— «Хӏакъикъат» газеталъул рахъалъ щиб абилеб, щолищ духъе гьеб, цӏалулищ?
— Кидаго хъвала, цӏалула. Кӏодолъун вугелъул, тӏолабго цӏалун бажаричӏониги, балагьула, дагь-дагьабниги цӏаличӏого толаро. Дир хӏисабалда, магӏарул газета хъвазеги цӏализеги ккола киналго магӏарулаз, гьедин бугони, пайда гурого, кинабгӏаги зарал букӏине гьечӏо.
Гӏабаш Гӏабашилов