Кӏиго щуйил тӏад хъвараб болъодул хӏокӏги тана,
Таваккалаб хаселалъ расулъ мугьруги лъуна.
(Къурбан Кӏулизанов)
Къурбан Кӏулизанов. Шагӏир, журналист, кочӏохъан, композитор, лъикӏав инсан. Къурбан Кӏулизанов. Шагӏир, журналист, кочӏохъан, композитор, лъикӏав инсан.
Гьитӏинабго росулъа васасул гьаракь цин лъалхъана гӏагараб росдал сухъмахъазда, цинги гьелъ нух бахъана Лъаратӏа районалъул рорхатал мугӏрул тӏогьазде ва гьенисанги боржана гӏатӏиракьалде, байбихьуда чӏей гьабуна Махӏачхъалаялда ва цинги зама-заманалдасан – тӏад буссун щола магӏарухъе. Магӏаруллъиялъухъ урхъараб гьесул гьаркьида дандчӏвай гьабула рорхатал мугӏрузда гӏумру гьабун ругел магӏарулаз. Гьез чӏвараб хъатгӏан кӏудияб сайгъат кинабха букӏинеб кочӏохъанасе. Рагӏана Къурбанил гьаракь магӏарул радиоялдасанги, Авар театралъул сценаялдасанги ва магӏарул кочӏое сайгъат гьарурал цогидал тадбираздаги. Кив цеве вахъаниги, гьев хутӏана Дагъистаналъул васлъун, гье-лъул гӏадатал-гӏамалалгун, рохел-пашманлъигун, рукӏа-рахъингун.
Гьавуна Къурбан Лъаратӏа районалъул Тӏохьотӏа росулъ. Гьитӏинго бижана гьесулъ магӏарул кочӏоде рокьи. Къурбаница школалдаго байбихьана музыкалиял къецазда гӏахьаллъизе. Соналдаса соналде тӏегьалеб букӏана гӏолиласул рекӏелъ кочӏоде рокьи.
1989 соналда армиялда хъулухъги гьабун, рокъове тӏадвуссарав Къурбан цӏализе лъугьана Дагъистаналъул культураялъул училищеялде. Цӏалиялдаго цадахъ гьев хӏалтӏизеги лъугьана Авар театралде.
Театралъул коллективгун цадахъ гьев щвана киналго магӏарул районаздеги. Гьенив хӏалтӏулаго, гьес ролал хӏана гӏемерал спектаклязда. Масала, «Фатима» спектаклялда – Султан, «Мугӏрузул Гӏали» спектаклялда – Ахӏмад, «Ахӏулгохӏ» спектаклялда – Гӏабдурахӏман, «Хӏикматаб щвантӏих» — Иванушка (лъималазе), «Мала Насрудин» — цӏогьор, «Хӏикматаб сандукӏ» — Аци-баци (лъималазе), «Рокьул ахӏи» — Хизирхан ва цогидалги спектаклязда. Гӏолохъанав актерасул пагьму-гьунарги бихьун, гьесухъе чанги кьуна аслиял ролалги. Ва Къурбаница кидаго ритӏухъ гьабулаан жинде театралъул нухмалъиялъ гьабураб божилъи. Гӏемер гӏахьаллъана гьев гурхӏел-рахӏмуялъул тадбираздаги.
Ахирал соназда цӏакъго машгьурлъана кочӏохъан хӏисабалда. Гьанжелъизегӏан гьес къватӏибе биччан буго жинцаго ахӏулел кучӏдузул 18 альбом. Гьединго махщел буго Къурбанил кучӏдул хъвазеги. Гьес къватӏибе биччана кӏиго тӏехь ва цо аудиотӏехь. Къватӏибе биччазе хӏадурун буго жеги кӏиго тӏехьги.
Кинал къецазда гӏахьаллъаниги, Къурбание щолаан цересел бакӏал. Масала, «Музыкалияб майданалда» гьев вахъана лауреатлъун, Тӏолгороссиялъул миллияб кочӏол «Авадан» конкурсалда гьесие щвана кӏиабилеб бакӏ. Гӏахьаллъана Северияб Кавказалъул профессионалиял театразул фестивалалда. Студентлъун вугеб заманалдаго, гьес роль хӏана «Хвалчабазул рагӏдукь алжан» абураб имам Шамилил хӏакъалъулъ бугеб киноялдаги.
Дагъистан тун къватӏирги кьуна Къурбаница гӏемерал концертал. Магӏарул кочӏол гьайбатаб къисаялъул гьес бицана Ростовалда, Волгоградалда, Екатеринбургалда, Москваялда, Уфаялда, Ставрополь краялда, Санкт-Петербургалда, Азербайжаналъул Белокан ва Закатала районазда ва Россиялъул цогидалги регионазда.
Шагӏир хӏисабалдаги, машгьурав вуго Къурбан магӏарулазда гьоркьов. Гьесул кучӏдул ахӏула Зайнаб Махаевалъ, Зумруд Гӏабдулаевалъ, Хӏажилав Хӏажилаевас, Шамил Ханахъаевас, Гӏайшат Насрулаевалъ, Патӏимат Гӏабдулаевалъ, Муминат ва Тӏавус Мухӏамадоваз, Гӏарип Гӏариповас ва цогидалги машгьурал кочӏохъабаз. Гьесул рагӏабазда ахӏулеб нусгоялдаса цӏикӏкӏун кечӏ буго «Прибой» радиостанциялда.
Живго Къурбаницаги кечӏ ахӏи байбихьана магӏарул адабияталъул классиказул рагӏабаздасан — Махӏмудил, Инхоса Гӏалихӏажиясул, Хӏамзатил Расулил ва цогидазулги кучӏдул.
2013 соналдаса нахъе Къурбан Кӏулизанов ккола Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул ва Журналистазул союзазул членги.
Гьединго Къурбаница кӏудияб махщалида нухда рачуна бертабиги, кечӏ-бакъангун, кьурди-хъатгун ва мавлидалгун тӏоритӏулелги.
— Щибаб бертадул букӏуна жиндирго хаслъи. Некӏогоялдаса буго магӏарул бертабалъ кечӏги кьурдиги. Гьанже гӏемерисез мавлидал гьарулел руго. Кӏиго батӏияб бертин. Кӏиго батӏияб гьеб нухда бачӏунеб къагӏида. Дир пикруялда, цоялъ цоялъе квалквал гьабизе бегьуларо, — ян абула Къурбаница.
Кинал бергьенлъаби росаниги, кинаб борхалъиялде ваханиги, Къурбан хутӏана мугӏрузул васлъун, магӏарул годекӏан рекӏелъ цӏунарав. Гьелъго батила гьев кидаго цӏалев умумузул гъасде. Гьесда ракӏалда буго росулъ жиндирго рокъоб умумузул гӏумруги рукӏа-рахъинги ракӏалде щвезабулеб музей гӏуцӏизеги. Гьеб ккола хадусел гӏелазе гьитӏинаб ватӏан бокьиялъул кӏудияб мисаллъунги.
— Дагъистан, дун дур вас вуго — гьале гьединаб буго Къурбан Кӏулизановасул къисматалъул ахӏи. Гьеб бихьулеб буго гьес жиндирго концертазе кьурал цӏараздасанги:
— «Дун годекӏаниве тӏад вуссана», «Дун дур вас вуго, Дагъистан», «Умумузул кочӏол дандерижи», «Дир Ватӏан», «Дир халкъ – дир чӏухӏи», «Ракӏалъ кечӏ ахӏулеб буго».
55 сон тӏубалеб, жибго гӏумруялъгицин кӏиго щуйилаб лъолеб гьаб гӏужалда, «Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъги газеталъул божарав гьудул, Дагъистаналъул халкъияв артист Къурбан Кӏулизановасе гьарула махщелчилъиялъулъ дагьалги чӏахӏиял бергьенлъаби. Биччанте гьес умумузул годекӏабахъги, магӏарул кочӏохъги, гӏадамазул ракӏазулъги бакараб рокьул цӏа даимаблъун хутӏизе.
Ш. ХЪАЗАНБИЕВА