Дагъистаналъул лъикӏаздаса лъикӏал халкъиял театразул форум-фестиваль тӏобитӏана Гӏурус театралъул минаялъуб. «Халкъияб маска» абун цӏар кьураб, Россиялда лъазабураб маданиябгун рухӏияб ирс цӏуниялъул соналда ва машгьурав шагӏир Расул Хӏамзатов гьавуралдаса 100 сон тӏубаялда хурхинабураб гьеб тадбир тӏобитӏана республикаялъул Культураялъул министерствоялъул нухмалъиялда гъоркь, Халкъияб творчествоялъул рукъалъул хӏаракаталдалъун. Дагъистаналъул гьайбатлъи, гьунаразул ва гӏадат-гӏамалалъул рахъалъ бечелъи, хаслъи бихьизабуна Ахти, Цӏияб Лак, Хунзахъ, Гумбет, Лак, Курах, Мухӏарамкент, Чӏарада, Кули, Унсоколо, Хив районазул халкъиял гьунарчагӏаз.

Хӏакъикъаталдаги районазда ругел халкъиял гьунарчагӏазул коллективал жакъа руго щибаб халкъалъул хаслъи цӏуниялъе сабаблъун. Гьел цадахъал тадбираз, гьудуллъиги щулалъун, жеги гъункизарула нилъер миллатал.

Наврузалъул байрам, бахӏарай иццухъе ячин, васасде цӏар ахӏи, тӏоцебе лъимер киниялда бущи, ригьнахъ ин гӏадал, анкьумумузулго батараб гӏадат-гӏамал бихьизабулеб фестиваль релълъун букӏана тӏогьол квацӏиялда. Церерахъиназе къимат кьолеб жюриги гӏуцӏун букӏана республикаялъул театралияб дунялалда машгьурал гӏадамаздаса. Соналдаса соналде театралияб искусство цӏубалеб бугин абуна гьез «Халкъияб» абураб цӏаралъе мустахӏикъал рукӏинги тасдикъ гьабулаго. Махщалил рахъ гуребги, жюриялъ лъикӏаблъун рикӏкӏана, гӏелаз гӏелазухъе кьун, халкъияб театралъул гьунарчагӏазда гьоркьор гӏолилал ва лъимал гӏахьаллъи.