Кигӏанги гьунар-махщел бугев чи хъулухъалдаса гӏодов чӏедал, гьев кӏочон толеб гӏадат буго. Нагагьги чи рекӏеда ватуларо гӏемерал соназ росдал, районалъул, республикаялъул гӏумру берцин гьабуразе баркала кьезе. Гьединаб, гӏемеразе мисаллъун рехсезе бегьулеб тадбир гӏуцӏун букӏана Чӏарада райадминистрациялъул, лъай кьеялъулгун культураялъул идараялъ гьал къоязда.
Маданияталъул къо кӏодо гьабун, Цӏуриб культураялъул кӏалгӏаялъуб гӏуцӏараб тепси-сурпаялде ахӏун рукӏана кӏикъогоялдасаги цӏикӏкӏун, соназ росабалъ ва райцентралда хӏалтӏарал культураялъул ветеранал.
Гьеб гъасде ракӏараразулъ рукӏана Дагъистаналъул халкъияв артист Цемериса Абакар Жамалудинов гӏадал, республикаялда машгьуралги, камилаб махщел бугониги цӏаразда хадур лъугьинчӏого рижараб ракьалдаго чӏаралги гьунарчагӏи. Щивас жиндир росдал хаслъи цӏуниялъе анцӏ-анцӏ сонал кьурал, жегиги жамагӏаталъул тадбиразда гӏахьаллъулел Гӏириса Гӏалиасхӏаб Гӏалиасхӏабов, Хьинуса Хӏажи Хӏажиев ва Ибрагьим Гӏабдулаев, кӏикъого соналъ культураялда хӏалтӏарал Цӏуриса Садрудин ва Патӏимат Хадулаевал, Гьочоса Мухӏамад Гӏумаров, Муккукьа Лаюзат Мухӏамадова, Мугурухъа Кусум Гӏисаева, Мощоса Зияудин Халикъов, Гьилиса Ибрагьим Шагӏбанов, Дорониса Зумруд Валиева тӏолалго магӏарулазда лъазе мустахӏикъал руго. Тадбиралда данделъарал киналго ветераназул цӏарал рехсон гьаниб хӏалги кӏвеларо.
Цебесеб заман ракӏалде щвезабулаго, иргадал кодобе музыкалиял алатал росун, ватӏаналде рокьи загьир гьабулел кучӏдулги ахӏана гьез, жакъасеб культураялъул ахӏвалхӏалалъул биценги гьабуна. Цебесеб заман ракӏалде щвезабулаго, иргадал кодобе музыкалиял алатал росун, ватӏаналде рокьи загьир гьабулел кучӏдулги ахӏана гьез, жакъасеб культураялъул ахӏвалхӏалалъул биценги гьабуна.
Щивасул цӏарги рехсон, кочӏол мухъаздалъун гьезие баркала загьир гьабуна тадбир нухда бачунез. Райадминистрациялъул рахъалдаса ракӏалдещвеялъе сайгъаталги культураялъул хӏалтӏухъабазул кочӏолаб саламалги щвана ветераназе.