Тӏегьалеб буго магӏарухъги гӏумру. Лъикӏлъулеб буго гьеб. Гьелдаго цадахъ тӏегьан рачӏунел руго мугӏрузул гӏадамалги. Жибго тӏабигӏатгицин гьимулеб буго гьениб, гьеб берцинаб лахӏзаталдаса хӏалхьоларого. Гьединаб гӏужалда ракӏ цӏала магӏарухъе. Гьениса гьалбал гӏемер щола газеталъул редакциялде, бицуна магӏаруллъиялъул берцинлъиялъулги магӏарулазулги хӏакъалъулъ. Гьаб нухалда нижее Шамил районалда цӏилъулеб ва цебетӏолеб бугеб гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицана районалъул культураялъул, спорталъул, гӏолилазул политикаялъул рахъалъ ва туризмалъул отделалъул начальник Гӏабдулгъапур (Гъапар) Гӏабдулмухӏамадовас.
Гъапар (гьедин абун гурони, жив гӏадамазда лъаларилан абуна гьес, велъулаго. Дицаги Гъапарилан абун тела) культуралъул отделалда хӏалтӏулев вуго 42 соналъ. Гьезда гьоркьосаги – 22 соналъ культуралъул отделалъул начальниклъун.
Дун разияв вуго къисматалдаса
Краснодаралъул культураялъул институтги лъугӏизабун, Гъапар хӏалтӏана районалъул культураялъул отделалда методистлъун. 10 соналъ вукӏана Кочубеялъул зонаялда букӏараб культураялъул централъул директорлъун. Гьеб къан хадув хӏалтӏана Кочубеялъул школалда музыкаялъул учительлъун.
Гъапарие бокьичӏо жиндриго хӏакъалъулъ гӏемер бицине. Гьес байбихьана районалда ругел церетӏеязулги маданияталда бугеб ахӏвалхӏалалъулги хӏакъалъулъ бицине.
— Дун разияв вуго дирго къисматалдаса. Инсанасул гӏумруялъул магӏнаги ккола гӏадамазе хъулухъ гьабизе, гӏагараб халкъалъулги, росу-ракьалъулги, районалъулги рухӏияб гӏумру дирги гьитӏинабго бутӏа букӏиналъулъ. Нижер районалда кидаго цебетӏураб букӏана умумузул годекӏан. Гьениб гьоркьоса къотӏичӏого гьалделеб букӏуна умумузул гӏумру, – ян абуна гьес.
Маданияб гӏумру гьалдолеб буго
Исанасеб сон лъазабун буго рухӏияб ирсалъул Лъагӏеллъун. Гьеб бечелъи нижер районалда, гӏелаз гӏелазухъе кьун, щулалъун буго.
Бицен гьабизе бокьун буго районалда бугеб миллияб парталалъулги, кьурди-кечӏалъулги, гӏадаталгӏамалазулги хӏакъалъулъ.
Щибалъул жиндирго хаслъи бугеб ичӏго костюм буго районалда цӏунун хутӏун (гьид, къел, гьооркъехӏ, бакълъулал…)
Районалъул маданияталда цӏунун хутӏун руго Ругъелдаса Аминат Давудовалъул ва гьелъул яц Узлипатил цӏарал. Гьез кӏудияб бутӏа лъуна районалда фольклор цӏилъиялъе ва цӏунун хутӏиялъе.
Гьединго рехсезе рокьун руго цӏунун хутӏун ругел миллиял музыкалиял тӏагӏелалги – зурма, чагур, хъумуз, чагъана, щвантӏих. Гьезда бакънал рачине лъала Мачӏадаса Мухӏамад Мухӏамадовасда (Ачилаевасда).
Районалда буго «Дагъбаш» абураб фольклорияб ансамбль. 1972 соналда гьелъие кьуна халкъиябилан абураб цӏарги. Исана ансамблялъе гьеб цӏар кьуралдаса тӏубалеб буго 50 сон. Тӏоцебе гьелъие нухмалъи гьабуна Россиялъул культуралъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан Расул Мухӏамадовас. 1972 соналдаса нахъе гьелъие нухмалъи гьабуна Хӏажи Мухӏамадовас. Гьесул бергьараб гьунар букӏана зурма пузе.
Районалда буго 14 машгьураб кьурдиги. Щибалъул буго жиндирго хаслъиги. Щибаб росулъ руго зурмихъаби, палугьаби, кочӏохъаби. Рехсезе бокьун буго искусствабазул школаги.
Исанасеб сон Фазул Лъагӏеллъунги лъазабун бугелъул, гӏуралго тадбирал тӏоритӏизе ракӏалда буго, шагӏир кӏодо гьаюрал. Хӏадурлъулел руго Микьигьориб росулъ тӏобитӏизе бугеб Даку Асадулаевасул юбилеялде. Нилъерго Хӏамзатил Расулги кӏочон гьечӏо. Хӏадурлъи гьанжего гьабулеб буго гьесул 100 сон тӏубаялде.
Башкорстаналда гӏумру гьабун вуго Гӏуриса Мухӏамадхӏабиб Султӏанмухӏамадов. Ракӏалда буго гьениб бугеб «Дагъистан» абураб культурияб централда Мустай Каримил ясалъулгун дандчӏвай тӏобитӏизеги Мухӏамадхӏабибил квербакъиялдалъун.
Башкорстаналда гӏумру гьабун вуго Гӏуриса Мухӏамадхӏабиб Султӏанмухӏамадов. Ракӏалда буго гьениб бугеб «Дагъистан» абураб культурияб централда Мустай Каримил ясалъулгун дандчӏвай тӏобитӏизеги Мухӏамадхӏабибил квербакъиялдалъун.
Гьудуллъиялъул чапар
Спорт кидаго букӏана ракълил ва гьудуллъиялъул чапарлъун. Жакъа гӏадаб хӏалуцараб къоялда спорт дагьабги цӏилъана. Гьелъ дагьалги цӏикӏкӏун гъункизарула гӏадамал, гӏолилал цолъизариялъе гьелъул буго жавабчилъи кӏудияб кӏвар. Районалда гӏемер тӏоритӏула спортивиял тадбирал. Кӏочон гьечӏо спорталъул миллиял тайпабиги.
Масала, Гьолокь росулъ санайил риччала чуял, районалъул машгьурал гӏадамазул юбилеязул хӏурматалдаги ва цогидал байрамазеги сайгъат гьарун. Гьабсагӏаталда цебетӏолеб буго рафтинг – русбузда лъедей, Хӏебдаса бахъараб Гьолокье щвезегӏан.
Гьенибго букӏуна Рафтингалъул чӏинкӏиллъи абураб цӏар лъураб спорталъул тайпаги – Кьилимагӏардаса Игирагӏалде роржуна парашютазда
Кӏудияб баркала загьир гьабизе бокьун буго тадбир гӏуцӏизе ва тӏобитӏизе кумек гьабулеб республикаялъул Парусалъул спорталъул федерациялъеги.
Талихӏаб букӏинеселъул кӏулал кодор ругел ирсилал
Жакъа гӏун бачӏунеб гӏелалъул кодоб буго Ватӏаналъул букӏинесеб. Кин жакъа нилъеца, чӏахӏияб гӏелалъ, гьел куцаниги, гьединаб букӏине буго Ватӏаналъе гьез кьолеб жавабги.
Гьединлъидал гьаб хӏабургъараб ва хӏалуцараб заманалда кӏудияб кӏвар кьезе ккола гӏолилазе битӏараб рухӏияб тарбия кьеялде. Исанасеб соналдаги абизе бегьула рухӏияб бечелъиялъул Лъагӏелилан (Год нематериального наследия). Цӏидасанги тӏад руссине ккезе руго магӏарул годекӏабахъ бижараб гӏакъиллъиялъухъе. Гьенирлъидал лъадарулел рукӏарал умумуз гӏолилал васал. Гьоболлъи базе ккола умумузул гъанстодухъги. Гьенир тӏоцере рагӏула гӏолилай ясалда улбузул дарсал. Гьеб киналъулго кьучӏалда тӏегьан бачӏуна ватӏаналдеги гьелъул гӏадатал-гӏамалаздеги рокьи. Тӏоцебе кинидахъ рагӏараб эбелалъул кочӏода цадахъ гьезухъе бачӏуна миллияб кочӏоде рокьиги. Сундулго аслу – рокьи. Тӏоцебесеб иргаялда, Ватӏаналде, гӏагараб росдаде, росдал гӏадамазде, гӏагарлъиялде. Цинги — гӏадатазде, рукӏа-рахъиналде. Ва хадубги – хутӏарабщиналде.
Жакъасел гӏолилал руго батӏияб ва захӏматаб заманалъул вакилзаби. Районалъул гӏолилазда гьоркьоб гьабулеб хӏалтӏиги гьоркьоса къотӏуларо. Щиб тӏадкъаниги, ракӏбацӏцӏадго тӏубазабула гьез.
Районалда буго волонтеразул къокъа. Киб, сундулъ ва лъие кумек хӏажалъаниги, бищун цере аскӏор чӏола гьел. Дагьаб цебегӏанги Украинаялъе гьабулеб кумекалъулъги гьез бихьизабуна жигараб гӏахьалчилъи.
Гӏолилазулгун гьабулеб хӏалтӏул бищунго жигаразул цояйлъун рикӏкӏине ккола районалъул «Цолъи» газеталъул редактор Патӏимат Мухӏамадова. Газеталъул кумекалдалъунги жиндирго ва коллективалъул хӏаракаталдалъунги гьелъ гьабулеб буго цӏакъ пайдаяб хӏалтӏи гӏолилазда гьоркьоб.
Гьединго районалъул щибаб росдал библиотекаялдаги клубалдаги данделъула гӏолилал, умумузул гъасде цадахъ сапар бухьине.
Район гьалбадерил бераздалъун
Шамил районалда буго цӏакъ берцинаб тӏабигӏат. Гьеб чӏаголъун бачӏуна, гьалбал рихьараб мехалда. Ахирисел соназ Дагъистаналде рачӏунел туристазул къадар цӏикӏкӏунеб буго. Гъоркьиса Шамил районалде вачӏун вуго 70 азарго турист. Гьезие шартӏалги чӏезаризе ккеларищха. Тӏоцебесеб шартӏ — гьуинаб гьимиялъул рагьарал гьурмалги гьединалго ракӏалги. Гьелдаса кӏудияб сайгъат гьалбадерие букӏунаро. Цинги хадуб — хутӏарабщинабги.
Районалда бан буго микьго гьалбадерил рукъ. Хӏалтӏулеб буго кӏиго турбаза. Цо гьалбадерил рукъалда цӏар буго «Затеряный рай» абураб.
Гьалбал разиго хутӏула нижеца жидее гьабулеб хъулухъалдаса. Гьединго гьел хӏикмалъизарула районалъул тӏабигӏаталъги. Хасго гьезие асар гьабула гьенир ругел басриял сияз. Бахиллъула гьалбал, нилъер гӏадамазул гӏаданлъиги гӏадатлъиги бихьун.
Жеги гӏемераб жо бицана Гъапарица гӏагараб районалъул хӏакъалъулъ. Гьесул хӏалхьолеб букӏинчӏо гьелъул берцинлъиялъулги ва районалъ республикаялъул маданияталъул тарихалда толеб бугеб гвангъараб къисаялъулги хӏакъалъулъ бицун. Гьаб гьитӏинаб макъалаялда гьес бицанщинаб хъван бажариларо. Гӏабдулгъапур Гӏабдулмухӏамадовасда цадахъ Шамил районалде гьабураб гьитӏинабго сапаралъ диеги кӏудияб асар гьабуна Шамай ХЪАЗАНБИЕВАЖеги гӏемераб жо бицана Гъапарица гӏагараб районалъул хӏакъалъулъ. Гьесул хӏалхьолеб букӏинчӏо гьелъул берцинлъиялъулги ва районалъ республикаялъул маданияталъул тарихалда толеб бугеб гвангъараб къисаялъулги хӏакъалъулъ бицун. Гьаб гьитӏинаб макъалаялда гьес бицанщинаб хъван бажариларо. Гӏабдулгъапур Гӏабдулмухӏамадовасда цадахъ Шамил районалде гьабураб гьитӏинабго сапаралъ диеги кӏудияб асар гьабуна
Шамай ХЪАЗАНБИЕВА