«Доска почета России» абураб федералияб электронияб сурсаталда цӏар хъвай рикӏкӏуна пуланав чиясе тӏолгороссиялъул жамгӏияталъ кьолеб тӏадегӏанаб къиматлъун. Гьеб сияхӏалда цӏар хъвазе мустахӏикълъана «Возрождение» абураб хасаб лъай кьеялъул идараялъул директор, психологиял гӏелмабазул кандидат, Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб университеталъул психологиялъул кафедраялъул профессор, ДРялъул мустахӏикъав учитель, РФялъул Гӏаммаб лъай кьеялъул хӏурматияв хӏалтӏухъан, гӏемерал гӏелмиял макъалабазулгун школалъе ва байбихьул классазул учительзабазе хӏадурарал цӏалул тӏахьазулгун методикиял пособиязул автор, Дагъистаналъул Халкъияв Бахӏарчи Мухӏамадхӏабиб Халидов.

Мухӏамадхӏабиб Халидов ккола Шамил районалъул Гӏуриб росулъа. Микьго класс лъугӏидал, цӏализе лъугьана Буйнакскиялъул педучилищеялде. Гӏолохъанав учитель кӏиго соналъ хӏалтӏана росдал школалда байбихьул классазул учительлъун ва 1980 соналда цӏализе ана Тарас Шевченкол цӏаралда бугеб Киевалъул пачалихъияб университеталъул философиялъул факультеталде. Хӏалтӏана ДРялъул Культураялъул министерствоялда, ДГПИялъул психологиялъул кафедраялда ва 1988 соналъул октябралда цӏализе лъугьана Москваялъул пачалихъияб педагогияб университеталъул психологиялъул кафедраялда цебе бугеб аспирантураялде. 1991 соналда цӏунана психологиял гӏелмабазул кандидатлъиялъе диссертация.

ДГПИялда хӏалтӏулаго, М. Халидов вукӏана Гӏалибег Тахо-Годил цӏаралда бугеб ДНИИПалъул кӏудияв гӏелмияв хӏалтӏухъанлъунги. 1994 соналда гьес Махӏачхъалаялда рагьана «Прогимназия – гимназия – лицей» абураб лъай кьеялъул комплекс. 2009 соналда лъугӏизабуна Россиялъул лъай кьеялъул академиялъул докторантура. Лъагӏалидасан гьев къабул гьавуна ДГПУялъул психологиялъул кафедраялда доцентлъун ва 2015 соналда – гьебго кафедраялъул профессорлъун.

2011 соналда М. Халидовас рагьана «Возрождение» абураб живго бетӏергьанаб школа ва гьабсагӏаталда вуго гьелъул директорлъунги ДГПУялъул психологиялъул кафедраялъул профессорлъунги.

Кӏудияб гӏелалда ракӏалда батила, Махӏачхъалаялъул Ленинил къотӏноб букӏараб №2 гьоркьохъеб школалъул къисмат. Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда рагъулаб госпиталь жаниб букӏараб гьеб школаги къан, тахшагьаралъул бетӏерас гьениб гӏуцӏана ГЕРЦ. Гьабсагӏаталда гьениб буго РФялъул Цӏех-рехазул комитеталъул Дагъистаналда бугеб управление. Мухӏамадхӏабиб Халидовасин абуни школа рагьана – риххун унел рукӏарал бакӏалги цӏи гьарун, гьелги ижараялъе росун, ва ижараялъухъ мухь хӏисабалда республикаялъул бюджеталде жакъа гьес щибаб моцӏалъ кьола 970 азаргогӏанасеб гъурущ. Гьесул школалда вуго 700 цӏалдохъан ва 106 хӏалтӏухъан (гьезда гьоркьов 68 учитель).

Байбихьул школалъул завуч Патӏимат Гӏисаева 1994 соналдаса нахъе хӏалтӏулей йиго Мухӏамадхӏабибида цадахъ. «Прогимназия рагьараб мехалда, гьелда аскӏоб бугеб лъималазул ахил тарбиячӏужулъун йикӏарай дун цадахъ хӏалтӏизе ахӏана М. Халидовас. Йикӏана гьес рагьараб прогимназиялда тарбиячӏужулъун. Хадубккун, битӏахъе кинабго хӏалтӏи рукӏалиде ккезабураб заманалда, директорлъун тӏамуна батӏияй гӏадан. Гьелдаги Мухӏамадхӏабиб Мухӏамадовичасдаги гьоркьоб букӏана зобалдаги ракьалдаги гьоркьоб гӏадаб батӏалъи. Масала, прогимназиялда цӏализарулаан батӏибатӏияб рес бугел хъизамаздаса лъимал. Эбел-инсул гӏарцухъ лъимал цӏализарулел ругин абун, Халидовас нижехъа киданиги тӏалаб гьабичӏо гьезие лъикӏал къиматал лъеян абун. Цогоял тӏалабал рукӏана киналго цӏалдохъабазде. Цӏияй директоралъ байбихьудасаго бихьизабуна, цӏалдохъанасул хъизамалъул ресалде рекъонкколеллъун, яги тӏад ругел хӏакимзабазул разилъи щолеллъун рукӏине кколеблъи. Гьединаб къагӏидаялда хӏалтӏулаго, цӏакъ захӏмалъула ритӏухълъи цӏунизе. Гьединлъидал Мухӏамадхӏабибица цӏияб школаги рагьизе бугин, хӏалтӏизе ячӏинарищан абидал, разиго нахъе ана дун доб школалдаса», — ян бицана завучалъ.

Гьелъ ракӏалде щвезабуна школа рагьизехъин бугеб Радиотоваразул заводалъул мина бихьизе рачӏараб мехалда (прогимназиялдаса ункъо педагог вачӏун вукӏана гьениве), гьаб бакӏалда школа рагьун бажаруларин абун, кӏигоял нахъе аниланги. «Аскӏор ругел гӏемертӏалаял минабазухъа гӏадамал дандецин рахъун рукӏана, гьениб школа хӏажат гьечӏинги абун. Амма директор къуркьичӏо. Гӏадамал рекъезаризе гӏажаибаб гьунар буго гьесул. Гӏемераб рищни баччизе ккана нахъе. Къачӏана азбар, сверухълъи, рохьана къадал, чӏана гъутӏби. Гьаб бакӏ берцинлъулебги бихьун, чучана мадугьалзабиги – тӏаса лъугьаян гьаризеги рачӏана гьел», — ян бицана Патӏиматица.

«Гьаб школалде ячӏаралдаса нахъе дица байбихьана педагогазул бажари-гьунаралъул цӏех-рех гьабизе. Тӏоцебесеб соналъул аслияб хӏалтӏи букӏана гьеб. Лъабго-ункъо моцӏалъ хьвадана дарсазде – учителасул хӏалтӏухъ халгьабизе, гьезул методикаялъухъ балагьизе. Хадуй хьвадана, учителасул хӏаракаталъе цӏалдохъабаз кьолеб жаваб лъазабизе. Гьаб школалда ругел тӏалабал данде кколареблъи бичӏчӏарал учительзаби жалго нахъе ана гьаниса. Гьабсагӏаталда бугеб коллективалдаса рази руго ниж. Гьеб кинабго гьабизе дида тӏадкъана директорас – гьеб буго гьес инсанасде, хӏалтӏухъанасде гьабулеб божилъиялъул мисал.

Нилъер школалъе гьаб къагӏида хӏалтӏизабизе лъикӏан абун, аскӏове вачӏарав чиясухъ гӏенеккизеги, щивасул пикруялъулъ пайдаяб къатӏраниги батизеги, цӏалдохъабазулги гьезул эбел-инсулги мурад-анищ бичӏчӏизеги – сундуего пагьму-гьунар Аллагьасго кьурав инсан вуго Мухӏамадхӏабиб Мухӏамадович. Педагогасе лъай камил гьабизе ине кканиги, цӏалдохъабигун сапар гьабиялъеги, батӏи-батӏиял къецазда гӏахьаллъизеги ихтияр кьола директорас. Гьединаб хӏаракаталъе гьес гъирабазабазула премия яги сайгъат кьун, педагогазул данделъиялда реццбакъ гьабун.

Школалда гӏуцӏун руго цӏалдохъабазе камилаб лъай кьеялъе киналго шартӏал – махщел тӏокӏал учительзаби, цӏалулгун методикиял ва художествиял тӏахьал, дарсаздаса хадур рукӏунел тадбирал. Масала, Москваялдаса вачӏинавун вукӏана физикаялъул учитель. Байбихьул школалъул учительзабазул лъай камил гьабизе чанцӏулго гьанире ахӏана Валентина Мукина, Татьяна Меркулова ва цогидалги.

Учителасул цебетӏеялъулъ халлъараб цо гьитӏинабго жоцин кӏодо гьабула М. Халидовас. Гьелъухъ сайгъат кьола, учитель вохизавула. Жеги лъикӏ хӏалтӏизе гъирабазабула. Гьединго кӏодо гьарула цӏалдохъабиги», — ян бицана гӏемерал соназ Махӏачхъалаялъул №5 лицеялда завучлъун хӏалтӏарай ва гьанже «Возрождениялъул» чӏахӏиял классазул завучлъун йигей Султанат Гӏарабовалъ.

Дун талихӏав вуго

Школа жеги «гӏолохъанаб» бугониги, руго гьелъул гӏадатлъун лъугьарал байрамалги тадбиралги. Цӏалул рахъалъ босани, гьел ккола киналниги школазе хасиятал предметиял анкьалги моцӏалги. Школалъул жанахӏалъул къадазда ран руго щибаб предметияб анкьил заманалда цӏалдохъабаз хӏадурарал къадал газетал. Руго гьенир дарсаздаса хадусел тадбиразда хӏадурарал тӏагӏелалаталги. Байбихьул ва гьоркьохъеб школазул корпусазда ратана «Донбассалъе кумек» абурал бокӏонал: столаздагун бакӏазда сокӏкӏун ругоан цӏалдохъабаз рачӏарал сайгъатал – кванил нигӏматал, расанкӏаби ва гь.ц.

«Дун талихӏав вуго учителасул махщел тӏаса бищиялдаса – гьеб букӏана дир кидагосеб анищлъун. Вохула анищ гӏумруялде бахъинабизе Аллагьас къуват кьеялдасаги.

Дир кидагосеб мурад буго «сверухъ ругел гӏадамал рохизариялдалъун Аллагь рази гьаве» абураб пикруялда рекъон гӏумру гьаби. Гьелъ кумек гьабула нилъеда тӏадаб масъала тӏубазабиялъе – гӏолеб гӏелалъе лъайгун тарбия кьеялъе. Гьеб жавабияб ишалъулъ дие кумекалъе ратана пикруцоял, лъималазде рокьи камилал, махщел тӏадегӏанал гӏадамал. Учительзабазул лъай камил гьабиялъе, масала, хӏалтӏизарула Москваялда, Петербургалда ва цогидал гӏелмиял централлъун кколел шагьаразда ругел махщелчагӏи. Гьабсагӏаталда нижер щулияб бухьен буго Москваялъул «Точка ПСИ» абураб Психологиягун цадахъаб лъай кьеялъул централъулгун. Гьез школалда тӏоритӏула семинарал, мастер-классал, малъула теория ва бицуна лъай кьеялда ккарал цӏи рагьиязул хӏакъалъулъ. «Точка ПСИ» абураб централъги «Возрождениялъги» къотӏиги гьабун, школалда рагьана «Школалъул методикияб лаборатория» — гьелъул аслияб мурад буго гьанже заманалъул пикруялъул педагог хӏадури, проектияб хӏаракаталъе ругьун гьари.

Школалда руго шахматазул, IT-технологиязул, дизайналъул, актерлъиялъул, гӏагараб ракь лъазабиялъул ва цогидалги кружокал, спорталъул тайпабазул секциял», — ян бицана Мухӏамадхӏабиб Халидовас.

«Возрождениялда» гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ гӏемер бицине бегьула. Рецц-бакъалъе мустахӏикъаблъун батана гьелъул тӏолабго коллективги цӏалдохъабиги (масала, 2020- 2021 цӏалул соналъул хӏасилалда 10 цӏалдохъан мустахӏикълъана меседил медалалъе; гьезул гӏемерисел цӏализе лъугьана Москваялъул ва Петербургалъул вузазде). Школалъ басмаялде бахъула жидерго журналги – берцинаб, цӏалдохъабаз рахъарал кьер-кьерал сураталги методистазул пайдаял баяналги ругеб.

«Дир гӏадинав вац лъилниги ватиларо – меседил квералги Аллагь разияб гӏамалги бугев. Гьесги дир вацал-яцазул лъималазги кумек гьабуна гьаб школа къачӏазе – жалго хӏалтӏун. Гьудул-гьалмагъзабаз баччана гьаниса нахъе рищни. Магӏарухъ цере минаби ралаан, жамагӏатги данделъун. Гьедин гӏуцӏараб буго дир гьаб школаги – гӏемерисеб хӏалтӏи гьабуна чӏобого.

Гьеб буго дир гӏумру, дир анищ, дир мурад. Шукру Аллагьасе, дир анищалда рекъараб школа базеги рекӏел мурад тӏубазеги квербакъана Бетӏергьанас», — ан бицана М. Халидовас.

Кватӏичӏого буго Мухӏамадхӏабиб Халидов гьавураб къо. «Хӏакъикъаталъ» гьесда ракӏ-ракӏалъ баркула ва гьарула сундулъго икъбал.

Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА