13 апрелалда ДРялъул хӏукуматалда тӏобитӏана батӏи-батӏиял идарабазда, муниципалиял гӏуцӏабазда цере гӏуцӏарал жамгӏиял советазул хӏалтӏи цӏи гьабиялъул бицараб данделъи.
ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасда цадахъ гьелда гӏахьаллъана Халкъияб Собраниялъул комитеталъул председатель Анатолий Карибовги, батӏи-батӏиял министралги, республикаялъул Жамгӏияб палатаялъул председатель Гӏабдулмуъмин Ибрагьимовги, гражданияб жамгӏият цебетӏезабиялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб Советалъул председатель Зикрула Ильясовги.
Бицен гьабулел гьел жамгӏиял советал гьанжелъагӏан гӏуцӏун рукӏана тӏасахун, ай нухмалъулесул бихьизабиялда рекъон. Гьанже Жамгӏияб палатаялъ хӏадурулеб буго гьенире вакилзабазул бащадаб къадар жидеца рихьизаризе рукӏиналда хурхараб законалъул проект. Гьелда рекъон, хутӏаразда цӏар чӏвазе буго муниципалияб гӏуцӏиялъул собраниялъ.
Данделъиялда рорхана чарагьечӏого жамгӏияталъ кӏвар кьезе ккарал цо-цо суалалги. Масала, жамгӏиял гӏуцӏабазул рахъалдасан З. Ильясовас цебе лъуна ахираб заманалда киназго рехсолеб бугеб республикаялда рахьдал мацӏал лъазариялъул суал.
Гӏахьаллъараз бицана школазда рахьдал мацӏалъе рихьизарурал сагӏтал дагь гьаризе бегьунгутӏиялъул, Дагъистаналъул телевидениялдасагун радиоялдасан кьолел миллиял передачабазул заман цӏикӏкӏинабизе ккеялъул ва школазда рахьдал мацӏазул экзаменал кьезе кколеб хӏал букӏинабиялъул хӏакъалъулъ.
Гьеб пикруялъул рахъккуна Гӏ. Гӏабдулмуслимовас ва лъай кьеялъул министр Яхӏя Бучаевасе гьенибго тӏадкъайги кьуна, школазул директорзабиги гӏахьал гьарун, гьеб суалалда тӏасан данделъи тӏобитӏейилан.