Газеталъул цересел номеразда нижеца хъван букӏана республикаялда кванил нигӏматазухъ ва цогидабги къайи-цӏаялъухъ багьаби хиралъиялъул хӏакъалъулъ. Цӏидасан такрар гьабичӏониги, щиб гӏиллаялдалъун кинабго жо хиралъарабали нужедаги лъалеб батила. Долларалъул багьа сабаблъун — гьеб букӏана аслияб гӏилла. Амма доллар цӏидасанго гӏодобе кканиги, багьаби гъодинго хутӏана. Щай гьедин бугеб?

Гьеб суалалъе жаваб балагьизелъун сапар бухьана Махӏачхъалаялъул №2 базаралде.

Насраниязул кӏалбиччанкъо сабаблъун

Их тӏаде щун букӏин якъинго загьир гьабулеб бакӏлъун бугин абизе бегьула базарги. Гьадинаб гӏужалъ гьарзаго букӏуна гьениб гӏурччинлъи: гъаран-пурчч, редиска, пер ва цогидабги. Амма багьабаз «бухӏизабулеб» буго. Помидоралъул кило 200 гъурщидаса гӏодобе гьечӏо, бищун хирияб — 250 гъурщидеги буго. Щай гьедигӏан хираго бугебин гьикъидал, йичарухъаналъ абуна байрамкъоял гӏагарлъулел рукӏиндал бахараб багьа бугин гьебилан.

— Насраниязул Пасха тӏаде гӏунтӏулеб бугелъул, хиралъана. Гьаниса Москваялде уна кӏудияб къадар помидоразул бичизе. Долларалда бараб жоги щибго гьечӏо.

— Долларалда бараб жо батичӏони, щайха багьа бахунеб, байрамкъоял сабаблъун багьа цӏикӏкӏинаби битӏараб бугищ?

— Нижго лъикӏал лъугьун гьабулеб жо гуро гьеб. Оптовиказ хираго бичула нижее. Гьез чӏезабураб багьаялде тӏаде 20-30 гъурущгӏаги жубачӏого ричарухъабазулги рес букӏунаро. Къоялъ гьанирги рукӏун дагьабгӏаги хайир щвезе ккеларищ?

Гьебго жо такрар гьабуна цо-цо цогидал ричарухъабазги. Дагьаб цебегӏанги 30-40 гъурщиде букӏараб хъапустӏаналъул килограмм нусго гъурщиде бахиналъ гӏемерав чиясул рахӏат хвезабун букӏана. Ццим бахъун, босичӏого танин абуралги ккана.

Гьабсагӏат хъапустӏаналъул кило базаралда 80-85 гъурщиде буго. 100 гъурщиде бахиналъе кинал гӏиллабиха рукӏаралин гьикъидал, вичарухъан Саламица гьадин бицана:

— Цогидаб жо щай батӏаго хиралъараб — чакарги, нахги, гречкаги? Щив гьелъие гӏайибияв? Цо жо хиралъизе квер барабго цадахъ багьа бахуна цогидаб жоялъулги. Хас гьабун хъапустӏан щай гьедин хиралъарабали чӏванкъотӏун жаваб кьезе кӏоларо. Нижецаги цогидазухъа бичун босула 70 гъурщиде, тӏаде 10 гъурущги жубан бичула халкъалъе.

Амма дица абила, тӏоцебесеб иргаялда, жалго гӏадамал ругин гьелъие гӏайибиялин абун.

— Бичӏчӏичӏо?

— Щайгурелъул, кигӏан цӏакъ багьа баханиги, босулеб бугелъул. Щайха гьез хиралъун батидал босичӏого толареб? Босичӏого толебани, багьабиги гӏодоре ккечӏого хутӏилароан, — абун бицана Саламица.

Амма цо-цояз абулеб бугоан жидеца бичулеб багьа хисичӏого хутӏанилан. Мисалалъе, цӏоросаролъ, багӏаргьоло, тӏипало ва гьелда релълъараб нигӏмат бичулей гӏаданалъ абуна гьедин. Дун газеталъул хӏалтӏухъан вукӏин лъарабго, цӏакъ гъира-шавкъ бижана жиндирго дармил хӏакъалъулъ бицинеги:

— Щибниги хиралъичӏо, гьале. Мунго валагье, килоялъул багьа тӏад хъварал къвакӏараб кагътил кескалцин кӏиго соналъ церего рукӏарал руго, басралъиялъул кьерги чӏван. Долларалъул багьа бахунилан дица сундулниги багьа бахинабичӏо, гӏаксалда, дие бичулел гӏадамаз хира гьабулеб буго. Мисалалъе, чанго моцӏалъ цебе 7000 гъурщиде букӏараб багӏаргьалил хъап, гьанже 10 000 гъурщиде бичана дие пуланав чияс. Нилъерго гьаниб гӏезабураб нигӏматха. Щай гьеб хира гьабулеб? Гьеб суал дицаго кьелаан жаваб кьолев чи кколевани. 10 000 гъурщиде гьесухъаги босун, цебе букӏараб багьаялде — 100 гъурщиде бичула дица гьелъул кило. Щибго хайирги гьечӏого, дунго къураб даран кколеб буго.

— Хайирги гьечӏого кинха мун къоялъ гьаний йичарулей. Гьеб божизе захӏматаб жо гьечӏищ?

— Гьедин бичичӏого дир рес гьечӏелъул, нусго гъурщидаса хираго лъица гьаб босулеб? Гьанире базаралде рачӏунелги чванта биццатал, цӏакъго ресалда ругел чагӏи гурелъул рукӏунел. Гӏемерисел — дунго гӏадаб мискинхалкъ. Амма, бахчун щай, цо-цо хӏакиммахӏал, галстукал рарал чагӏи рачӏиндал, гьезие дагьаб хирагоги бичула.

Нилъерго гьаниб гӏезабулеб букӏарабани, къватӏиса баччизе ккелароан ва гьеб мехалда къайиги хиралъилароан. Ираналдаса, Турциялдаса, ай нилъер гьанибе нигӏмат бачӏунареб пачалихъго батиларо. Лъикӏаб бачӏин кьолел ракьалги гӏурдае тун, киб гӏезабурабали лъалареб жо кунел руго нилъ. Дирго росулъе щванщинахъе, битӏахъе, гӏодизе бачӏуна, чӏороголъарал хурзалги рихьун. Базаралде ячӏинегӏан дунги росулъ хур-хералъул хӏалтӏи гьабулей йикӏана. Къисматалъ шагьаралде ккана. Дунго гӏадин гочунел руго росабалъа гӏатӏиракьалде гӏадамал. Лъиениги бокьулеб гьечӏо хурул хӏалтӏи, умумуз гӏадин къали гӏетӏулги тӏун, захӏматги баччун, хуриб тӏощелги гӏезабун бетӏербахъи гьабизе. Киназего бокьун буго бигьаго щолеб гӏарац.

Гӏайиб гьечӏого «гӏайибиял»

Гӏадада абулеб букӏун батиларо умумуз, гьанаде хьул лъедал, гьаб бугин гъоркьаги тӏагӏараб, тӏадеги гьечӏеб гӏужилан. Гӏиги магӏардаса буссараб, боцӏиги кьараго бугеб хаслихъе гӏадин гуреб, дагьаб мискинго бугоан базаралда гьан бичулеб кьер. Кьарияб хохол гьан гьаб гӏужалъ къанагӏат гурони щоларилан бицана вичарухъан Гӏумарица:

— Базаралда бичулебщинаб нигӏматалда гьоркьоб бищун ахиралде хиралъана гьан. Хасало нижеца гьеб босулаан 350-ялде, бичулаан 400 гъурщиде. Гьанже 30 гъурщица хиралъана гьанал оптовияб багьа – 380 гъущиде босизе кколеб буго.

— Доллар сабаблъунищ гьебги хиралъараб?

— Валлагь, гуроха, гьеб доллар, мисалалъе, дие къваригӏараб жоцин гуро. Киназго багьанаде бачуна гьеб.

— Батичӏони, щайха гьеб хиралъараб? Мисалалъе, хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасцин хитӏаб гьабуна нужеде, нилъерго гьаниб гӏезабулеб нигӏматги хира гьабун бичун гӏадамал ццидахинаричӏого, рекъараб багьаялде бичейилан абун.

— Нижее бокьунищ гьеб хиралъулеб? Гьадаб цебе букӏараб оптовияб багьаялде, ай 350 гъурщидасаги учузго бичизе бокьилаан нижееги гьан. Амма рес рекъолеб гьечӏо.

— Сунцаха нужее гьелъие (учузго бичизе) квалквал гьабулеб бугеб?

— Базаралде гьан бичулел оптовиказ чӏезабураб багьаялдаса рорчӏизе бажарулеб гьечӏоха. Гьезда гьикъани, жидецаги гӏи-боцӏи гӏезабулел гӏадамазухъа босулин гьан, гьезги хираго гурони бичулеб гьечӏин абула.

Палхӏасил, ричарухъабаз оптовиказде бан, гьез цогидазде бугӏун, авалги ахирги батулареб бакӏалде ккун буго базаразда бугеб багьа-къадаралъул иш-пиша.

Ашахан Юсупов