13 апрелалда Махӏачхъалаялда ДРялъул бетӏерасул ва хӏукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Алексей Хӏасановас тӏобитӏараб данделъиялда ЦУРалъул (центр управления регионом) нухмалъулев Мухӏамадсултан Гӏабдуралимовас бицана гьезухъе гӏарзахъдулел дагъистаниязул рахӏат хвезабулел суалазул хӏакъалъулъ.
Гьесул рагӏабазда рекъон, гьел ккола чара гьечӏого къойилго хӏажалъулеб къайи-цӏаялъухъ ругел багьабиги аптекабазда дараби рати-ратунгутӏиги.
Гьедин хъвалеб буго ДРялъул бетӏерасул ва хӏукуматалъул администрациялъул Телеграмалда бугеб каналалда.