ДРялъул бетӏерасул официалияб сайталда хъвавухъе, 12 апрелалда Сергей Меликовас тӏобитӏана ковидалда данде къеркьеялъул оперативияб штабалъул данделъи.
Гьелъие гӏиллалъун ккана кватӏичӏого вирусалъул цӏияб штамм — «стелс-омикрон» — тӏибитӏизе бегьулин абурал харбал тӏадеялдаса тӏаде хӏалуцунел рукӏин. Китаялда баккун буго гьеб унти гьанжеги.
Гьединго вакцина гьабуразул къадаралъулги бицана гьеб данделъиялда. 12 апрелалдехун гьеб гьабун буго 1 337 656 чияс (74,3 процент). Нагагь вакцина гьабизе ракӏалде ккарал чагӏазе хӏажалъани, 116 азарго дозаги буго нахърателалда.
С. Меликовас баркала кьуна гӏемер чияс вакцина гьабурал Хьаргаби, Гумбет, Догъузпара, Хив, Курах ва Сергохъала районазе.
Сахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляевалъ бицана гьабсагӏаталда гьеб унтудаса сах гьавизе вегизавун вугин 86 чи, 11 чи реанимациялдаги вугила. Гьелъ бицухъе, кислородалъул рахъалъги щибго къварилъи гьечӏо. Москваялъул сахлъи цӏуниялъул департаменталдаса битӏун бачӏараб 10 азарго хасаб (защитный) костюмги бикьун буго больницабазда гьоркьоб.