Гьал къоязда «Ростелеком» ПАОялъул Дагъистаналда бугеб филиалалда тӏобитӏараб пресс-конференциялда данде росана гъоркьиса гьез гьабураб хӏалтӏул хӏасилал.
Журналисталгун дандчӏвана филиалалъул нухмалъулев Руслан Ярахӏмадовги цифровияб цебетӏеялъул рахъалъ ДРялъул министр Юрий Хӏамзатовги.
Байбихьуда министрас бицана шагьараздаса рикӏкӏад ругел нусгоялде щвезегӏан чияс гӏумру гьабулел росабалъ сотовияб бухьеналъул вышкаби лъезе хираго чӏолелъул, гьениб интернет УЦН (устранение цифрового неравнства) программаялъул кумекалдалъун пачалихъалъ чӏезабулеб бугин.
Масала, гъоркьиса декабралдехун интернет бачун буго республикаялъул 40 районалъул 309 росулъе. Школазда, тукабазда, росабазул администрациязда гӏагарлъухъ чӏобого интернеталъул сигнал бачӏунел точкабиги лъун. 2019 соналдаса нахъе росабалъ пайда босун буго 400 терабайталдаса. Бищун гӏемер гьеб хӏалтӏизабун буго Гъизляр районалъул Сангиши, Дахӏадаев районалъул Шадни, Цӏумада районалъул Хъварщи росабалъ.
Руслан Ярахӏмадовас бицухъе, гӏисиналин ккарал цо-цо росабалъ тӏубараб республикаялъцин пайда босуларебгӏанасеб трафик хӏалтӏизабун батулеб буго. Масала, хъутаналъул ракьалда бугеб Хунзахъ районалъул Хачтӏа росу рехсана гьениб цӏикӏкӏун интернеталдаса пайда босулеб бакӏ хӏисабалда. Сбербанк-онлайнгун пачалихъиял хъулухъазул сайталде раккизе къваригӏаралги, фильмабазухъгун концертазухъ балагьизе бокьаралги, соцсетаздаса гӏебеде «тира-сверулел» рукӏунелги – киналго цо точкаялда аскӏоре ракӏарулила.
Гьанже къватӏисел пачалихъаз санкциялги лъазарун, Россиялда лъугьараб ахӏвал-хӏалалда бан журналистаз кьураб суалалда тӏасан Р. Ярахӏмадовас абуна жидее гьелъул хӏинкъи гьечӏила. Цо компаниялъулгун иш данде ккечӏони, цогидазулгун гьабулила гьоркьоблъи. Жидер интернет хиралъун гьечӏинги абуна гьес.
Интернеталъул кумекалдалъун гьеб компаниялъ гьарулел хъулухъазул цояб ккола «Умный дом» абулебги.
«Сон-церекъад мугӏрузул цо росулъе щун вукӏана дун. Гьенир гӏумру гьабулел рос-лъадуца жидерго телефоналдасан бихьизабуна дида жидецаго телефоналдасан пылесосги, кондиционерги, цогидаб техникаги биччалеб куц. Вахӏ, гьаб лъица нужее гьабурабилан гьикъидал, шагьаралда вугев васасилан жаваб кьуна гьез. Гьединлъидал шагьаралдайин, росулъин абун батӏалъи гьечӏо – кирго чӏезарулел руго гӏадамаз жидеего бигьалъаби. Гьелдаго релълъарал «Умный» жал жеги руго – счётчикал, домофон, шлагбаум», — илан бицана Ярахӏмадовас.
Гъоркьиса цӏакъ гӏемер чияс лъун ругоан «Виртуалиял АТСалги». Гьел ккола интернеталъул кумекалдалъун хӏалтӏулел квар бугел телефонал (цере рукӏарал гӏадал). Бизнесалъе цӏакъ санагӏатал жал рагӏула гьел, киналго звоноказулги гӏадамазул кӏалъаязулги хъвай-хъвагӏаял гьарулеб. 214 абонентас лъун буго гъоркьиса АТС.
«Ростелекомалъул» пресс-секретарь Лейла Мухӏамадовалъул рагӏабазда рекъон, «Виртуалияб АТС» лъун буго Азербайжаналъулгун гӏорхъода, Ахти районалъул Фий росулъ.
«Иххал щванщинахъе тӏубанго бухьенги канлъи къотӏулеб букӏун, администрациялъе кумекалъе АТС лъун буго гьениб. Гьединлъидал гьанже Москваялда вугониги, Бакуялда вугониги, администрациялъул бетӏерасда лъала росулъ бугеб ахӏвал-хӏал. Телефоналда бугеб хасаб приложениялдасан виртуалияб АТСалда жанивеги ваккун, жиндихъе рачӏанщинал звоноказухъ гӏенеккула гьев. Кабинеталда вугевго гӏадин хӏалтӏул суалалги тӏурала», — ян бицана Л. Мухӏамадовалъ.
Бизнес-компаниязгун пачалихъиял гӏуцӏабаз видеокамераби лъейги 38 проценталъ цӏикӏкӏун буго гъоркьиса. Масала, Цӏунтӏа, Дахӏадаев, Табасаран ва цогидал районазул администрацияз лъун буго 167 камера. Гьебго заманалда «Видеонаблюдение» лъун буго Махӏачхъалаялдасаги Дербенталдасаги 850 чияс.
Гъоркьиса гӏумруялде рахъинарурал чӏахӏиял проектазул цояб ккола республикаялъул шагьаразда МФЦязда жанир лъурал криптокабинаби. Гьелъул магӏна ккола, интернеталдасан гӏарзаги кьун, щвараб штрих-кодалда рекъон, жанивеги лъугьун чияс килщазул расенги паспорталъул суратги жиндицаго бахъулеб букӏин. Гьелъ бигьалъизабула МФЦязул хӏалтӏи (гӏадамазул иргабиги дагьлъула).
Гьединал криптокабинаби Чачан Республикаялдаги лъун руго «Ростелекомалъ».
Пандемиялъул заманалда «горячая линия» гӏуцӏиялъеги кумек гьабуна гьеб компаниялъ. Лейла Мухӏамадовалъ бицана азарго чияс ахӏараб мехгицин букӏунаанила. Гӏадамаз гьикъулеб букӏун буго дарабазул, кинал больницабазде кин къабул гьарулелали, ковидалъ унтаразе чӏезарурал бигьалъабазул хӏакъалъулъ. Гьанжеги буго гьединабго «линия», амма санкциял лъазарун хадур эхеде арал багьабазда тӏасан гӏадамаз гӏарзал рахъулел руго.