Хӏурматиял редакциялъул хӏалтӏухъаби!
«Заман» абураб цӏаралда гъоркь (гьанже – «Хӏакъикъат») магӏарул мацӏалда тӏоцебесеб республикаялъул газета къватӏибе бачӏана 1917 соналъул лъабабилеб апрелалда Темир-Хан-Шураялда.
105-сонилаб тарих нахъа тараб газета лъугьун буго республикаялъул цӏияб гӏумруялда ккарал киналго лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ магӏарулазе бицунеб аслияб алатлъун. Гьелда гӏатӏидго бицуна гьеб рахъалъ республикаялъул нухмалъиялъ гӏумруялде бахъинабулеб политикаялъул хӏакъалъулъги. Машгьурав революционер Махӏач Дахӏадаевасги Шамил имамасул вас Мухӏамадшапигӏил яс Написатицаги хӏадурулеб букӏараб ва Рагъулабгун революциялъулаб комитеталъул (ВРК) политика халкъалда бичӏчӏизабулеб идара хӏисабалда газеталъ рахъкколаан зулмуялъукь рукӏарал магӏарул мискинзабазул, ва гьединлъидал гьеб хехго машгьурлъана захӏматчагӏаздагун рекьарухъабазда ва чаракъосиналъ бечедал чагӏазда цере мухьдахъ хӏалтӏизе ккарал гӏадамазда гьоркьоб.
СССРалъул Верховный Советалъул президиумалъул хӏукмуялдалъун, Дагъистан АССРалъул социалиябгун экономикияб ва культурияб цебетӏеялъулъ лъураб бутӏаялъухъ ва газеталъул 50-сонилаб юбилеялда бан, 1968 соналда «Багӏараб байрахъ» газета мустахӏикълъана «Хӏурматалъул гӏаламат» орденалъе ва 1978 соналда – РСФСРалъул Верховный Советалъул Хӏурматалъул грамотаялъе.
Исана газеталъ тӏубана 105 сон, ва жакъаги гьеб хӏалтӏулеб буго Дагъистаналъул гӏемермиллатазулаб жамгӏияталда дандчӏвалел магӏишатиялгун политикиял ва социалиялгун экономикиял, республикаялъул нухмалъиялъ СМИязда цере лъурал масъалаби тӏуразариялда тӏад.
Баркула редакциялъул хӏалтӏухъабазда газеталъул 105-сонилаб байрам ва гьарула магӏарул халкъалъул миллиябгун маданияб хаслъи цӏуниялъеги гьеб цебетӏезабиялъеги гьабулеб хӏаракаталъулъ икъбал.
Хӏурматгун
Гӏабдуразакъ Жамалудинов, ДРялъул Информациялъулгун печаталъул агентствоялъул нухмалъулев.