Хьаргаби районалда бухӏулеб буго рохь. Цӏа ккана 12 апрелалда Къудукь росдадаса 4 км гӏагарлъухъ бугеб Сасукь абулеб бакӏалда.
Тӏаде ине хӏинкъарал нухал ругеб бакӏ букӏиналъ, цӏа свинабизе захӏмалъулеб буго. Амма гьабсагӏатги гьенир хӏалтӏулел руго МЧСалъулги Цӏа свинабулеб хъулухъалъулги хӏалтӏухъаби.