12 апрелалда рахъарал гьураз дагьа-макъаб букӏаниги зарал гьабуна республикаялда. Махӏачхъалаялда гъутӏби регизаруна, токалъул кварал тӏезаруна.
Каспийскиялда, Ленинил цӏаралда бугеб къотӏноб, гӏемертӏалаяб минаялъул къададаса тӏун бачӏараб гачил кесек дагьалъ хутӏана гъоркьан унел рукӏарал гӏадамазда тӏад речӏчӏизе. Талихӏалъ, лъиениги къварилъи ккечӏо.