РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша Гӏумахановас ДНР ва ЛНР республикабазул лъималазе ритӏана адабияталъул тӏахьал.

«Донбассалъе тӏахьал» абураб акциялъул рахъги ккун, Пушкинил, Лермонтовасул, Гоголил ва Толстоясул хвел гьечӏел асараздаса данде гьарурал тӏахьал ккола гьел.

— Улкаялда лъугьун бугеб захӏматаб ахӏвал-хӏалалъ ракӏги гӏодоб чӏвазабун ругел лъималазул ракӏал биччанте гьел тӏахьаз чӏаголъизаризе. Гьелъулъги батизе бегьула гьезие хвасарлъи, — ян абуна С. Гӏумахановас.