Аварги Гӏандиги гӏорал кьищни-къулалдаса рацӏцӏад гьаризелъун, рамазан моцӏалдаса хадуб кӏудияб гвай базе буго республикаялда. Тадбиралъе нухмалъи гьабизе буго ДРялъул Тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ.

— Аллагьас хъван батани, 16 районги гӏахьал гьабун, кӏудияб субботник тӏобитӏизе ракӏалда буго нижеда кӏал биччан хадуб, — ин лъазабуна рехсараб министерствоялъул нухмалъулев Ибрагьим Ибрагьимовас.