Дагъистаналъул пачалихъияб архивалда ва жалго бетӏергьанал чагӏазухъ цӏунун буго гӏараб мацӏалъ квералъ хъварал ва басмаханаялда кьабурал тӏахьазул нахърател (фонд). Гӏараб мацӏалъ квералъ хъварал тӏахьазул цӏикӏкӏарасеб бутӏа бакӏарун буго РАНалъул ДФИЦалъул тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул Квералъ хъварал къанагӏатал тӏахьазул фондалда. Гьеб фонд рикӏкӏуна Северияб Кавказалда бищунго бечедаблъун, Россиялда — бищун кӏудиязул цояблъун. Гьенир цӏунун руго гӏарабазул, турказул, персазул ва Дагъистаналъул миллиял мацӏазда церего басмаялда рахъарал тӏахьал ва архивазул документал.
Нижергун ккараб гара-чӏвариялда Бакъбаккул хъвавул памятниказул хӏакъалъулъ бицана Фондалъул квералъ хъварал асаразул отделалъул заведующий Мухӏамад Шехмухӏамадовас.
— Мухӏамад, гӏаммаб куцалда, кин гӏуцӏараб гӏараб мацӏалъ квералъ хъварал тӏахьазул фонд?
— Гӏараб мацӏалъ квералъ хъварал тӏахьазул фонд гӏуцӏана 1945 соналда, Миллияб маданияталъул институталъул квералъ хъварал баяназул ва Дагъистаналъул краеведениялъул музеялъул кьучӏалда. Амма цӏикӏкӏараб къадаралда фонд бечед гьабуна XX гӏасруялъул 50-70 соназда щибаб соналъ тӏоритӏарал археографикиял экспедицияз ракӏарарал материалаз. СССРалъул АНалъул Президиумалъул буюрухъалда рекъон, 1963 соналда гӏуцӏана гӏараб мацӏалъ квералъ хъварал тӏахьазул отдел, хадуб гьеб сверизабуна востоковедениялъул отделалде, заманалдасан гьелъие кьуна «Востоковедениялъул центр» абураб статус. Централъул аслиял масъалабилъун рихьизаруна бакъбаккул мацӏазда Дагъистаналъул хъвавул культураялъул памятникал тӏиритӏизари, гьезул суратал рахъи, хъвай-хъвагӏаял гьари ва басмаялда рахъин.
— Гьеб заманалда жаниб щиб гьабун бажарараб нужехъа?
— Централъ кӏудияб хӏалтӏи гьабуна Дагъистаналда бакӏарараб квералъ хъвараб цебесеб заманалъул ирс тӏибитӏизабиялъе, хӏисабалде босиялъе ва цӏех-рех гьабиялъе. Гьеб ккола Гьоркьохъеб Азиялдаса, Гӏагараб ва Гьоркьохъеб Востокалдаса Дагъистаналде росун рачӏарал тӏахьазул культуриял памятникал, гьединго гӏарабазул, турказул, персазул ва Дагъистаналъул миллиял мацӏазда хъварал бакӏалъул авторазул асарал. Жакъа къоялда Фондалда цӏунун буго батӏи-батӏияб заманалда Бакъбаккул бусурбабазул улкабазда (Сириялда, Египеталда, Ираналда, Турциялда, Гьоркьохъеб Азиялъул областазда, Закавказьеялда), копиял хӏисабалда, квералъ тӏаса хъвараб лъабазаргоялдаса цӏикӏкӏараб тӏехь, гьединго азаралда щунусгоялдаса цӏикӏкӏун Дагъистаналъул халкъазул ва Стамбулалда, Къагьиралда, Казаналда, Темир-Хан-Шураялда, Порт-Петровскиялда, Тегераналда гӏараб мацӏазда басмаялда бахъараб тӏехь, къватӏисел улкабазул ва Россиялъул библиотекабаздаса данде гьабураб анлъазарго кагъат ва лъабнусгоялдасаги цӏикӏкӏун микрофильм, ксерокопия ва фотосурат. Гьоркьохъел гӏасрабазул авторазул гӏемерисел асарал ккола цереккун Дагъистаналда тӏиритӏун рукӏарал асаразда тӏасан хъварал. Гьеб гуребги, автографал гӏадин, Фондалда цӏунун руго XVIII-XX гӏасрабазул Дагъистаналъул гӏалимзабазул асарал.
— Кинаб кӏвар бугеб Дагъистаналъул хъвавул памятниказул цӏех-рех гьабиялъул?
— Фондалда данде гьарун ругел хъвавул тӏахьаз ва документаз заманалъул тартибалда жанибе бачуна гӏага-шагарго азарго сон – 1009-абилелдаса 1930-абилелде щвезегӏан. Гьезул буго цохӏого-цо тематикияб батӏалъи: гӏараб мацӏалъул грамматика, лексикография, художествияб гьунар, «Къуръаналъул гӏелмаби», бусурбабазул юриспруденция, тарих, мантӏикъ, этика, астрономия, медицина, гӏараб хӏарпаздалъун дагъистаниязул мацӏазда хъварал асарал. Гьездаса бищунго некӏсиял ккола ХӀV-XV гӏасрабазда хъварал. Фондалда руго Дагъистан областалъул хӏакимзабаз цоцазухъе хъварал, росабазул рахъалдасан хъварал ва гӏадатиял гӏадамаз хъварал кагътал, гьединго дармил актал…
— Фондалда цӏунун ругел квералъ хъварал асаразул каталогал рахъулищ?
— Нижеца басмаялде бахъана Дагъистаналъул гӏалимчи М.-С. Сагӏидовасул цӏаралда бугеб хъвавул хӏалтӏабазул фондалъул квералъ хъварал асаразул къокъабго каталог, гьединго перс мацӏалда хъварал тӏахьазул каталог. Рахъизе хӏадурун руго бусурбан низамалъул ва гӏараб мацӏалъул грамматикаялъул кӏиго кӏудияб тематикияб каталог, гьединго Дагъистаналъул халкъазул мацӏазда ругел хъвавул асаразул каталог. Хӏадурулеб буго аварагасул хӏадисазул, бусурбабазул диниял пикрабазул (догматика) ва Къуръаналъул гӏелмабазул каталог.
— Бокьилаан Фондалда ругел ва къанагӏатал квералъ хъварал асарал рехсани.
— Фондалда цӏунун руго Гьоркьохъеб Азиялъул, Гӏагараб ва Гьоркьохъеб Востокалъул улкабаздаса щварал, тарихчагӏаз гуребги, филологаз ва искусствоведаз пайда босизе бегьулел хъвавул баянал. Мисалалъе, гьенир руго цӏакъго къанагӏатал хъвавул асарал: гӏараб-тюрк словарь; Хунзахъа Дибир-къадица гьабураб гӏараб-перс-тюрк словарь; 704 соналда Самаркъандалдаса Мудаффарас ва Ат-Тавдих фи шарх ал-Хавияс цоцазухъе хъварал кагътал ва гь. ц. Фондалда цӏунун буго гьединго батӏи-батӏияб куц-мухъалъул 57 Къуръан, гьезда гьоркьоса бищунго некӏсияблъун рикӏкӏуна куфи хатӏалъ Мухӏаммад ибн Хӏусан 11 Раби ас-Саница 400-абилел соназда хъвараб, гьеб данде ккола, нилъер къагӏидаялда абуни, 1009 соналде.
— Россиялъул ва къватӏисел улкабазул Бакъбаккул улкаби лъазариялъул гӏелмиял центразулгун Институталъул бухьенал ругищ?
— Институталъ гьоркьор къотӏизе толаро Россиялъул бакъбаккул улкаби лъазариялъул гӏелмиял центразулгун (Москва, Санкт-Петербург, Казань) ва къватӏисел улкабазулгун (Тель-Авивалъул, Бохумалъул, Принстоналъул университетазулгун) ругел гьоркьорлъаби ва бухьенал.
Дунялалъул политикаялда ва экономикаялда гӏарабазул улкабазул кӏвар цӏикӏкӏунеб букӏиналда бан, ахираб заманалда кӏвар кьолеб буго бакъбаккул улкаби лъазариялъул гӏелмуялъул тематикаялде ва культурияб ирсалде. Гьелъул баракаталъ 2007 соналъул декабралда Институталъул дирекциялъ нижер цо хӏалтӏухъан витӏана Санкт-Петербургалъул гӏарабазул хъвавул асаразул институталда моцӏрол стажировкаялде. 2008 соналъул февралалда институталъул Гӏелмияб советалъ хӏукму гьабуна цӏияб, ай бакъбаккул хъвавул асаразул отдел рагьизе.
— Кинаб хӏал бугеб Дагъистаналъул тӏахьазул культуриял памятникал цӏуниялъул ва гьезул бициналъул хӏалтӏул?
— РГНФалъул (Россиялъул гуманитариял гӏелмабазул фонд) ва ИНТАСалъул (СССРалда гьоркьоса арал улкабазул гӏалимзабазе квербакъи гьабулеб гӏуцӏи) грантазул кумекалдалъун Институталъул гӏалимзабазе рес щвана Дагъистаналъул халкъазул тӏахьазул культуриял памятникал цо бакӏалде ракӏаризе ва, гьезул хӏакъалъулъ хъваялъулги бициналъулги мурадалда, археографикиял экспедициязда санайил гӏахьаллъизе. Республикаялъул гӏемерисел районазда гьез тӏатинаруна жалго бетӏергьанал чагӏазул ва мажгитазул гӏемерал китабханаби. Цереккунисел баяназда рекъон, жакъа Дагъистаналда буго щунусгоялдаса цӏикӏкӏун гьединаб китабхана. Планалде босун буго гьенир ругел тӏахьазул каталог гӏуцӏизе.
— Бакъбаккул хъвавул асаразул гьаб заманалъул электроннияб къагӏида гӏуцӏулеб бугищ?
— Гӏагараб заманалда ракӏалда буго Фондалъул киналго хъвавул асарал цӏуниялъе гьезул микрофильмал рахъизе ва цифровиял копиял гьаризе. Гьединаб хӏалтӏи гьабула гӏемерал квералъ хъварал жал ругел киналго бакӏазда. Нилъер республикаялда гьечӏо гьелъие махщелчагӏи хӏадурулел централ, гьечӏо басралъарал тӏахьал цӏи гьариялъул ва ругеб куцалда гьел чӏезариялъул рахъалъ хӏалбихьи. Аслияб жо – кӏудияб квалквал буго гьеб масъала тӏубазабиялъе къваригӏунеб материалиябгун техникияб база гьечӏолъиялъул.
Нури Нуриев