Дагьал церегӏан Украинаялдаса тӏад руссарал Дагъистаналдаса журналистазул цояв ккола «Координационный информационно-культурный центр» ГБУялъул нухмалъулев Мухтар Амиров. «Мирмол» сайталъеги (www.mirmol.ru) «Что там у дагестанцев?» абураб телеграм-каналалъеги материалал хӏадуризе гьесда цадахъ гьенире ун рукӏана Исрафил Исрафиловги Мурад Мухӏамадовги. Гьезго гӏадин Украинаялдаса репортажал хӏадурана «Дагъистан» РГВКялъул корреспондент Умай Ибрагьимовалъги, Россиялъул 1 телеканалалъул ва НТВялъул журналистал Хӏусен Хӏусеновасги, Фарид Муслимовасги, Гӏумар Мухӏамадовасги.

«Хӏакъикъаталъул» редакциялда Мухтар Амировасулгун букӏараб гара-чӏвариялда гьес бицана Донецкиялда, Волновахаялда, Мариуполалда жидедаго бихьараб ракӏгъанцӏизабулеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ.

— Ракӏгъанцӏизабулеб букӏана гьениб бугеб кьвагьа-гӏанхъиялъгицин гуреб, жалго гӏадамал ккун ругеб ахӏвал-хӏал бихьидал. Масала, жидергойин абулеб ракьалда дозул рагъулалги цогидалги къуватаз гӏадамазе гьабулеб вахӏшилъи – жалго нахъе унел бакӏазда тӏолабго инфраструктураго минатахъ балеб буго. Рухӏун руго токалъул подстанциял, риххизарун руго шагьаразде лъим кьолел бакӏал. Рухулел рукӏун руго гьеб кинабго къачӏазейин лъугьарал гӏадамалги. Мобильнияб бухьенги хӏалтӏуларо гьениб. Цо авалалда, азбаралда кколе-толеб жо – гуманитарияб кумек бикьулеб бугищ-гьечӏищали, масала, цогидалда лъалеб батулароан. Гьединлъидал цониги батӏияв чи вихьани, рекерун рачӏун, цӏехолдизе яги жидеда бихьараб гӏакъубаялъул бицине лъугьунаан гӏадамал. Журналист ватаниги, щив ватаниги батӏалъи букӏинчӏо гьезие, цӏияб хабар босун бачӏунеб бугони.

Гӏадатиял гӏадамаз гӏумру гьабулел бакӏазда кьвагьа-гӏанхъиялъе гӏорхъичӏвалеб гӏадат букӏуна. Доба абуни, нацистаз шагьаралъул къватӏал, гаражал, машинаби къачӏазе рухъарал гвендал хандакъаздеги кьвагьдезе санагӏалъи бугел бакӏаздеги сверизарун рукӏана. Гьениса гӏадамал нахъе рачахъаниги, шагьаралдаса къватӏире риччалел рукӏинчӏо гьез гӏадамал. Гьездаса бергьун, инейин лъугьарал чагӏиги, хиянатчагӏи ругилан чӏвалел рукӏун руго. «Дети», «Красный крест» ва гьезда релълъарал цогидал хъвай-хъвагӏаял гьарурабцин транспортги биччалеб букӏун гьечӏо. Гьанжеги биччаларо. Гӏадамаз шагьар течӏого букӏиналъе машинаби хвезарулел, жагъал гьарулел руго. Квен-тӏехалъул рахъалъги гӏадамазул ургъел гьабичӏого, тукабазда хутӏаралниги нигӏматал жидерго рагъухъабазе росун, лъугӏизарун ругоан.

— Украинаялъулазеги гӏурусазеги батӏалъи гьечӏогойищ гьединаб бербалагьи гьез бихьизабулеб бугеб?

— Чӏванкъотӏун абизе кӏоларо кинали. Амма гьел кӏиялго цого гӏадал миллатал ругелъулха. Жидедаго гьоркьоб гӏурус мацӏги бицун, радио, теле-эфираздасан украин-мацӏ бицунел чагӏиги руго. «Москаляку на гиляку» абурал ахӏиял гьарулел чагӏаздехун кинаб бербалагьи гьез гьабулебалиги дида лъаларо.

Жал ритӏараллъун, россиялъулал тӏекъаллъун рихьизарун, киса-кибго бицунеб буго гьез. Амма гьезул ишал тӏубан батӏиял руго. Масала, Буча шагьаралда гӏакъуба кьун чӏварал гӏадамал абун рихьизаруна къватӏ-къватӏазда регарал. Гьелъул гӏайибги Россиялъул рагъухъабазде рехана. Амма гьел гьениса нахъе ана 30 марталда. 3-4 апрелалда абуни байбихьана жанабазул суратал интернеталда лъезе. Лъикӏго халгьабидал, бихьула гьел чагӏазул гъуждуздаги бохдуздаги рухьарал хъахӏал чалаби (ратӏа рахъизе Россиялъул рагъухъабаз рухьуна гьел – авт.), гьединго нилъеразухъ рукӏунел сухпоёкал. Гьелъул магӏна щиб? Гьединал гьерсал гӏемер руго. Украинаялда хасаб операция лъугӏичӏого лъугӏуларо гьел. Жеги-жеги хъвалеб буго гьез Ростовалде гӏагарлъулел ругиланги. Жидерго рагъухъабазул гъира ссвинчӏого букӏиналъе гьабулеб жоха. Битӏараб бицани, къуватаб пропаганда буго доба. ТГ-каналазда щибниги хъвазе байбихьарабго, киса рачӏаралани лъачӏого раккун рачӏуна Украинаялъул рахъккурал ботал. Исламияб цӏар бугев бокьарав чиясда муртадилан цӏарги лъола гьез. Нужеда гьелъул магӏнаниги лъалебищилан гьикъани, жавабги кьоларо. Гьединлъидал лъаларо хасав чийищ хъвадарулев вукӏунев яги цереккунго хӏадурарал жавабал доре-анире рехулел аккаунталищ гьелали. Къватӏисел улкабазги буго гьезие кумек гьабулеб.

Нацистаздаса эркен гьарурал, гуманитарияб кумек бикьулел пункталги, гӏадамазул тӏалаб гьабулел цогидал централги рагьарал шагьаразда ахӏвал-хӏал дагьабго лъикӏ буго, Мариуполалда дандеккун. Гьел бакӏазда хӏалтӏулел руго Россиялдаса волонтёралги. Сах гьариялъе яги цогидалъе квербакъи хӏажалъарал гӏадамал Ростовалде яги Крымалде раччула гьез. Волонтёразда гьоркьов «Молодая гвардия» гӏуцӏиялдаса кӏиго дагъистаниявги вуго – Гӏумар Багъиновги Мухӏамад Мухӏамадовги.

Мариуполалда кӏудияб дармил централда жаниб гьабун буго гуманитарияб кумек бачӏунеб центр.

Ниж дора ругеб мехалда нацистаздаса тӏубанго эркен гьабун букӏинчӏо гьеб, дандечӏарал бакӏал рукӏана. Рокъор диваналдаги регун, интернеталдасан малъарулел чагӏи гӏемер рукӏана – лъихъниги гӏинтӏамичӏого, тӏасахун бомбаби рехун, иш лъугӏизабизе кколаанила гьезул. Амма доре щведал гурони бичӏчӏуларо гьедин гьабизе бегьунгутӏиялъе гӏилла кинаб букӏарабали. Цӏакъ гӏемерал херал чагӏи руго дора. Лъималги гӏолохъанал бихьиналги рихьизего рихьуларо. Нацистаз гӏолохъаби хӏалица рагъизе тӏамун яги разилъичӏел чӏван ратула. Кутакалда ракӏбакъвала гьеб шагьаралъухъ балагьун. Советияб заманалдани гӏезегӏан цебетӏураб промышленносталъул бакӏ букӏун буго гьеб. Гьанже биххун, тӏатӏала ккун буго. Цӏа бакизе гӏадамаз къотӏун гъутӏбиги, цӏулал будкабиги, скамейкабиги хутӏун гьечӏо гьенир.

Гьединго кутакаб къварилъи буго лъел рахъалъги. Жидерго черхалъе рацӏцӏа-ракъалъи гьабизеяли киб гурин, гьекъезецин лъимги щоларого руго гӏадамал. Цин подвалахъ, цинги гаражазухъ, хадур зодикь хутӏун руго гьел.

Сверухъ лъугьа-бахъунелдехун тӏубан бербалагьи хисун буго гьезул. Масала, цӏогьалдехун. Гьез гьанже абула цӏогь гурин гьеб, жалго хвасарлъизелъун жидецаго жидеего гӏамал гьаби кколилан. Гӏадамал шагьаралдаса къватӏире тӏуричӏого рукӏине нацисталги кьвагьдон жагъаллъараб машинаялъул бурдул лъицаниги жиндирго машинаялда лъуни, гьесда лъицаниги гӏайиб гьабуларо. Жиндирго бурдулги хун ругони, шагьар тун къватӏивеги ине бокьун бугони, щибха гъосги гьабилеб? Тӏадежоялъе, техстанциялги хӏалтӏулел гьечӏелъул гьенир.

— Эркен гьарурал шагьаразул гӏадамазе бокьун гьечӏебищ Россиялъул рахъалдехун гочине (нагагьлъун кьвагьа-гӏанхъи цӏидасан байбихьани)?

— Киназего гуро гьениса нахъе ине бокьун бугеб. Бокьаралги руго. Заманаялъ гьеб шагьар рехун тезе бокьарал гӏадамал рачӏунеб централдеги рачӏуна гьел (центр временного пребывания). Гьенибги хал гьабула хадурккун кире гьел ритӏилелали. Хасго бихьиназул. Нацистазда цадахъ вагъулев чи ватизеги рес бугелъул гьезда гьоркьоб.

Палхӏасил, аслияб куцалда дора хутӏун руго кирениги ине разилъуларел херал гӏадамал. Моцӏалъ азбаралъурегицин рахъине изнуги кьечӏого рукӏарал чагӏи цо-кӏиго къоялда жанир хисилищха.

Жидеда хадур гӏагарлъиялъул чагӏи рачӏиналде хьул бугел чагӏиги руго гьезда гъорлъ. Гьеб бакӏ рехун тани, жал тӏагӏинилан абураб пикру буго гьезул. Гьединлъидал гьез къадазда, нуцӏбузда седон тун руго хъвай-хъвагӏаял гьарурал гӏисинал тӏанчал. Гьез гьениб хъван бугоан жал мадугьалихъ бугеб минаялъур яги подвалалъур ругилан. Гьединго цоялъ хъван бугоан жиндирго гӏагарав чиясухъе мун жинда хадув вачӏинаревищилан. Журналистазухъеги кьуна гьез жидергоги гӏага-божаразулги телефоналги хъварал кагътал. Гьарана гьезда жал ругеб бакӏ лъазабеян. Гьезул кӏудияб хьул буго гьениса нахъе рачине жидеда хадур чагӏи (гӏагарлъи, гьудулзаби) рачӏинилан.

Гӏезегӏан соназ дора гӏумру гьабун ругел нилъер дагъистаниязги гьабулеб буго цоцазе кӏудияб кумек, миллат, росу-ракь цӏехечӏого. Дагьабниги кумек къваригӏун букӏин лъани, пири гӏадин рортула цоцахъе.

Гьадинго нухда-къватӏир данде ккараб мехалдагицин хӏатталдаса ун рохула нилъерал. Донецкиялдасан унаго нижер машинаялда 05 номерги бихьун, данде векерун вачӏана нилъер цо контрактник жив нужехъ халккун чӏун вукӏанилан. Дир телеграм-каналалдасан лъан бугоан гьесда ниж гьенире рачӏунел рукӏин.

Дие гьениб кутакалда асар гьабуна цо хӏужаялъ. Мариуполалъул больницаялдаса къватӏире рахъун рачӏунел рукӏана ниж. Минатахъ щущараб, бидул цӏураб сверухълъиги цӏоройги – гьелъул милат гьабичӏого гӏадин дунялалде рачӏунел цӏиял лъималги, сах гьарулел гӏадамалги… Больницаялъул рагьтӏа цо чӏужугӏадан данде ккана нижеда гьаказда тӏад лъураб гьитӏинаб чемодан гӏадаб сумкаги гиризабулаго ячӏуней. Нижеда цадахъ вукӏарав Мурад Мухӏамадовас лъим бугищин гьикъана. Жиндаго гӏайиб ккарай гӏадинги лъугьун, жиндихъ гьечӏинха гьеб лъимилан абуна гьелъ. Гьелда ккана нижее гьеб къваригӏун бугилан. Цинги нижеца машинаялъусаги босун кӏудияб баклажка кьуна. Жинца гьаб цогидазеги бащад гьабилилан абуна гьей гӏаданалъ йохуца холаго. Гьеб лъедаса гьелъулги цадахъ йикӏарай ясалъулги букӏараб рохел бихьизе бокьилаан, гьеб баклажкагӏанасеб месед нижеца кьураб кинигин. Цинги журналистазул цояс, къвалги бан, абуна гьелда дагьалъги яхӏ бахъейин, нужее кумек тӏаде щвезе бугилан. Гьеб мехалда гӏодун йиччана гьей гьединаб хинлъи некӏогоялдаса бихьичӏин жиндайилан.

Гара-чӏвари гьабуна

Зульфия Хӏажиевалъ.

М. Амировасул суратал