Жакъа республикаялда хутӏарав Кӏудияб Ватӏанияб рагъул 29 ветеранасе моцӏи-моцӏие кьолеб гӏарац цӏикӏкӏинабизеги, ремонтал гьарун, байрамкъоялде гьезул рукъ-бакӏ къачӏазеги, цогидал хӏажалъаби тӏуразеги гӏамал гьабеян тӏадкъай кьуна Сергей Меликовас гьал къоязда республикаялъул нухмалъиялда тӏобитӏараб данделъиялда.

Цӏикӏкӏинабун буго Бергьенлъиялъул къоялде ветераназе цоцӏул кьолеб гӏарацги (30 азарго гъурщил бакӏалда — 50 азарго), материалияб рахъалъ цӏуна-къаялъе моцӏи-моцӏие кьолеб гӏарацги (кӏиазаргоялъул бакӏалда – 20 азарго гъурущ).