Хӏурматиял «Хӏакъикъат» газета цӏалулел. Гьале исанаги ахиралде щвана бищун хириял моцӏазул цояб, жинда жаниб рахӏматалги гӏемераб, баракатги гьарзаяб рамазан моцӏ. Кӏалбиччанкъоялде столал къачӏалел, натӏухӏ къалел, пахъухъ багъарулел, цӏурачадазе нису хъурулел, гьаналъхинкӏазе гьан буссулел, ай «бищун тӏагӏамаб пишаялде» руссун ратила гӏемерисел. Рагьде рачӏарал гӏисинал лъималазул къвачӏинибе рехизе конфет-чакаралъул нахърател гьабулел ратила цогидал. Лъабабилел магӏарухъе ине транспорт балагьулел, Гӏидалъул къоялъ умумузул хабаде рахине щвезе, росулъе гӏедегӏун ратила.
Аллагьас нужер киназулго ккураб кӏалги бахъараб сахӏги къабул гьабеги. Тӏаде-тӏадеялъул бачӏунеб къоги, гъорлъа чи камичӏого, дандчӏвалеб батаги киназго. Амин.
Ифтаразул гуч
Ахиралде щолеб бугеб рамазаналъе нухги битӏулаго, аралъул хӏисабги бачӏунелъул пикруги гьабизе минутал тӏаде щолел рукӏун, жакъасеб номералда кӏалккун моцӏалъ республикаялда лъугьунеб-толеб букӏаралъул хъвазе хӏукму ккана.
Кутакалда ракӏгъураб моцӏ букӏуна рамазан. «Рамазан тӏаде щолелъул, рагьула алжаналъул каваби ва къала жужахӏалъул, гьединго илбисалъул хӏатӏалги квералги рухьуна. Рамазаналда жаниб бугебщинаб кириги лъикӏлъабиги лъалебани инсанасда, гьесие бокьилаан гьеб моцӏ тӏубараб лъагӏалица букӏине». Лъимерлъудасаго лъалел свалат-салам лъеяв аварагасул хӏадисал…
Хӏакъикъаталда бицун бажарулареб рекӏелгъейги, ракӏжубайги, пашманлъиги, рохелги жубараб моцӏ буго рамазан. Буго гьелъулъ цо гӏажаибаб къуват.
Диени бищунго рамазаналъул ахирисеб къо бокьула. Гӏага-божаразул хабазде зиярат гьабизе рачӏарал гӏадамаз цӏун, берцинаб чӏаголъиги ракӏжубайги букӏуна гьеб къоялъ росулъ. Бакъаникакдаса рахъун хадуб харабаз бачунеб такбиралъул гьаракь, цоцазул росулел кверал, «тӏадеялъул бачӏунеб къо рохалида, гъорлъа чи камичӏого дандчӏвалеб батагиян» цоцазе гьабулеб гьара-рахьи. Маркӏачӏудехун щибаб авалалда кӏалбиччалеб гӏужалдехун тӏагӏамаб кванил махӏ. Лъимерлъудасаго гьеб сурат хутӏана рекӏелъ бикӏун.
Исанасеб кӏалккун моцӏ ракӏалда чӏанин абизе бегьила рикӏкӏен гӏемерал ифтараздалъун. Церехун нилъер болмоцӏалда гӏемер хӏалтӏизе гьарулел рукӏинчӏел цӏиял рагӏабаз щулаго ккуна жиндирго бакӏ. Ифтарги сухӏурги (маркӏачӏуда кӏалбиччай ва кӏал кквезе радакь рахъин) кколеб буго гьезул магӏна.
Амма жибго сухӏуралъул цӏакъго къанагӏат гурони бицунеб рагӏуларо, масала, ифтаралъул гӏадин. Радакь рахъине кинавго чиясухъа бажарулеб гьечӏолъигӏаги батила гьелъие гӏилла. Амма ифтаралде нилъер гӏадамал цӏакъ гъираялда рачӏунел руго. Гьеб якъинго бихьана щибаб къоялъ маркӏачӏул гӏужалдехун шагьаралъул мажгитазда цебе бакӏарулеб гӏаламалъухъ балагьун. Бищун цӏикӏкӏун гӏалам данделъана жеги бан бахъун гьечӏеб Гӏиса аварагасул (гӏ. с) цӏаралда балеб рухӏияб централда. Кӏалккун моцӏ лъугӏизегӏан республикаялъул киналго муниципалиял районаз ирга гьабун ифтарал гӏуцӏана гьенир. Щибаб къоялъ 5000-гӏанасев чи кваназавуна. Жидерго районалъул ифтар тӏобитӏулеб къоялъ бищун рикӏкӏад бугеб магӏарул росулъаги рачӏана гьенире гӏадамал. Ахӏулел мавлидалгун нашидалги, рухӏиял церехъабаз гьарулел вагӏзабиги, белъунеб пловги. Хӏасил-калам, гӏураб чӏаголъи букӏана гьаб моцӏалъ рухӏияб централда.
23 апрелалда Каспийскиялда, «Анжи-Аренаялда», тӏобитӏана республикаялъул ифтар. 22000-гӏанасев чи вакӏарун вукӏана гьеб къоялъ стадионалде. Байбихьуда цохӏо Каспийск шагьаралъул гӏадамалги ахӏун гьабизе ракӏалда букӏараб гьеб, хадуб тӏолабго республикаялъулаб даражаялда тӏобитӏизе ракӏалде ккун буго гӏуцӏарухъабазда.
Тадбиралъе байбихьи лъуна Йеменалдаса гьоболас Къуръаналдаса аят цӏалиялдалъун. Битӏун тӏадбан гьес гьеб цӏалулеб заманалда халкъалда гъорлъ цо рагъа-рачари лъугьана, цересел кьерда рукӏарал гӏадамал варххан тӏаде рахъана. Муфти, шайих Ахӏмад-хӏажи вачӏунев вихьун тӏаде рахъарал чагӏи рукӏана гьел. «Гӏодор чӏа, гӏодор чӏа, дун кӏодо гьавурал нуж Аллагьасги кӏодо гьареги», — ян абулаго, цадахъ вукӏарав гьоболгун, гӏодов чӏана муфти.
Йеменалдаса гьоболасдаса хадуб сцена ккуна Авар театралъул гӏолохъанав актер Мухӏамад Дудуевасги гьесул гьалмагълъиялъги. Сагӏудиязул Гӏарабиялда букӏунеб гӏадаб ретӏа-къайгун, свалат-салам лъеяв аварагасухъ Мадинаялъул халкъ ралагьун чӏун рукӏараб куцалъул хӏакъалъулъ бицунеб гьитӏинабго сценка бихьизабуна гьез. Цӏакъ махщалида хӏана Дудуевас гьеб роль. Гьунар бугев чи вуго.
Хис-хисун рачӏун, «Кавсар», «Бакълухъ» ва «Нашидул Ислам» къокъабаз ахӏулел нашидазги берцин гьабуна тадбир. Анцӏгоялдасаги цӏикӏкӏун сон бан букӏана «Нашидул Исламалдаса» Мухӏамадшафи Гӏашуровасги Яхӏя-хӏажи Мухӏамадовасги ахӏулел нашидал рагӏичӏого. 2009-2010 соназда цӏакъ машгьураб къокъа букӏана гьеб республикаялда. Доб мехалъ нашидал ахӏулел гӏолохъабиги гӏемер рукӏинчӏо. Гьез байбихьи лъунин абизе бегьула. Кӏиялго гьел ккола Махӏачхъалаялъул аслияб мажгиталъул рукӏарал будунзаби. Гӏарабазул будунасул гьаркьида релълъинабун, гьез ахӏулеб какил гьаракь тӏолабго Махӏачхъалаялда тӏад тӏибитӏун унаан 15 соналъ цебе. Лъикӏал гӏолохъаби руго. Исламги аварагасул нухги ккурал. Тӏабигӏаталъ кьураб гьунар, гьаб ракьалъул рокьукъабщинаб, къабихӏабщинаб, сурарабщинаб пишаялда гьоркьоб билизе течӏого, гӏаламго хӏайран гьабун, бацӏцӏадаб нияталъе къурбан гьабурал. Аллагьасул баракатги саламги лъеги гьезда.
Берцинго ахӏулел нашидазухъги, имамзабаз, гӏалимзабаз гьарулел вагӏзабазухъги гӏенеккун гьоркьо-гьоркьор сагӏтиде балагьун, кӏалбиччалеб гӏуж кидадай щвелаян сабру хун рукӏана гӏемерисел. Кин бицаниги, махӏниги бигьаяб жоги батиларо, къоялъ ракъунги рукӏун, жеги кӏал биччазе лъабго сагӏатгӏанасеб мехги букӏаго, гӏодоб тӏибитӏараб кванихъги ралагьун, къулчӏулаго хӏацӏугун, заман инаби.
«Нусабго лагаялъ кквезе ккола рамазан моцӏалъ кӏал»
Гӏадамазда гьоркьоб дагьабго чӏаголъи лъугьана тадбир бачунес Мухӏамадрасул-хӏажи Сагӏадуевасе рагӏи кьедал. Халкъалъе бокьула гьесул вагӏзаялъухъ гӏенеккизе. Жакъа гӏадин ракӏалда буго Махӏачхъалаялъул аслияб мажгиталъул имамлъун гьев хӏалтӏулел соназ, гьесул вагӏзаялъухъ гӏенеккизе гӏоло, как ахӏизе сагӏаталъ цеве рузман къоялъ мажгиталде дунго гӏедегӏулев вукӏараб куц. Цо рузманалда гьес, цогидаб анкьидасан гьесул заместитель Зайнулла-хӏажи Атаевас гьарулел камилал вагӏзабазухъ гӏенеккизе ругьунлъун вукӏана. Дун гуревги, тӏубараб шагьарго. Сабураб, рекӏелъе лъугьунеб гьесул каламалъ дида дунялалда квешлъиги, хӏалихьатал гӏадамалги, кибалиго чӏвай-хъвейги, инжитлъиги, пасалъиги бугеблъи кӏочон тун батулаан. Ракьалда тӏад цохӏо исламги, гьелъул гӏорхъаби лъалареб гӏатӏилъиги берцинлъиги гурони гьечӏин абураб пикруялъ ханлъи гьабулаан дида тӏад.
Гьедин букӏана 10-15 соналъ цебе. Гьебгощинаб заман бан букӏана дида Мухӏамадрасул-хӏажи Сагӏадуевасул вагӏза рагӏичӏого. Махӏачхъалаялъул мажгиталъул имамасул хъулухъги тун, муфтиясул тӏоцевесев заместительлъун ана гьев цо заманалъ. Гьединго гьев вукӏана республикаялъул гӏалимзабазул советалъул нухмалъулевги. Гьанже муфтиясул кумекчилъун вуго.
Кидаго гӏадин цӏакъ щвалде щвараб, бергьараб магӏнаялъул букӏана республикаялъул ифтаралде халкъ данделъараб бакӏалда гьес гьабураб вагӏзаги. Щибаб абураб рагӏул магӏна гьабун, тӏубараб мажмугӏ бахъизе рекъараб кӏалъай букӏана.
Мухӏамадрасул-хӏажица баркана бусурбабазда ахиралде щолеб бугеб рамазан моцӏ. Бицана гьелъул пайдабазул, лъикӏлъабазул, гьелъ жанире рачун ругел рикӏкӏен гӏемерал кири кӏудиял мисалазул.
— Жакъа гьаниве вачӏанщинав чиясда кӏвелаан гӏадатияб къагӏидаялъ, рокъор телевизоралда цере нужерго гӏага-божаралгун, лъикӏаб тӏагӏамаб кванда нахъа кӏалбиччазе. Жакъа гьаниб белъун кьолеб пловалдеги, чанго чадил мочӏуялдеги хьулги лъун рачӏун ратиларо нуж гьанире. Нуж киналго гьанире рачӏана динцоял вацалги яцалги цоцада рихьизе бугеб ресалъ, цоцазда гьоркьоб гьуинлъи, вацлъи щула гьабизе бугеб нияталъ ахӏун. Нилъеца кигӏан гӏемерал кӏалал ккуниги, гӏибадат гьабуниги, гьелъул щибниги мунпагӏалъи гьечӏо, цоцазда гьоркьоб гьуинлъиги ракӏжубайги гьечӏони.
Рамазан моцӏалъго гӏадин, алжаналъул каваби рагьула щибаб итни ва хамиз сордоялъ. Нилъер лъикӏал гӏамалал къабул гьаризе къачӏан рукӏуна малаикзабиги. Амма свалат-салам лъеяв аварагасул хӏадис буго, гӏумруялъ гӏибадатги гьабун, кӏалалги ккун ругел кӏиявго диналъул вацасул лъикӏаб гӏамал къабул гьабуларила, гьел цоцалъ барщун ругони. Тӏадегӏанав Аллагьас амру гьабулила малаикзабазде, гьел кантӏуларищали бихьизе, гьезие дагьалъ заман кьейилан. Гьеб мехалъги рекъезе гьез ният гьабичӏони, гьезул лъикӏаб гӏамал къабул гьабуларила тӏадегӏанав Аллагьас. Гьедин буго хириял диналъул вацал, свалат-салам лъеяв аварагасул хӏадисалда. Гьанже нужецаго пикру гьабеха, къад къоялъ кӏалги ккун лъикӏаб гӏамал гьабулелинги абун, Аллагьасда цереги рукӏун, цоцазда гъорлъ гьуинлъи гьечӏони, нилъер кӏалазулги гьабураб гӏибадаталъулги хайир букӏинищали. Цоцалъ рекъон ругел гӏадамазул разиял гьурмаздаса берцинаб жо щибха букӏинеб? Гьединлъидал дица гьарула нужеда цоцазда гъорлъ берцинго, лъикӏлъиялда рукӏаян. Гьадинги хӏалуцараб ахӏвал-хӏал буго улкаялдаги, улка тун къватӏибги. Ахӏвал-хӏал лъикӏаб гьечӏо. Кинабго жо хиралъулеб буго. Гьаб дандекъараб, къваридаб ахӏвал-хӏалалда гьоркьор нилъго рукӏине бегьуларищ ракӏ разиго, рохун, цоцазе кӏвараб кумекги гьабун?
Гьединго дие цоги абизе бокьун буго цохӏо кванидаса инкар гьабун, кӏал ккун ругилан рукӏарал гӏоларо нилъ рамазан моцӏалда. Киналго лугбаз буго кӏал кквезе къваригӏун. Гьереси-гъибаталдаса, чороклъиялдаса, зинаялдаса нилъерго лугбал цӏунизе къуват кьеги нилъее киназего. Гьеб ният нилъер загӏиплъугеги кӏалккун моцӏ лъугӏун хадубги. Рамазан моцӏ унилан, ричча-рихъан, ургъел кӏочон, мунагь-хатӏаялде ракӏ гьесулеб хӏалалъ рукӏине бегьиларо нилъги, нилъер нусабго лагаги. Аллагьас тавпикъ кьеги тӏоцебе диеги, хадуб нужееги битӏарб нух кквезе, щайтӏанги рекӏелъа бачахъизе. Ассаламу гӏалайкум, варахӏматуллагьи вабаракатугьу, — ян лъугӏизабуна Мухӏамадрасул-хӏажица вагӏза.
Жиндасаго хадуб кӏалъазе рагӏи кьун, сценаялде гьес ахӏана Татарстан республикаялъул муфти Камил-хӏазрат Самигуллин. Нилъер республикаялде гӏемер щолев гьобол вугин, цӏакъ берцинаб рецц-бакъ гьабун, адабалда къабул гьавуна Мухӏамадрасул-хӏажи Сагӏадуевас гьев сценаялде.
Жидер доба абулин ахӏичӏого вачӏарав гьоболасдаса квешав чи цохӏо татарав гурони вукӏунарин абун. Гьединлъидал гӏемерав щваниги, ахӏичӏого жив Дагъистаналде вачӏунарилан махсараги гьабун байбихьана Камил Самигуллиница кӏалъазе. Цӏакъ кӏалъазе махщел бугев чи вугоан. Бихьулеб букӏана чанго бакӏалда цӏалун, исламияб лъай камил гьабурав чи вукӏин. 2003 соналда Махӏачхъалаялъул Мухӏамадгӏариф-афандиясул цӏаралда бугеб Северияб Кавказалъул исламияб институталде цӏализе лъугьун вукӏун вуго гьев. Лъагӏалица гьенивги цӏалун, 2003-2007 соназда цӏалун вуго Стамбулалъул «Исмагӏил агъа» мадрасаялда. Википедиялда хъвараб жо уяб батани, 2017 соналда цохӏо гьев вукӏун вуго Россиялда ругел муфтиязда гьоркьов Къуръан рекӏехъе лъалев хӏафиз.
Цӏакъ берцинаб, магӏна гъваридаб вагӏза гьабуна гьес «Анжи-Аренаялда».
Бищун ахиралда гӏадин кӏалъазе рагӏи кьуна республикаялъул муфти Ахӏмад-хӏажи Гӏабдулаевасе.
Дагьав кватӏун вугониги, Каспийскиялда букӏараб кӏудияб ифтаралде вачӏине заман батана республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасдаги.
«Нашидул Ислам» къокъаялъул хӏаракатчи Мухӏамадшафи Гӏашуровас, маркӏачӏул какги ахӏун, киназго кӏал биччана. Кваналел гӏадамал рукӏаго, салюталги кьвагьана. Цо-цо тӏокӏрорчӏарал мисалалги камуларелъул, гьеб квагьа-гӏанхъи гьабиялъул щибго магӏнаги букӏинчӏо гьениб.
Умумузул кӏалбиччанкъоялдаса ракӏалдещвей
Гьаб макъала лъугӏизабизе бокьун буго, умумузул биценазда рекъон, некӏо магӏарухъ кӏалккун моцӏ ва гӏидалъул къоялъул тӏагӏам кинаб букӏарабали ракӏалде щвезабиялдалъун.
Эбелалъ бицунаан гьелъиеги кӏудияй эбел Париханил Патӏиматица бицараб цо гьадинаб хабар.
Гьанжеялдаса 100-125 соналъ цебе, нартичирахъал гурони гьечӏеб заманалда, гӏадамал тӏаде рахъинаризе унаанин жиндир эмен, мунагьал чураяв Ахкул Мухӏамад.
Бухулаго резил тӏарсгун: «Гьан тӏамулел тӏаде рахъа, тӏех буцулел дагьалъги чӏа, чӏагӏа бугес дунги ахӏе, гьо, гьо, гьо – гье -гье, гьа- гьа», — янги ахӏулаго, радакье гӏужалъ росу сверулеб букӏун буго гьес.
Цохӏо лахӏзаталъгӏаги гьеб заманалде ине рес букӏарабанищин ккола дида гьеб хабар ракӏалде щванщинахъе… Гьелдаго цадахъ цӏакъ хьул лъола умумузул кӏалбиччанкъоялъ столалда тӏад букӏунеб букӏараб тӏагӏамалъул эбелалъ дие бициндал. Гьанже гӏадин, гохӏ гьабун, гӏемерисеб нухалъ лъицаниги хӏалбихьичӏого толел торталгун пирогал гуреб: натӏухӏги, пахъухъги, хъухъанчадалги, гьоцӏоги, цӏурачадалги, урбаги, беччараб чедги букӏунаанин цебе кӏалбиччанкъоялъ хӏадурун. Гьанже лъил рокъоб гьединаб тӏагӏам батулебали нужецаго нужее кье суал. Нагагьлъун жаваб щвани, нижехъе, редакциялдеги битӏе.
Ашахан Юсупов