Идрисил рахъалдасан дир мугъчӏвай гьабулев сайид, муъмин- забазул амир Шамилиде. Ассаламу гӏалайкум. Аллагьасул салам лъеги дуда, Гьесул рахӏматал-разилъигун цадахъ. Амин. Цинги. Нилъер вац наиб Хӏажияс Ражабихъе кьун, гьесда кодоб букӏараб хеч, Алмахъ росулъа анцӏила цо чиясда гьоркьоб гӏахьалаб хеч буго, хумус босун хадуса хутӏун букӏараб. Гьебги гьанже гьезул мулк, ай гьезул буголъи ккола, цебе букӏараб гӏадин. Гьеб нижее, цӏураб сордоялъ зодоб моцӏ кинигин, якъи- наб буго. Щайгурелъул гьеб гӏемерал гӏадилал чагӏазул нугӏлъиялдалъун нижеда аскӏоб чӏана. Хадубги нижер салам бице Дагъ- истаналъул горсвериялъул бакълъун вугев шайихзабазулги шайих Жамалудинида, гьединго гвангъараб кӏиго цӏва Мухӏамад-апандидаги къади Хӏажиясдаги, гьединго имамасул кваранаб кверлъун вугев нижер вац Хӏажи-Яхӏядаги. Жеги дица дуде васият гьабулеб буго, дир хирияв имам, сордо-къоялъул хириял гӏужазулъ дур дугӏаялъул чвахи нижедеги биччаян абун. Вассалам. Гьалдалъун тана. Нахъисеб рахъалда: Шамилил рахъалдасан дир вац Хӏажиясухъе. Ассаламу гӏалайкум. Цинги. Нилъер вац Идрисил рахъ- алдасан гьаб кагъат дихъе щведал, гьесул гьари нахъчӏвазе дие рес рекъечӏо. Гьединлъидал дуца нилъер вац Ражабихъ тун букӏараб хеч дица тӏадбуссинабуна. Дуца гьесдаги дов цоясдаги гӏайиб чӏваге. Вассалам