«Журавли» гӏелмияб ва гӏадамал сах гьариялъул идараялъул кумекалдалъун «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъгун Россиялъул Халкъазул Ассамблеялъ, исана 16 июлалда Махӏачхъалаялда тӏобитӏизе буго магӏарулазул «Миллаталъул цӏва» абураб республикаялъулаб фестиваль.
Гьеб тадбир гӏумруялде бахъинабулеб буго, ДРялъул хӏукуматалъул бетӏер Гӏ. Гӏабдулмуслимовасда дандги бан, Р. Хӏамзатовасул 100 ва «Хӏакъикъат» газеталъул 105 сон тӏубаялда хурхун. Фестивалалъул аслияб масъала буго магӏарул мацӏ, адабият ва маданият цебетӏезаби, гьелъул кьучӏалда халкъазда гьоркьоб гьудуллъи щула гьаби. Фестиваль тӏобитӏиялъул Положениялда бихьизабухъе, гьенир рукӏине руго тӏадехун сураталда рехсарал номинациял.
Гьари буго, нужер хӏисабалда кинаб номинациялъе щив рекъарав вугевали нижер телеграмалъул гьаб https://t.me/+E81rnqdZaos4MGNi боталде хъван, ялъуни газеталдаса къотӏун гьеб нижехъе, редакциялде почалдаса яги электроннияб адресалде битӏеян ([email protected]). Бегьула сурат бахъун вацапалъул номералде битӏизеги: 8(928)950-07-19. Нужер пикрабиги хӏисабалде росун, гьелъул хӏасил гьабизе буго хасаб жюриялъ.
Магӏарул районазул бутӏрузде, школазул директорзабазде гьари буго Махӏачхъала шагьаралда 2022 соналъул 16 июлалда тӏобитӏизе бугеб Фестивалалъул кӏиабилеб бутӏаялде нужер районалъул вакилзабаз батӏи-батӏиял номинациязда рекъон хӏадурлъи гьабиялъе квербакъи гьабеян. Районазде битӏун буго гьелъул хасаб Положение. Фестиваль тӏобитӏизе буго «Журавли» гӏелмиябгун гӏадамал сах гьариялъул комплексалда, гьаб адресалда: Махӏачхъала, Сулахъ шоссеялъул 4-аб. километр. Байбихьи – радал сагӏат 10-ялда. Фестиваль тӏобитӏиялъул Положение батила нужеда «Хӏакъикъаталъул» сайталдаги (https://hakikat.info/), телеграм-каналалдаги https://t.me/+E81rnqdZaos4MGNi