17 апрелалда “ЧитайЕшь” рестораналда “Тӏагъур” ва “Кӏаз” абураб проекталъул кьучӏалда тӏобитӏана къватӏисел пачалихъаздаса Дагъистаналъул вузазда цӏалулел ругел студентазда гьоркьоб Дагъистаналъул тарихгун маданияталда тӏасан брейн-ринг.
Тадбир гӏуцӏарал ва жибго гьеб проект ургъарал ккола филологиял гӏелмабазул кандидат Даниял Мухӏамадов ва этно-блогер Фатима Гӏабдурахӏманова (Фати-добро).
Къецалда гӏахьаллъана 10 студент. Гьезда гьоркьор рукӏана Сагӏудиязул Гӏарабиялдаса, Индиялдаса, Палестинаялдаса, Камеруналдаса васалгун ясал.
Брейн-ринг гӏуцӏун букӏана лъабго бутӏаялдаса, ва хӏасилалда чӏел босана “Тӏагъур” къокъаялъ.
Проекталъул аслияб масъала букӏана батӏи-батӏиял тадбирал, къецал тӏоритӏун, цӏех-рехал гьарун, лъималазулги, гӏолохъанаб гӏелалъулги, хӏатта къватӏисел улкабаздаса рачӏарал, нилъер гьанир гӏумру гьабун ругел гӏадамазулги нилъер рухӏияб бечелъиялъулгун лъай-хъвай гьаби, гьеб цебетӏезаби бугин бицана Фатима Гӏабдурахӏмановалъ.
— “Тӏагъур” ва “Кӏаз”- гьеб бихьиназулги руччабазулги дандечӏей гуро. Нижеца хӏаракат бахъула унго-унгоял, нилъерго яхӏги махӏги чорхолъ бессарал бихьинчиясулги чӏужугӏаданалъулги образ рагьизе, жакъа къоялдаги умумузул гӏадат-гӏамал цӏунизе бажарулеблъи бихьизабизе, — ян бицана гьелъ.
Тадбир лъугӏун хадуб, “Тут добро” фондалъ, къецалъул гӏахьалчагӏазе кьуна кванил нигӏматазул къучӏби ва цогидалги сайгъаталгун шапакъатал.
Мухӏамад Манапов