Рагъул гӏахьалчагӏазда ващалъизавуна жеги 19 дагъистанияв. Гьел ккола 1999 соналда республикаялда букӏараб рагъулъ гӏахьаллъарал ополченцал. Гьеб даражаялъе мустахӏикълъизе квербакъана рагъулъ гьезие щварал шапакъатазги судазул хӏукмабазги.

ДРялъул хӏукуматалъ 2021 соналъул 11 октябралда тӏоцебе тасдикъ гьабураб ополченцазул сияхӏалда вукӏана 529 чи. Тӏаде цӏи-цӏиял цӏарал лъанагӏан, гьеб кӏодолъулеб буго. Гьедин гьанже ахиралда жидехъе щуго батӏияб муниципалияб гӏуцӏиялдаса гӏарзаби рачӏун рукӏанин бицана хӏукуматалъул данделъиялда захӏматалъул ва социалияб рахъалъ цебетӏеялъул министр Гӏабдурахӏман Махӏмудовас.