27 апрелалда, «Дагъистан» РИАялда танкалъул экипажалъул командир, кӏудияв сержант Марат Халикъовгун журналистазул дандчӏвай тӏобитӏана. Гьесул бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ улкаялъулго СМИяздасан бицунги букӏана. Лъукъиялъухъ балагьичӏого, гьесухъа бажарана жиндирго къайицадахъасул гӏумру хвасар гьабизе ва тушманасухъе щвеларедухъ жиндирго танк кьвагьизабизе. Халикъовас журналистазе бицана Украинаялда бугеб хасаб операциялда нилъер солдатазул бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъги, кинабго хӏажатабщиналдалъун гьел пачалихъалъ хьезарун рукӏиналъулги. Марат Халикъовасе бахӏарчиясул цӏар кьезе хӏадурлъи гьабулеб бугинги бицана данделъиялда. Маратилгун ккараб дандчӏваялъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго бицине буго газеталъул хадусеб номералда.