Гъизилюрт районалъул Языковка росдада гӏагарлъухъ ратана 1942 соналда бортараб Су-2 самолёталъул хутӏелал. Амма гьелъул лётчик щив вукӏаравали якъинлъун гьечӏо. Гьедин бицана гьал къоязда республикаялъул журналистазе кьураб пресс-конференциялда Хӏайбула Гӏумаровас. Гьев ккола «Поисковое движение России» абураб гӏуцӏиялъул Дагъистаналда вугев нухмалъулев.
Акаевасул самолёталъул гӏадаб къисмат ккеладай?
Хӏайбула Гӏумаровасда цадахъ журналистазулгун дандчӏваялде рачӏун рукӏана самолёталъул кескал ракьулъа рахъизе квербакъарал Хасавюрталдаса ТОКСалъулалги – «Кавказ» абураб къокъаялдаса гӏолилал. Гьездаго цадахъ жеги Ингушетиялдасагун Нижний Новгородалдаса поисковикалги гӏахьаллъун руго гьеб ишалъулъ.
Хӏайбула Гӏумаровасул рагӏабазда рекъон, самолёталъул хутӏелал кир ругелали Языковка росдал гӏадамаз бицун буго гьезда. Лъабго къоялъ тракторалъги цадахъго гӏолохъабазги лъабго метралъул гъварилъуде щвезегӏан ракь бухъун гурони, гьезда тӏадеги кколел рукӏун гьечӏо. Дагьабниги гъварилъуде раккидал, лъимги кӏанцӏун буго гьенибе. Гьелъги квалквал гьабун буго ТОКСалъулазе.
Гьединлъидал гӏезегӏан заман къваригӏинехъин буго хӏарщудасаги кьавуялдасаги гьел рекелал рацӏцӏад гьаризе. Гьедин гьабизе гьабсагӏаталда Хасавюрталде росун руго гьел. Цебе ккараб куцалда хӏарщги кьавуги нахъе хъвагӏани, тӏаса номералги цогидаб хъвай-хъвагӏайги ине бегьулин бицана Гӏумаровас.
Ратанщинал кескал дандрай цохӏо ТОКСалъулазе захӏмалъулин, амма къватӏисан гьелъие кумек щвани, гьабизе кӏолареб жоги гьеб гурин бицана Гӏумаровас. Масала, Казаналда ругила гьединал махщалилал.
Хадурккун самолёталъул хутӏелал республикаялъул цониги музеялда лъезе бегьилин Гӏумаровас абидал, журналисталъ гьикъана Юсуп Акаевасул самолёталъулго гӏадаб къисмат ккеладай гьелъулгийилан. Анлъго соналъ цебе Керченский проливалъул тӏиндаса бахъараб Совет Союзалъул Бахӏарчиясул Ил-2 Буйнакскиялъул музеялъул азбаралъуб туризе тун батун, ахӏи бахъун букӏана. Жидеца иш гьелде ккезе теларин рагӏи кьуна Хӏайбула Гӏумаровас. РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша Гӏумахановасги рахъкколила жидер тадбиразул.
Ватӏаналде тӏад руссин
«Кавказ» гӏуцӏаралдаса сверулеб бугеб щуго соналда жаниб гьелда гъорлъе рачӏунел, хадур цо-цо гӏиллабазда бан (ясал – росабазе кьун, васал — цӏализе ун) нахъе арал киналниги гӏолилазул къадар 150-ялде бахана.
Гьезул цояв, Мурадица бицана, Ингушетиялдагун Волгоградалда, Севастополалда жидеда ратанила Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалъул рагъухъабазул жаназабиги, медальоналги, минабиги. Гӏагарлъиялъул чагӏи лъалел ругони, гьезухъе тӏад руссинарулел руго гьел. Гъоркьиса тӏад буссинабуна гьединаб ункъо медаль. Масала, гьезул кӏигояб щвезабуна Бавтугъаялдеги Калининаулалдеги.
«Поисковое движение России» абураб гӏуцӏиялъ рукъизе гъоркьиса Бацӏаде росун рачӏана 1941 соналда Ленинград цӏунулаго чӏварав гьеб росулъа Мухӏамад Нуралаевасул рукьбиги. Гьесде щвелалде Краснодаралдаса ралагьун Мухӏамад Маркъуловасул рукьбиги рачӏун рукӏана Сугъралъе. Араб бакӏ лъачӏого тӏагӏараллъун рикӏкӏунаан гьел.
«Севастополь фашистаздаса бацӏцӏад гьабулаго тӏубанго тӏагӏинабун букӏана 1941 соналда Дербенталда гӏуцӏараб Дагъистаналъул 345-абилеб стрелковияб дивизия. Гьединлъидал гьеб шагьар нижее цӏакъго гӏагараб буго, щибаб соналъул апрелалдагун августалда гьенир тӏоритӏулел ТОКСалъул тадбиразулъги гӏахьаллъула ниж. Гьединго Волгоградалдеги гӏемер щола. Гьенибги, Сталинградалъул рагъулъ, 5000-гӏанасев дагъистанияв ракьулъ лъунин абурал баянал руго. Гьениб гьезие памятникги лъуна чанго соналъ цебе», — ян бицана Хӏ. Гӏумаровас.
Цӏарал щвечӏел Бахӏарзал
Рехсараб гӏуцӏиялъ цӏех-рех гьабулеб буго Совет Союзалъул Бахӏарчи абураб цӏаралъе рихьизарун рукӏарал, амма гьеб щвечӏел чагӏазда сверухъги. Дагъистаналдаса гьединав 50-ниги чи лъалев вуго гьезда. Хӏайбула Гӏумаровас бицана ротаялъул командирлъун вукӏарав жиндир гӏагарав чиги вугила гьезда гьоркьов. Запорожская областалда вукъун рагӏула гьев тӏолабго ротагун цадахъ. Гьениб гьесул цӏар лъураб къватӏги бугила. Амма эмен гӏараб цӏаларав чи вукӏиналъищали, кьун гьечӏо гьесие гьеб цӏар.
Совет Союзалъул Бахӏарчиясул цӏаралъе вихьизавун вукӏаниги, Хасавюрт районалъул Гӏусманюрт росулъа Иляс Арслангереевасе хун хадуб кьун буго Ватӏанияб рагъул тӏоцебесеб даражаялъул орден. Панфиловцазул гьунар такрар гьабурав гӏорхъаби цӏунулев 18 рагъухъанасул цояв кколаан гьев. Гьезул 18 жаназаялда аскӏоб батун буго фашистазул 83 жаназаги.
Камил-къади Гӏалиевасул цӏарги рехсана Гӏумаровас. Сербиялъулгун Босниялъул гӏорхъода вукъун вуго гьев. Амма Совет Союзалъул Бахӏарчиясул цӏаралъул бакӏалда гьесие кьун буго Багӏараб Байрахъалъул Орден.
Хӏайбула Гӏумаровасул рагӏабазда рекъон, Совет Союзалъул Бахӏарчи Зулнукъар Гӏабдурахӏмановги гьеб бакӏалдаса гӏебеде вуго вукъун, амма гьениб гьечӏо я зани, яги гьесул цӏар хъвараб хъарщи. Гьесиеги лъагӏалидасан (1946 соналда) гурони кьун гьечӏо гьеб тӏадегӏанаб цӏар.
З. Хӏажиева