20 апрелалда Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана «Фазу Гӏалиевалъул творчествоялъул хаслъи» абураб дандеруссин. Гьеб гӏуцӏун букӏана шагӏиралъул 90 сон тӏубаялъул хӏурматалда.

Дандеруссиналда гӏахьаллъана библиотекаялъул директор Гӏали Гӏалиев, ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадов, Фазу Гӏалиевалъул вас, «Лезгинка» ансамблялъул генералияв директор Жамбулат Мухӏамадов, респу бликаялъул вузазул гӏалимзабигун студентал, рахьдал мацӏазул учи тельзаби ва библиотекаялъул хӏалтӏухъаби. Данделъи нухда бачана краеведениялъулгун миллияб адабияталъул отделалъул нухмалъулей Патӏимат Муртазагӏалиевалъги культуриял программабазул отделалъул нухмалъулей Ольга Гӏалиевалъги.

Дандеруссин рагьулаго, Гӏали Гӏалиевас бицана магӏарул ва Дагъистаналъул, гьединго Россиялъулго адабияталда кӏудияб лъалкӏ тарай шагӏиралъул гьунарги гӏумруги машгьурлъизабиялъул мурадалда библиотекаялъ гьарулел тадбиразул хӏакъалъулъ. «Фазу Гӏалиевалъул 90 сон тӏубаялде библиотекаялда хӏадурун руго батӏи-батӏиял тадбиралги тӏахьазул выставкабиги. Дунялалъулго адабияталда кӏудияб бутӏа лъурай шагӏиралъул хӏакъалъулъ бицунел тадбирал гъираялда къабул гьарула цӏалдолез ва жигаралда гӏахьаллъиги гьабула гьезулъ», — ан абуна гьес.

Жамбулат Мухӏамадовас баркала кьуна библиотекаялъул хӏалтӏухъабазе гьезул хӏаракаталъухъ ва бицана гьенир гӏуцӏарал тадбираздасан гӏемер цӏиял хӏужаби загьирлъулел ругин абун.

Хъвадарухъабазул союзалъ тӏоритӏизе ругел тадбиразул хӏакъалъулъ бицунаго, Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Ахӏмадовас ракӏалде щвезабуна Фазу Гӏалиевалъул яхӏ-намус, къвакӏи, гӏакъиллъигун гӏаданлъи гъорлъ бессараб гӏадатлъи ва ватӏаналде рокьи.

Хъвадарухъабазул союзалъ тӏоритӏизе ругел тадбиразул хӏакъалъулъ бицунаго, Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Ахӏмадовас ракӏалде щвезабуна Фазу Гӏалиевалъул яхӏ-намус, къвакӏи, гӏакъиллъигун гӏаданлъи гъорлъ бессараб гӏадатлъи ва ватӏаналде рокьи.

Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Космина Исрапиловалъ дандеккуна руччаби-шагӏирзабазул къисматал: Ругъжаса Гӏанхил Маринилги, Къуркълиса Шазалги, Ногъаялдаса Кадрия Темирбулатовалъулги ва Фазу Гӏалиевалъулги.

РАНалъул ДФИЦалъул ИЯЛИялда бугеб Квералъ хъварал асаразул фондалъул нухмалъулей Мариза Мухӏамадова гӏемерал соназ йикӏана Фазу Гӏалиевалъул кумекчӏужулъун. Гьелъ бицана шагӏиралъул хасияталъулги гьелъул ракӏалъе захӏматаб асар гьабурал лъугьа-бахъиназулги хӏакъалъулъ. «Кӏудияй шагӏиралъул ракӏ лъукъулаан рагъ, питна багъарун бугин рагӏараб мехалда. Гӏагараб ро- сулъги, республикаялдаги, нилъер кӏудияб улкаялдаги ва тӏолабго ду- нялалдаги ккарал ишал рекӏелъан риччалаан гьелъ. Гьелъие аслияб гӏиллаги буго ватӏан бокьи. «Киб кьвагьи бахъаниги, гулла речӏчӏула эбелалъул каранда», — ян хъвана шагӏиралъ. Ватӏанги эбелги – гьезде бугеб рокьи загьирлъула щибаб асаралъулъги», — ян бицана М. Мухӏамадовалъ, гьеб пикру тас- дикъ гьабулел кочӏол мухъалги рехсолаго.

«Фазу Гӏалиева щвана дунялалъ- ул гӏемерал улкабазде – Индиялде, Малайзиялде, СШАялде, Бразили- ялде, Европаялъул пачалихъазде. Гьей йикӏана гьудуллъи-вацлъи- ялъул ва ритӏухълъи цӏуниялъул вакиллъун. Амма кие щваниги, щалгун дандчӏваниги, гьей киданиги хилиплъичӏо гӏагараб ракьалъе, кийго йикӏана унго-унгояй магӏарулайлъун», — ан бицана «Магӏарулай» журналалъул редактор, педагогиял гӏелмабазул кандидат Баху Мухӏидиновалъ.

Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул член, «Гьудуллъи» журналалъул кӏиабилей редактор, шагӏир Тубхӏат Зургьаловалъ бицана Фазу Гӏалиевалъул хӏалтӏуде, жинца хъвалеб асаралде букӏараб жавабияб бербалагьиялъул хӏакъалъулъ. Гьелъ ракӏалде щвезабуна, «Анцӏила микьабилеб их» абураб поэма хъвалаго, шагӏиралъ гьабураб хӏаракат: Фазу ана поэмаялъул аслияв багьадур, Совет Союзалъул Бахӏарчи Ахӏмад Гӏабдулмажидовасул эбелалъухъе, дандчӏвана гьесул гӏагарлъигун, щвана бахӏарчиясул хабаде, гьев къадаралде щвараб Николаев шагьаралде. «Васги хун хутӏарай эбелалъул рухӏел жиндирго рекӏелъанги биччан хъвана Ф. Гӏалиевалъ поэма. Гьеб букӏана Фазуе бищунго бокьулеб асарги», — ян бицана Т. Зургьаловалъ.

Дандеруссиналъул ахиралда Каспийскиялъул «Школа №15» абураб лъай кьеялъул централъул педагог-библиотекарь Сейранат Гӏабдулаевалъ цӏалана «Анцӏила микьабилеб их» абураб поэмаялдаса кесек.