Гӏумруялъул 80 сон бугониги, сундулъго хӏалхьи лъаларев хӏалтӏухъан, заман хисаниги, хиси гьечӏев жамгӏияв хӏаракатчи Гумбет районалъул Чӏиркъатӏа росулъа Камил Хӏадисов гӏемерал соназ хӏалтӏана гӏагараб росдал колхозалъул зоотехниклъун, гьелъул председательлъун. Вукӏана Аргъвани росдал колхозалъул председательлъунги, хӏалтӏана районалъул батӏи-батӏиял идарабаздаги. Гьабсагӏаталда хӏалтӏулев вуго 11 чиясул цӏцӏаниги цолъизарун гӏуцӏараб «Труженик» КФХялъул нухмалъулевлъун. Гьал къоязда редакциялде гьоболлъухъ щварав гьесулгун нижер ккана гьадинаб гара-чӏвари.
— Камил, Чӏиркъатӏа буго ахихъанлъиялъул рахъалъ кибго цӏар араб росу. Амма дуца тӏаса бищун буго гӏи-боцӏухъанлъиялда хурха раб зоотехникасул хӏалтӏи. Щиб гӏиллаялдалъун гьеб ккараб?
— Гьитӏинго эбелги хун росулъ дун вукӏана кӏудияй эбелалда аскӏов. Киназего гӏадин, диеги кутакалда бокьулаан гъветӏ-херги. Цӏали тӏаса бищулаго дица документал кьун рукӏана росдал магӏишаталъул ин- ституталъул агрономияб факульте- талде. Гьелги жанире кьун, чанго экзаменги кьун вукӏарав дихъе бачӏана гьеб факультеталде цӏакъго кӏудияб конкурс кколеб бугин, гьединлъидал мунги жидеца зоотехникияб факультеталде восулев вугин абураб баян кьураб кагъат. Гьеб заманалда зоотехника щиб жо кколебалицин лъалароан дида, амма тӏубараб лъагӏел гьоркьоб хутӏизе бокьичӏого, дун разилъана. Гьедин ккана дир зоотехниклъун вахъи, вахъиналдаса кутакалда вохичӏониги, пашманлъизеги пашманлъичӏо.
— Нужер магӏишаталъул аслияб хӏалтӏи кколеб буго цӏцӏани хьихьи. Хас гьабун гьездехун нуж руссин кин ккараб?
— Кьурабазда рахъун ратарал суратазда ва цоги баяназда рекъон, нижер мухъалда цӏцӏани хьихьизе гӏадамаз байбихьун буго чанго нусго соналъ цебеккунго, некӏсияб заманалдаго. Абизе бегьула нижееги щванин гьезул ирс абун. Гьелъие аслияб гӏиллалъунги ккола нижер гӏемерисеб ракь гӏемер лъикӏ хер бижулареб, кьураби-ганчӏал гӏемераб, цоги боцӏи берцинаб куцалда хьи- хьизе рес кколареб букӏин. Гӏияе хӏажалъула хъутаби, кӏалцӏи-хер, гьел хьихьун бажаруларо лъора, цӏцӏани хӏебтӏула чӏегӏерзаз кванан- цин.
— Хасалониги кӏалцӏи-хер кьечӏого тӏуралищ гьел?
— Къинлъулеб мехалда (мартапрель моцӏал) дагьа-макъаб кьун гурого цоги заманалда гьеб бицине гӏураб хӏажалъуларо.
— Нужеца гьел речӏчӏулищ ялъуни гьанаейищ хьихьулел?
— Цо заманалда нижер рукӏана Гьоркьохъеб Азиялдасаги росун, нилъералгун журазеги гьарун хьихьулел хасаб тайпаялъул цӏцӏани. Гьездаса бахъулаан пух, амма батӏибатӏиял унтаби раккун, гьава-бакъ рекъоларого букӏун гьел холаан, зазица кквеялъги кьолаан гьезие гӏакъуба. Гьединлъидал тезе ккана гьезулгун хӏалтӏи гьаби. Речӏчӏулел цӏцӏаназеги къваригӏуна лъикӏал шартӏал, гьелде тӏаде гьел речӏчӏизе ва цоги хӏажатаб хӏалтӏи гьабизе гӏадамал щвейги гьаб заманалда буго захӏматаб масъала. Церехун нижер гьанир речӏчӏулаан цӏцӏани, гьанже тезе ккана гьеб рахъги. Гьеб кинабгоги хӏисабалде босун, нижеца гьел хьихьула цохӏо гьанае. Нижеца ричула чӏагоял цӏцӏаниги (2-3 сон барал, гӏага-шагарго 10 азарго гъурщиде), бичула гьезул гьанги (кило 400 гъурщиде). Я гьан, я цӏцӏани ричизеги гьабсагӏаталда кинабгӏаги къварилъи гьечӏо, гьезул буго цӏикӏкӏараб тӏалаб, ниж кирениги ине кколаро, гӏадамаз кинабго босун уна лъореги рачӏун.
— Пачалихъалъул рахъалдасан нужее щолеб кумек гӏемер букӏунищ, къарзалъе гӏарац босизе хӏажалъи кканищ?
— Рукӏуна гӏи-цӏцӏани хьихьулезе квербакъиялъе, гьеб магӏишат цебетӏеялъе кьолел дотациял. Цо заманалда бетӏер рикӏкӏун (щибаб эбелаб цӏцӏе) лъагӏалие кьолаан 100 гъурущ, цинги гьеб ккана 50 гъурщиде. Букӏана сон 200-ялде бахарабги, исана кьезе буго 165 гъурущ. Тӏокӏаб гьечӏо щолеб ва щвараб кумек. Къарзалъе гӏарац киданиги босичӏо, босизе ракӏалдаги гьечӏо.
— Цӏцӏани хьихьиялда цадахъ нужер магӏишаталъул буго пихъил (микьир, ахбазан) ахалъул кӏиго гектарги. Нужер шартӏазда пихъ гӏезабийищ цебе кколеб, цӏцӏани хьихьийищ?
— Дагьабниги ракь лъикӏаб, лъел ресал ругеб бакӏалда рукӏуна ахал, расги гуреб бакӏалда хьихьула цӏцӏани. Букӏуна батӏа-батӏайисаги. Масала, цо сон цогидалда рекъараб кколаро. Гьоркьохъеб хӏисабалда босун, пихъ гӏезаби гӏемерго бигьаяб буго, гьениса щолеб пайдаги дагьаб цӏикӏкӏараб батила. Амма кидаго гуро гьедин кколеб. Мисалалъе, гъоркьиса букӏинчӏо пихъ, гьеб тӏубанго хвана. Унтаби цӏцӏаназул гӏемер рукӏунаро, амма цӏадал гӏемер ралеб заманалда гӏезегӏан ккола гьел иххаз рачун иналъул хӏужаби, камуларо бацӏазул балагьги. Гьеб заралги пачалихъалъ бецӏуларо.
— Дур буго 80 сон, захӏмалъулеб гьечӏищ хӏалтӏи?
— Гьеб суалалда сверухъ васасулги дирги букӏуна питна. Гьес кидаго абула щай дуе гьеб иш, тейин абун. Тадбир ва хъвай-хъвагӏай гьаби, гӏуцӏиялъул хӏалтӏи бачин, отчетал кьей (гьелги сон анагӏан цӏикӏкӏунел руго) – щиб захӏмалъиха батӏаго гьеб киналъулго букӏинеб. Амма исана ЦСУялъул цо хӏалтӏухъанас хӏинкъизавуна, пуланаб отчет жидер заманалда кьечӏони, чамалиго азарго гъурщил гӏакӏа тӏад лъолинги абун. Гъурщил пайда букӏунинги абун, туменалъул заралги ккезе бегьулелъул, кин бугониги, тӏадеялъул телин ккола дица гьаб иш.
— Дуца тани гьеб иш тӏаде босулел гӏолохъаби ругищ?
— Гӏолохъабаз гьабуларо гьаб хӏалтӏи. Гьезие рихараб буго росдал магӏишатги, гьаб хъвай-хъвагӏайги. Гьез тӏаса бищулеб буго бигьаяб, цӏикӏкӏун гӏетӏ тӏезе кколареб, бацӏцӏадаб хӏалтӏи.
— Пенсия гӏемер бугищ дуе?
— Дун гӏадал гӏадамазда дандеккун дие букӏана цӏакъ дагьаб пенсия, щолаан 17 азарго гъурущ. Исана соналъул март моцӏалдаса хадуб гьеб бахана 25 азаргоялде.
— Дида бичӏчӏана «Хӏакъикъат» газеталъулгун дур цебегосеб ва лъикӏаб гьудуллъи букӏинги…
— Райкомпартиялъул инструкторлъун вукӏарав дунги, районалъул газеталъул хӏалтӏухъан Гӏабас Шейховги 1970 соналда райкомпартиялъ тасдикъ гьаруна «Багӏараб байрахъ» газеталъул районалда ругел хӏалтӏухъаби хӏисабалда. Доб мехалъ газеталъул бетӏерав редакторасул заместительлъун вукӏарав Хочо Хӏамзатовас нижехъеги вачӏун дие кьураб Хӏурматияб грамотаги буго. Гьелдаса нахъе газеталъулгун байбихьараб гьудуллъи киданиги течӏо. Жакъаги «Хӏакъикъат» хъванги буго, цо щибго гьоркьоб биччачӏого цӏализеги цӏалула.
Гӏабаш Гӏабашилов