Щибаб жоялъулъ лъикӏабги квешабги кида-къадги лъугӏулеб гӏадат буго. Хасго хехго ахиралде щун ратула бищунго лъикӏал, талихӏал лахӏзатал. Гьале рамазан моцӏалъул талихӏал лахӏзаталги, гӏагарлъигун, гьудул-гьалмагъзабигун цадахъ рохалида тӏамулел ифтаралги, сухӏуралги, таравихӏалги ахиралде щвана. Щивав бусурбанчияс жиндирго яхӏалда рекъон хӏаракат бахъана Аллагьасда цере лъикӏал гӏамалал гьаризеги, гӏадамазда гьоркьоб гьуинлъи цӏунизеги. Лъикӏал ишал гьарияздалъун, садакъаби кьеялдалъун, мажгиталда игӏтикафалда сардал рорчӏиялдалъун гьаб хирияб моцӏалдаса жидеего цӏикӏкӏун пайда босизе хӏаракат бахъана гӏемерисез. Тӏаде щвана азарго моцӏалдаса лъикӏаблъун рикӏкӏунеб Лайлатул къадр сордо жаниб бахчарал рамазаналъул ахирисел къоялги.

Абу Гьурайратидасан бачӏараб хӏадисалда Мухӏаммад аварагас (с.гӏ.в.) абун буго: «Рамазан моцӏалъ, Аллагь тӏаса лъугьинин абураб хьулгун, кӏал ккурав чиясул церехун рукӏарал киналниги мунагьал чуризе руго. Аллагь тӏаса лъугьинин ва кири щвелин хьулгун Лайлатул къадриялъул сордо тӏагӏаталда борчӏарав чиясулги киналго церехун рукӏарал мунагьал чурула», — ян.

Гӏайшатица аварагасда (гӏ.с.в.) гьикъун буго: «Я Аллагьасул Расул, Лайлатул къадриялъул сордо тӏаде щвани, щиб дица абизе лъикӏаб бугеб?» — ян. Аварагас (с.гӏ.в.) жаваб кьун буго: «Я Аллагь! Хӏакълъунго, Мун тӏаса лъугьунев вуго, Дуе бокьула тӏаса лъугьине, тӏаса лъугьа дидаса», — ян абейилан.

Щайха Лайлатул къадр балъго гьабун бугеб Аллагьас? Диниял тӏахьазда хъвалеб буго: «Тӏадегӏанав Аллагьас балъголъилъун гьабун буго рузман къоялъ дугӏа къабул гьабулеб лахӏзатги Лайлатул къадрги, нилъеца гьеб заманалда дугӏа ва лъикӏал гӏамалал гьаризе цӏикӏкӏун хӏаракат бахъиледухъ», — ан.

Кӏал хвезабурасда гӏакӏа

Рамазан моцӏалъул баракаталдаса кколеб къагӏидаялъ пайда босун киназухъаго бажаризе рес гьечӏо. Сахлъиялъул рахъалъ захӏмалъаби гьечӏев чияс кӏал ккола, рес рекъарас садакъаби гьарула. Амма багьанаби ратун кӏал кквечӏев чиясе гьеб бецӏизе ва мунагьал чуризе рес кьун буго Аллагьас.

Къуръаналда буго: «Я, иман лъурал гӏадамал, нужее кӏал кквей паризаяблъун гьабуна, нужеда цере рукӏарал умматазе паризаяблъун гьабураб гӏадин, гьелъ черхалъул хьул бекизе гьабулелъул, гьелдалъун нуж гӏасилъабигун мунагьал гьариялдаса цӏунизе».

Хадубги Аллагьас, кӏал кколезе бигьалъи гьабун, абуна: «Нужее кӏал кквезе рихьизарурал къоял руго. Унтарал яги сапаралда ругел гӏадамазе кӏал кквечӏого тезе ихтияр буго. Гьезда тӏадаб буго, риччарал къоял рецӏун, гьезул бакӏалда цогидал къояз кӏал кквезе. Цӏакъго херлъун яги сахлъиялде хьул гьечӏеб хӏалалъ унтун рукӏун, кӏал кквезе кӏоларел чагӏазда тӏадаб буго мискинал чагӏи кваназаризе гӏакӏа кьезе. Кӏал биччараб къо рикӏкӏун кьезе тӏадаб буго гьеб. Жинца гӏумру гьабун ругеб бакӏалда гӏемерисеб мехалда кваналеб жоялдаса кьезеги ккола гӏакӏа. Кьезе кколеб къадаралдаса цӏикӏкӏун кьуни, гьеб гьесие лъикӏаб буго» («Бакъарат» сураталъул тафсиразул таржама, 183, 184 аятал).

Кинабгӏаги гӏузруги багьанаги гьечӏого рамазаналъ кӏал хвезабурав чияс гьеб бецӏизе ва гӏакӏа кьезе ккола.

Кӏал биччаялъул закат

Кӏал биччаялъул закагӏат ккола черхалдасан бахъулеблъун. Боцӏудаса бахъулеб закагӏаталъ гьелда гъорлъе ккараб хъублъиялдаса гьеб бацӏцӏад гьабулеб гӏадин, кӏал биччаялъул закагӏаталъ инсанасул напс бацӏцӏад гьабулин абула.

Кӏал биччаялъул закагӏат тӏалъула гӏидалъул сордоялъул авал тӏаде щвеялдалъун, ай рамазан моцӏалъул ахирисеб къоялъул бакъ тӏерхьиналдалъун. Гьеб къоялъ бакъ тӏерхьунеб лахӏзаталда чӏаго дунялалда вугев, сордо-къоялъ жиндиего ва жинца напакъа кьезе кколезе бугеб кванидаса гьеб тӏокӏлъулев бусурбанчиясда закагӏат бахъизе тӏалъула.

Рамазаналъ чӏагоги вукӏун, ахирисеб къоялъул бакъ тӏерхьиналде хвани, гьев чиясда сахӏ тӏалъуларо. Тӏерхьун хадув хвани — тӏалъула. Гьединго тӏалъула бакъ тӏерхьиналде гьабураб лъимадаги, тӏерхьун хадуб гьабуни — тӏалъуларо. Хӏанафил мазгьабалда рекъон, гӏарцудалъун бахъулеб бугони, тӏадаб гӏуж щола гӏидалъул къоялъул рогьел баккаралдаса.

Кӏал биччаялъул закагӏат бахъизе суннатаб ва бищун хирияб буго кӏалбиччан къоялъул радал, гӏидалъул как балелде. Гӏидалъул какдаса хадуб закат бахъизе карагьатаб буго. Гӏидалъул къоялъул бакъ тӏерхьинегӏан, гӏузруги гьечӏого, нахъ бахъизе хӏарамаб буго.

Сахӏ бахъиялъул тӏалабал

Дагъистаналда, аслияб къагӏидаялъ, ролъул сахӏ бахъулелъул, ният гьадин гьабила:

«Дица ният гьабуна (дидасанго яги дун вакил гьавурав пуланасдасан) кӏал биччаялъул Гӏидалъул паризаяб сахӏ бахъизе Тӏадегӏанав Аллагьасе.

Вакил гьавулеб къагӏида: «Дица мун вакил гьавуна дидасаго кӏал биччаялъул гӏидалъул паризаяб сахӏ бахъизе» — ян цояс абила. «Дица къабул гьабуна», — ян цогидас абила.

Гӏарац кьолеб бугони, имам Хӏанафил мазгьабалда нахърилълъун ният гьабила: «Дица ният гьабуна (дидасанго яги дун вакил гьавурав пуланасдаса) кӏал биччаялъул гӏидалъул паризаяб сахӏил къимат кьезе Абу Хӏанафил мазгьабалда нахъвилълъун Тӏадегӏанав Аллагьасе».

Вакил гьавулеб къагӏида: «Дица мун вакил гьавуна дидасанго кӏал биччаялъул гӏидалъул паризаяб сахӏил къимат кьезе», — ян цояс абила. «Дица къабул гьабуна», — ян цогидас абила.

Россиялъул ДУМалъул гӏалимзабазул советалъ 2022 соналда кӏалбиччаялъул закагӏат-сахӏалъул багьа чӏезабун буго. Ресукъаз сахӏалъул бакӏалда — 150 гъурущ, гьоркьохъеб магӏишаталъул гӏадамаз – 500 гъурущ, бечедаз – 800 гъурущ яги цӏикӏкӏун гӏарац кьезе бегьулин абулеб буго ДУМалъул хитӏабалда. 150 гъурущ — киназдаго тӏадаб закагӏат буго, 500 ва 800 гъурущин абуни — лъикӏаблъун бихьизабула.

Аварагасул (с.т.гӏ.в.) хӏадис буго: «Рамазаналъ ккураб кӏал зобалдаги ракьалдаги гьоркьоб далун чӏезабун букӏуна, гьеб гьениса тӏаде борхуларо кӏалбиччаялъул сахӏ бахъиялдалъун гурого», — ян (Абу Хӏафис).

Кӏал кквей ва кӏалбиччаялъул сахӏ тӏадаблъун гьабуна гьижрияб тарихалъул кӏиабилеб соналъ. Гьеб тӏад гьабиялъул хӏикматги напс бацӏцӏалъи ва лъикӏаб гӏамал гьаби буго. Рамазан моцӏалъул кӏалазул ккараб жагъаллъи бацӏцӏинелъун бахъула закагӏат-сахӏги.

Хӏадур гьабуна П. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВАЛЪ