5 маялда дарсал кьезе бажаричӏо Махӏачхъалаялъул школазда. Гьединго гьенисанго гӏадин, ясли-ахаздасаги нахъе ритӏана лъимал.
Гьелъие гӏиллалъун ккана лъай кьеялъул чанго идараялда кьвагьулел жал лъун ругилан информация тӏибитӏизаби.
Амма, талихӏалъ, МВДялъ гьелда хурхун батӏияб лъазаби гьабичӏолъиялъ, гьеб баян гьересияб батилин тана. Букӏаниги, гьелъ гӏезегӏан чиясул рекӏелъе рахӏатхвей рещтӏинабуна. Гьанжегӏагар гьединалго гьереси-харбал Белгород областалдаги раккун рукӏун руго.