Гӏахьвахъ районалда бихьизабуна «Ичӏго бахӏарчи» абураб документалияб фильм. Гьелда бицунеб буго Кӏудияб Ватӏанияб рагъда фашистазде данде бахӏарчиго вагъарав Мухӏамадзагьид Гӏабдулманаповасулги гьесда цадахъ вукӏарав жеги микьго солдатасулги хӏакъалъулъ.

Данделъиялда фильмалъул хӏакъалъулъ бицана гьелъул режиссер, «Звезда» телеканалалъул продюсер Владимир Шуванниковас. ДРялъул мустахӏикъав энергетик Мухӏамад Атуевасги РФялъул МИДалъул Дипломатияб академиялъул преподаватель, фильмалъул продюсер Елена Шуванниковалъги бицана гӏолеб гӏелалъе тарбия кьеялъе фильмалъул бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ.

Кӏаратӏа росдал бегавул Х. Хӏайбулаевас В. Шуванниковасе сайгъат гьабуна дипломги, Кӏаратӏа росдал хӏурматияв гражданинасул свидетельствоги, «Кӏаратӏа: аралдаса букӏинеселде» абураб энциклопедияги.

Данделъиялде вачӏун вукӏарав ДРялъул Краеведениялъулгун туризмалъул централъул нухмалъулев Арсен Хӏайбулаевас В. Шуванниковасеги, Денга Махиевасеги, Мухӏамадзагьид Гӏабдулманаповасеги (Совет Союзалъул Бахӏарчиясул ирсилав) сайгъат гьаруна республикаялъулаб ТОКСалъул юбилеялъулал медалал.

21 маялда «Звезда» телеканалалда бихьизабизе буго «Ичӏго бахӏарчи» абураб документалияб фильм.

Гӏахьвахъ райадминистрациялъул пресс-хъулухъ