Гьадинги абун, гӏумруялъулгун къо-мех лъикӏги гьабун, ана абадияб рокъое нижер пишацояй, Хьаргаби районалъул Къудукь росулъа Гӏащат Асадулаева.
Цадахъ хӏалтӏулелдаса гӏемер заман ун букӏинчӏониги, гьей йикӏана гъорлъ йосарай, хӏеренаб каламалъул, ритӏухъаб рагӏиялъул, махщел камилай хӏалтӏухъан. Редакциялда щиб тадбир гьабулеб бугониги, гьелъ хӏаракат бахъулаан, бищун цееги щун, кумек гьабизе. Захӏмат буго нижее жакъа Гӏащатил хӏакъалъулъ араб заманалда бицине. Амма рес щиб…
Гӏажаибаб жо буго гӏумру. Беролаго, гьелчолаго, цебехун боржун унеб бугеб гьеб цо лахӏзаталъ, жиндагоцин лъачӏого, чӏаралъубго хутӏула. Гьелъул нуцӏида, лъихъаниги ихтиярги босичӏого, кӏетӏола хвел. Ва, жиндирго къвалакь инсанасул къисматги ккун, уна цебеса. Рукӏана Гӏащатилги, щияй чӏужугӏаданалъул гӏадин, анищалги. Гьезул бищунго гвангъараблъун букӏун батиларищха щуго ва кӏиго сон барал лъимал гӏун рихьи. Амма тӏубазе хъван букӏун гьечӏо гьеб анищ.
Камуна коллективалъе Гӏащат. Камуна гьелъул махсараби. Камуна гьей васазе. Камуна хъизамалъулаб гъасда Гӏащатил цӏа. Камуна эбелалъе. Аби буго, эбел хведал, бечӏалила ясалъул рекӏел тӏегьилан. Амма яс хведал, эбелалъул ракӏ карандаса тӏунго унеб батила. Кигӏан захӏмат бугониги, ясалъул дарманал каранде къазеги, гьел реэдизеги, рагӏичӏого хутӏараб эбелалъул кечӏ жиндиралъго хисизеги къуватги гьарула Гӏащатил эбелалъе.
Гӏащатица жиндирго гъасда бакараб цӏадул хинлъиялъ жиндие тӏокӏалъ асар гьабизе гьечӏев гьелъул гӏумруялъул гьудуласдаги гъваридаб пашманлъиялда зигара балеб буго нижеца.
Гьале жакъаги щвана хӏалтӏуде. Цо лахӏзаталъ лъалхъана гьелъул кабинеталда цере. Хӏинкъадго рагьана нуцӏа – хьул букӏана мун, гьимулаго данде ячӏинин абураб. Амма пайда щиб…
Пашманаб чӏобоголъи буго редакциялда. Тӏегьан бачӏине букӏараб къисматалда речӏчӏана кьогӏаб хвалил пири. Ва чӏурхӏун рехана гьелъ дур пикрабигун анищал. Чӏурхӏана гьелъ гьединго дур гӏолохъанлъиялъул куркьбалги. Борхалъуде ишангун хьвагӏулел рукӏарал гьел даималъего чӏезаруна Аллагьасул бацӏцӏадаб къадаралъ. Къо-мех лъикӏ, Гӏащат. Аллагьас иманалда тӏойитӏун ятаги.
Редакция