Ахирал соназ нилъер республикаялда лъикӏго цебетӏолеб буго туризм. ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасул рагӏабазда рекъон, гъоркьиса нилъехъе вачӏун вуго 1,2 миллион турист. Исанайин абуни вачӏине вуго кӏиго миллион турист. Гьедин цебетӏей гьечӏониги, росдал магӏишаталъулги руго гӏезегӏан лъикӏал хӏасилал. Гьезул ва церечӏарал масъалабазул бицана Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб Росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министерствоялъул коллегиялда. Гьелда гӏахьаллъана ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов, Халкъияб Собраниялъул аграрияб комитеталъул председатель Асият Гӏалиева, республикаялъулъ батӏи-батӏиял идарабазул («Россельхозбанк», ветеринарияб ва ччугӏил магӏишатазул комитетал) вакилзаби, районазул росдал магӏишаталъул управлениязул нухмалъулел.

Гӏаммаб баян

Нилъер росдал магӏишаталъул аслиял бутӏабилъун ккола хурухъанлъи ва гӏи-боцӏухъанлъи. 2021 соналда гӏезарурал, къватӏире риччарал нигӏматазул гӏаммаб багьа бащалъана 176,2 млрд гъурщида (хурухъанлъи – 47,9 процент ва гӏи-боцӏухъанлъи – 52,1 процент). Гьеб соналда АПКялъул 363 проекталда хӏалтӏизабуна инвестициязул 4,6 млрд гъурущ, гьелъие квербакъиялъе бюджеталъ биччана 2,8 млрд гъурущ. Гьебго заманалда АПКялъ бюджеталде кьуна налогазул 6,5 млрд гъурущ (2020 соналдаса 5,1 проценталъ цӏикӏкӏун). Гӏуцӏана 5177 чи хӏалтӏизе бакӏ. Республикаялда ругел магӏишатазул (СПК, СПОК ва гь. ц.) 96,9 процент хайир щоледухъ хӏалтӏулел ругониги, гьезул гӏемерисезул гӏарцулаб ахӏвал-хӏал гӏемер беццизесеб гьечӏо. Кидаго гуро хӏажатаб техника, алат-къайи босизе гӏарац гӏолеб бугеб, бигьалъуларо учузаб къагӏидаялда къарзал щвейги.

Хурухъанлъи

Республикаялда батӏи-батӏиял нигӏматал хьараб, рекьараб, чӏараб гӏаммаб гӏатӏилъи бащалъула 360 азарго гектаралда (2020 соналде дандеккун 2,5 азарго гектаралъ цӏикӏкӏун). Могьолал культураби хьан рукӏана 165 азарго гектаралда ва гьениса бакӏарана 450 азарго тонна хӏалухъиналъул (ролъ, пурчӏина, цӏоросаролъ ва гь.ц.). Пиринчӏ хьан букӏана 27 азарго гектаралда ва гьениса бакӏарана 119,3 азарго тонна. Цебехун республикаялда киданиги бакӏарун букӏинчӏо гьединаб къадар, гьеб рахъалъ Россиялъул регионазда гьоркьоб нилъеца ккола кӏиабилеб бакӏ (тӏоцебесеб бакӏалда буго Краснодар край). Гьебго гӏатӏилъиялдаса исана нилъеца бакӏаризе ккола 125 азарго тонна пиринчӏалъул, аслияб куцалда, хӏалтӏул даража борхизабиялдалъун ва цӏиял технологиялгун техника хӏалтӏизабиялдалъун. Овощал гӏезариялъул рахъалъги нилъер республикаялъ Россиялда ккола тӏоцебесеб бакӏ, 40,6 азарго гектаралдаса гъоркьиса бакӏарана 1361 азарго тонна. Исана дагьабги цӏикӏкӏинабизе буго гьел рекьулеб гӏатӏилъи (кӏиазарго гектаралъ овощал ва 1,5 азарго гектаралъ картошка). Теплицабаз ккун буго 628 гектар, гьелдаса 30 гектар ккола цӏиял тайпаялъул теплицабаз. Гъоркьиса теплицабазда гӏезабуна овощазул 68,8 азарго тонна, гьеб рахъалъ Россиялда нилъеца ккола анкьабилеб бакӏ, СКФОялда — кӏиабилеб.

Картошка бекьун букӏараб 19 азарго гектаралдаса бакӏарана 365 азарго тонна. Бахчаби рекьун рукӏана анкьазарго гектаралда ва бакӏарана 193 азарго тонна хъарпуз-пастӏаналъул. Гьелъие зарал гьабулеб гарцӏ тӏибитӏизе рес бугеб 360 азарго гектаралда хал гьабуна ва 77 азарго гектаралда хӏалтӏизабуна загьру.

Ахихъанлъи

Ахал руго 28,8 азарго гектаралда, гьезда гьоркьоса 21,9 азарго гектаралда ругел ккола пихъ кьолел. Гъоркьиса цӏиял ахал чӏана 1158 гектаралда, бакӏарана 200,4 азарго тонна пихъил.

2022 соналда хурухъанлъиялъ тӏуразе кколел суалал

— Жидер заманалда хьазе ва ракӏаризе ккола могьолал культураби (ихдал гьел хьазе руго 225 азарго гектаралда, хасало 100 азарго гектаралда).

— Букӏине кколеб даражаялда тӏоритӏизе руго гарцӏаздаса цӏуниялъул хӏалтӏаби.

— Гӏаммал магӏишатазда гӏезарулел овощазул къадар бахинабизе буго 56 азарго тоннаялде.

— Цӏикӏкӏинабизе ккола гӏелмиял нормабазда рекъон авлахъазда хьалел минералиял удобрениязул къадар.

Гӏи-боцӏухъанлъи

2021 соналда республикаялда букӏана: чӏегӏербоцӏул 940 азарго бетӏер (2020 соналдаса 0,7 проценталъ цӏикӏкӏун), гьезда гьоркьоса 461 азарго ккола бечӏчӏулеб гӏака; гӏи-цӏцӏаназул 4552 азарго бетӏер (0,4 проценталъ цӏикӏкӏун); гӏанкӏу-хӏелекоялъул (хъазалгун ордекалги, гургуралги ва гь.ц.) 4152 азарго бетӏер (1,1 проценталъ цӏикӏкӏун).

Гъоркьиса нилъер гьаниб гӏезабуна ва хӏадурана: гьан ва гьанае гӏанкӏу-хӏелеко (чӏагояб цӏайи) – 266 азарго тонна; рахь – 936 азарго тонна; гӏанкӏудал хоно – 239 млн; квас – 11,2 азарго тонна.

Мелиорация

Мелиоративиял каналазул лъеца хьезабула ракьалъул 369 азарго гектар (гьеб ккола тӏолабго Россиялда лъалъалеб ракьалъул 9,2 процент). Гъоркьиса гидромелиоративияб хӏалтӏи гьабуна 4,3 азарго гектаралда. Салул гьужумалдаса ракь цӏуниялъул фитомелиоративияб хӏалтӏи тӏобитӏана 4,9 азарго гектаралда. Къваригӏел гьечӏеб гъветӏ-хералдаса бацӏцӏад гьабуна ракьалъул 868 гектар.

Техника

2021 соналда 22 районалъул 84 магӏишаталъе босана 540 млн гъурщил багьаяб 284 единица техникаялъул. Исана гьеб босиялъе биччазе буго 700 млн гъурущ.

Кванил ва нигӏматал къачӏалеб промышленность

Гьеб бутӏаялда хӏалтӏулеб буго АПКялъул 100-гӏанасеб предприятие. 2021 соналда гьез къватӏибе биччараб продукциялъул гӏаммаб къадар, цебесеб соналда дандеккун цӏикӏкӏана, 3,1 проценталъ.

Багьаби, ярмаркаби

Дагьалго хиса-свериял камичӏониги, 2021 соналда пачалихъалъул идарабазда кӏвана аслиял нигӏматазул багьаби цӏакъго рорхичӏого чӏезаризе. Гьелъие квербакъулел тадбиразул цояб ккола росдал магӏишаталъул нигӏматазул ярмаркаби тӏоритӏи. Республикаялъул шагьаразда ва районазда гъоркьиса тӏобитӏана 119 ярмарка. Нигӏматал гӏезарулел магӏишатазе ва росулел гӏадамазе квекӏенал гьарула пихъ-овощал цӏунизе складал, холодильникал гӏунгутӏиялъ. Исана соналъул 1 январалде республикаялда рукӏана киналго хӏажатал шартӏал ругел 22 азарго тонна продукциялъул цӏунизе рес кьолел гьединал складал. Исана тӏаде разе ругел складал хӏалтӏизе риччан хадуб цӏунизе кӏола 26 азарго тонна, 2025 соналде гьеб къадар цӏикӏкӏине буго 32 азаргоялде щвезегӏан. 2030 соналде рукӏине ккола 100 азарго тонна пихъилгун овощазул цӏунулел складал.

Гӏабаш Гӏабашилов