Гӏахьвахъ районалъул Тӏадмагъилъа, гьанжего-гьанже михъида хӏур чӏвалев, Гӏабдурахӏман Гӏумаровасги хӏукму гьабуна рагъде ине. Советияб Армиялда хъулухъ гьабизе байбихьана Бакуялъул кӏиабилеб пехотаялъул училищеялда цӏализе лъугьиналдаса.
Кӏудияв сержант, взводалъул командир, 19 сон барав Гӏумаровасе тӏоцебесеб рагъулаб лъадари щвана Орджоникидзе шагьаралда гӏагарлъухъ. Орджоникидзе шагьар ва Гизел росу тушманасдаса эркен гьабурабго, гьезул отделение биххизабуна ва 26-абилеб мотострелковияб артиллериялъул дивизиягун цолъизабуна. Гьенивги Гӏабдурахӏман гӏарадаялъул отделениялъул командирлъун тӏамуна. Захӏматал, бащалъи гьечӏел рукӏана Архонский районалъе гӏоло ккарал рагъал. Гьениб Гӏабдурахӏманил взводалъул гӏицӏго лъабго чи чӏаго хутӏана.
Кватӏичӏого Гӏабдурахӏман гӏарадачагӏазул взводалъул командирлъун тӏамуна, ва гьев Нососевка росдае гӏоло ккараб рагъде ккана.
— Росу анцӏгониги нухалда цоцахъе ккана. Гьезда кӏвана нилъеразул цо къокъа ва гьезда гьоркьоб нижер дивизионги сверун кквезе. Тӏубараб къоялъ къотӏичӏо рагъул гъугъай. Гьеб къоялъ тушманасул 8 танк бухӏана ва гӏемерал солдатал чӏвана. Анкьго сордо-къоялъ халат бахъана горсверуда бащалъи гьечӏеб рагъ. Амма росу кьечӏо. Тӏаде щвараб кумекалдалъун тушман нахъе вачахъизе кӏвана. Гьеб росу цӏунаразе Бетӏераб командованиялъул баркалаги щвана, — ян бицунаан Гӏумаровас.
Гӏабдурахӏманица гӏахьаллъи гьабуна Таманалъул чӏинкӏиллъи эркен гьабиялъул рагъулъ. Хадуб гьезул часть рехана Донбассалде, ва, Макеевка шагьар эркен гьабулаго, гьев захӏматго лъукъула.
Госпиталалдаса хадув Крымалде ккана. 1944 соналъул 11 апрелалда нилъер аскараз Крым эркен гьабизе цадахъаб гьужумалде байбихьана. 19-абилеб танказулаб дивизиялъе кумекалъе кьурал гӏарадабазул цо взводалъе командирлъи гьабулеб букӏана Гӏабдурахӏманица. Перекопалда, Сивашалда фашистазул оборонаги щущахъ бан, советиял аскараз Джанкой станциялдаги маххул нухдаги кверщел гьабуна. Эркен гьаруна Симферополь, Севастополь шагьарал. Гьениб бихьизабураб бахӏарчилъиялъе гӏоло Гӏумаровасе Бетӏерав командующиясул рахъалъан лъабго нухалъ баркала щвана. Гьенив рагъухъан коммунистазул партиялдеги восула.
Ракӏалдаса унароан Гӏабдурахӏманида Сапун мегӏер бахъулаго ккарал рагъал. Тушбабаз цӏакъго щула гьабун букӏараб гьеб, цо чанго нухалъ тӏатӏалаго гьужумал гьаруниги, бахъизе кӏолеб букӏинчӏо. Амма щибаб иргадулаб гьужумалъ фашистазул дандчӏей чучлъизабулеб букӏана. Ахирги рес къотӏиялде ккарал немцал, мегӏерги тун, нахъе къана.
Крым эркен гьабун хадув Гӏабдурахӏман гӏахьаллъула Прибалтика, Румыния, Венгрия, Болгария, Чехословакия эркен гьариялъулъ, ва Эльба гӏурул рагӏалда ингилисазул армиягун дандчӏваялдалъун лъугӏана гьесул рагъулаб нух.
Кӏудияб Ватӏанияб рагъда Гӏабдурахӏман 6 нухалъ лъукъана. Гьениб бихьизабураб бахӏарчилъиялъе гӏоло гьесие кьуна 8 Баркала, «Багӏараб цӏва», лъабабилеб даражаялъул Реццалъул орденал ва 7 медаль.
Рагъдасан вуссун хадув гьев хӏалтӏана учительлъун, КПССалъул ва ВЛКСМалъул райкомазда секретарьлъун, газеталъул редакторлъун, районалъул халкъияб хъаравуллъиялъул комитеталъул председательлъун ва гьабсагӏаталда хӏалтӏулев вуго райисполкомалъул председателасул заместительлъун.
Кив ва кинаб ишалда вугониги, гьесие хасиятаб букӏана къуркьи гьечӏолъи, пачалихъалъ тӏадкъараб иш мисалияб къагӏидаялъ ва ракӏбацӏцӏадго тӏубазаби. Гьес бихьизабуна жиндирго бажари, рагӏуе ритӏухълъи, жиндехунго ва гьудул-гьалмагъзабаздехун кӏудияб жавабчилъи ва тӏалабчилъи. Гьесул гӏумруялъул ва захӏматалъул нух ккола гӏун бачӏунеб гӏелалъе инсан куцаялъул гьайбатаб ва гвангъараб мисаллъун.
Хӏадурана Б. Султӏановас