Лъималазул хасият буго эбел-инсудаса, сверухълъиялдаса мисал босулеб. Канлъи бихьуларел гьитӏичазин абуни, квераз кващун, сверухъ бугелъухъ гӏинтӏамун лъазабула дунял. Гьебги лъазабула кверзул тӏогьиса килщазул кумекалдалъун. Канлъукъаб лъимералъе дунял гвангъизаби, гьеб гӏадатияб гӏумруялде буссинаби, аслияб къагӏидаялъ, эбел-инсуда бараб буго. Цояз гьел жидедаго рараллъун гӏезарула, цогидаз хӏаракат бахъула гьединаб лъимер гӏадатияб гӏумруялде ругьун гьабизе. Канлъукъаб лъимер гӏезабулеб бусурбабазул хъизамалда абуни, гьеб масъала жеги захӏмалъула. Щивав бусурманчиясе бокьула жидерго лъималаз Къуръанги цӏализе исламалъул кьучӏалги лъазаризе. Кӏалалъ абун малъун гурони, Къуръан цӏализе гьанжелъизегӏан рес букӏинчӏо канлъукъал дагъистаниязул. Исламияб лъай щвезе бокьарал канлъукъал гӏадамал ине кколаан цогидал республикабазде яги къватӏисел пачалихъазде. Гьедин букӏана лъабго соналъ цебе Махӏачхъалаялда канлъукъазда Къуръан цӏализе ва исламиял кьучӏал малъулеб «Ихӏсан» центр рагьизегӏан.
Канлъукъал гӏадамазда Къуръан цӏализе малъулеб ва светияб лъай кьолеб центр рагьана Дагъистаналъул муфти, шайих Ахӏмад-афандил хӏаракаталдалъун. «Ихӏсан» беццазе ва канлъукъазе цӏалулгун реабилитациялъулаб централъул директор Патӏимат Хӏамзатовалъ бицухъе, республикаялда гьединазда Къуръан цӏализе малъулеб бакӏ ва тӏахьал гьечӏин абун, кумек гьарун рачӏунаан гӏадамал диниял идарабазде. Патӏиматил хъизамалдаги буго беццаб ва канлъукъаб кӏиго лъимер. Лъимал гьитӏинаб къоялдасаго Хӏамзатовазул хъизамалъ яхӏ бахъулаан гьел гӏадатияб гӏумруялъулъ гӏахьал гьаризе, гьезие лъикӏаб лъай щвезабизе. Лъималазул талихӏалъе гӏоло гьез гӏумру гьабулеб бакӏги хисана, беццазда бичӏчӏулеб къагӏидаялъ Брайлил шрифталда хъвадаризеги цӏалдезеги лъазабуна. Патӏиматил бетӏергьанчи Мухӏамад ккола предприниматель. Гьесги квербакъула гьеб жавабияб хӏалтӏуе. Нижергун ккараб гара-чӏвариялда Патӏиматица бицана центр рагьиялъул, беццал ва канлъукъал гӏадамаз Къуръан цӏалиялде кьолеб кӏваралъул, Адыгеялдаса хъизам-лъималгун Дагъистаналде гочиналъул хӏакъалъулъ.
«Эбелалъул школа»
Патӏимат Хӏамзатова ккола Хунзахъ районалъул Гьоцӏалъ росулъа. ДГУялъул социалияб факультетги лъугӏизабун, росгун цадахъ гьей Москваялде гочана. Махщалида рекъон хӏалтӏизеги инчӏо. Лъимал гьарун хадуб, гьезул тӏалабалда чӏана.
— Хӏалтӏизе бакӏ щун букӏаниги, лъимерги рехун тун ине рес букӏинчӏо. Дун хӏалтӏизе ун йикӏарайани, лъимерги нахъе кколаан. Гьадингоги канлъи бихьуларев вас, дир кумекалде ккарав вукӏана. Хадуйго ясги канлъукъай гьаюна. Киналго лъималаз эбел-инсухъги ралагьун, гьезда хадуб такрар гьабула. Канлъукъал лъималаздаян абуни эбел-инсуца гьабулеб жо бихьуларелъул, такрар гьабун бажаруларо. Гьеб мехалда гьел нахъа хутӏула. Гьединал лъималазда кинабго жо малъизе ккола. Кваназе, ретӏел ретӏине ва цогидабги. Гьабулебщинаб бицинеги ккола гьезда. Нилъеда сверухъ кколебги бихьулебги кинабго рагӏун абизе ккола, — ян бицана Хӏамзатовалъ.
Лъимал кӏудиял гӏунагӏан гьезие гӏадатияб къагӏидаялда хьвада-чӏвадизе гуребги, исламалъул кьучӏалги, Къуръан цӏалиги малъизе хӏаракат бахъана Хӏамзатовазул хъизамалъ. Лъималазе лъикӏаб лъай кьезе бугеб гъираялъ Патӏимат цӏализе лъугьана Герценил цӏаралда бугеб Россиялъул пачалихъияб педагогикияб университеталъул деффектологияб лъай кьеялъул ва реабилитациялъул институталде. Ахирал соназда Хӏамзатовазул хъизам Адыгея республикаялъул Майкоп шагьаралда гӏумру гьабун букӏана. Гьениб канлъукъал лъималазул школалда учительлъун хӏалтӏулей йикӏана Патӏимат.
— Хъизамалда кӏиго канлъукъаб лъимер хьихьизе бигьаяб иш гуреблъи бичӏчӏула. Гьелде тӏадеги, гьединалго лъималазе лъай кьолеб жавабияб хӏалтӏиги тӏаде босун буго. Росас кин гьеб иш къабул гьабулеб?
— Лъималазе лъай ва тарбия кьеялъулъ росас кидаго квербакъула. Гьес цӏехон батараб «Эбелалъул школа» абураб гӏурусазулгун украиназул проекталда рекъон, тӏоритӏулел дарсаздеги хьвадулаан ниж вас гьитӏинаб мехалда. 2014 соналда политикиял хиса-басияздаса хадуб, гьеб проекталда гьоркьоса Украина нахъе ана. Гьеб проекталда рекъон, 3-7 сон барал, канлъи бихьуларел лъималазул эбел-эмен куцалаан гьезие тарбия кьезе, хьихьизе. Нижгун хӏалтӏулаан психологал ва цогидалги специалистал.
«Эбелалъул школалда» нижеда малъулаан гӏумру гьабиялъул аслиял жалазде канлъукъал яги нилъер кумек хӏажатал лъимал кин ругьун гьарилелали. Канлъукъал лъималазе дандекколедухъ рокъоб къайи кин лъелеб, кинал расанкӏаби гьезие росизе кколел, кин ретӏел ретӏине малъилеб, кин гьел кваназарилел ва цогидабги малъулаан гьениб.
— Адыгеялдаса Ватӏаналде тӏад руссиналъе гӏилла щиб ккараб?
— Кӏудияв вас школалде ине заман щведал, росас дида абуна канлъукъал лъималазе кинаб школа лъикӏаб бугебали халгьабизе ккелин ва гьезие лъай кьезе ккани мунгоги цӏализе кколин. Цӏализе унелъул муфти Ахӏмад-афандиясда дандбазе ун рукӏана ниж. Гьеб лъикӏаб иш бугин абуна гьес. Нижер кӏиябго лъимерги канлъукъаб букӏин лъалаан муфтиясда.
Хадуб, лъимал кӏудиял гӏунагӏан, гьезда гӏадатияб къагӏидаялда хьвада-чӏвадизе гуребги, исламалъул кьучӏал ва Къуръан цӏализе малъизеги бокьун букӏана нижее. Нижерго лъималазе лъай кьеялъе, гьел церетӏеялъе гӏоло гӏемерал соназда гьабураб хӏалтӏи, хадубккун цогидал лъималазеги пайдалъун ккана. Майкопалда канлъукъал лъималазул школалда хӏалтӏулей йикӏарай дун ахӏана гьание беццазе ва канлъукъазе цӏалулгун реабилитациялъулаб централда хӏалтӏизе. Ячӏинахъего директорлъунги тана. Гьале лъабабилеб цӏалул сон лъугӏулеб буго дица централъе нухмалъи гьабулеб бугелдаса.
Брайлил къагӏидаялъ цӏализе байбихьилалде цебе, гӏемераб хӏалтӏи гьабизе ккола лъималазулгун. Цин квераз кващун лъазабиялъул къагӏида хӏалтӏизабула. Нижехъе, гӏемерисеб мехалда, цӏализе рачӏуна яслиялде хьвадичӏел, кверал чуризецин бажаруларел лъимал. Гьезул бакӏалда кинабго улбуз гьабулеб букӏиналъ, гьел ругьунлъун ратуларо рукӏа-рахъиналъул гӏадатиял къагӏидабазде. Гьеб кинабго нижеца малъизе ккола.
Хадуб, кващун цӏалулеб алфавит малъула гьезда. Тӏаде цӏутӏизарун хъварал тӏанкӏазул шрифт ккола гьеб. Цӏализе малъулелъул, гӏисинал маххул гарал жанир лъезе бегьулел ячейкаби ругеб алат хӏалтӏизабула. Хадуб хасаб алаталдалъун хъвадаризе малъула. Тӏахьазда хъван рукӏуна кверзул тӏогьиса килщал кващун цӏалулел тӏаде цӏутӏарал тӏанкӏал. Гьединлъидал Брайлил къагӏидаялъ хъварал тӏахьал рукӏуна чӏахӏиял. Брайлил шрифталда хъвараб Къуръаналъул анлъго тӏехь гӏола. Жакъа Къуръан цӏализе санагӏалъи гьечӏилан багьанаби ратизе рес гьечӏо я канлъукъазе, я гӏинда бакӏазе, я гӏадатияв чиясе.
— Республикаялда ругел канлъукъазе рагьарал цӏалул идарабаздаса батӏияб жо щиб бугеб централъул?
— Школалде хьвадулеб ригьалъул лъималазда, рикӏкӏадасеб къагӏидаги хӏалтӏизабун, малъула гӏаммаб лъай кьеялъул киналниги дарсал. Гьелде тӏадеги — исламалъул кьучӏал, как битӏун баялъул къагӏида, Къуръан цӏализеги малъула. Централде цӏализе росула 6 сон баралдаса нахъе. 18 сон баралдаса бокьараб ригьалъул гӏадамазда малъула иман-ислам, как базе, Къуръан цӏализе. Гьединго «Лъикӏал тӏабигӏатазул ах», «Мухтасар», «Усулюдин», «Хӏадисул къудси», «Гӏараб мацӏ», исламалъул ихтияр (право), «Тафсир» абурал дарсалги малъула гьезда. Щуго соналъул цӏалул программа гӏуцӏун буго централда чӏахӏияб ригьалъул канлъукъазе.
Тӏоцебесеб соналъ гьел ругьунлъизе ккола цӏалдезе. Кӏиабилеб соналъ анцӏго Жуз рекӏехъе лъазабизе ккола. Лъабабилеб ва ункъабилеб соназдаги анцӏ-анцӏ Жузал рекӏехъе лъазаризе ккола. Щуабилеб соналда гьеб кинабго такрар гьабула ва тафсир малъула.
Исана цӏалул лъабабилеб соналда жаниб цӏалдолезда гьоркьор анцӏго Жуз рагӏалде щвезегӏан рекӏехъе лъалев чи гьечӏо. Бихьулеб буго гьеб кинабго программа щуго соналда жаниб лъазабун бажарулареблъи. Канлъи бугев чиясда дандеккун канлъукъазе кӏиго нухалъ цӏикӏкӏун заман къваригӏуна щиб бугониги лъазабизе.
— Цӏалун лъугӏидал гьел щаллъун рахъунел? Магӏишат гьабиялъе махщел щолищ канлъукъазе?
— Гьанир цӏалулел студентазул аслияб мурад буго хӏафизаллъун рахъин. Гьединго централда рагьун буго массажалъул ва компьютералъул курсал.
Тӏоцебесеб цӏалул соналъ нижеца чӏахӏиял канлъукъал цӏалдохъабазе Къуръан цӏалиялъул курсал рагьун рукӏана. Карантин лъуралдаса хадуб, чӏахӏияб ригьалъул цӏалдохъаби къабул гьаричӏо. Школалъул ригьалъул цӏалдохъаби гурони цӏалулел гьечӏо. Гьезул цӏалуе квалквал ккеларедухъ гӏуцӏун буго кинабго.
Гӏисинал лъимал Къуръан цӏалун лъугӏизегӏан цӏализарула централда. Гьелдаго цадахъ школалъул программаги (светияб) малъизе квербакъула. Гьезда рикӏкӏадаса цӏализе малъулелъул, цӏалуе хӏажатаб кинабго техникаги тӏахьалги чӏезарун руго централъ. Гьелде тӏадеги, гӏисинмаххазул тӏагӏел гьабизе, угьаризе, хьухьаризе, компьютер лъазабизе ва квен гьабизе малъула.
Гӏемерисеб мехалда Кисловодскиялъул колледжалде массажисталлъун цӏализе уна канлъукъал абитуриентал. ДГПУялъул хасаб лъай кьеялъул (деффектологиялъул) кафедраялда ва Герценил цӏаралда бугеб университеталда цӏалула канлъукьал студентал.
— Централъул чан чи къабул гьавизе рес бугеб?
— Гьабсагӏаталда цӏалулев вуго ункъо вас. Микьго васасе бакӏ буго гьаниб. Микьго ясги йиго цӏалулей. 16 яс къабул гьайизе бакӏ буго. Дагъистаналдаса гурелги улкаялъул батӏи-батӏиял бакӏаздасаги рачӏуна гьанире цӏализе. Центр рагьаралдаса гьанир цӏалулел рукӏана ислам босарал Омскиялдаса ва Казаналдаса гӏурус руччабиги. Гьезул цоялъул 69 сон букӏана. Централда цӏализарула чӏобого, квенги киналго алаталги кьола чӏобого.
— Лъица хьихьун бугеб центр? Ругищ гьанир цӏалдолезе хӏажатаб къайи, ресал?
— Централъул тӏалаб гьабула ДРялъул муфтияталъ. Гьез кинабго хӏажатаб къайиялдалъун хьезабула центр. Канлъукъазе цӏалдезе, хъвадаризе, компьютералда нахъа гӏодорчӏун хӏалтӏи гьабизе хӏажатаб кинабго чӏезабун буго гьаниб.
Улкаялда къайи хира гьабилалде цебе босун букӏана канлъукъал компьютералда нахъа гӏодорчӏун хӏалтӏизе рес кьолеб алат (Брайлил дисплей). Гьелда тӏад руго Брайлил шрифтги цогидал хӏажатал кнопкабиги. Гьеб алаталъул кумекалдалъун гьезухъа килщаз кващун тӏахьалги, батӏи-батӏиял сайтаздаса макъалабиги цӏализе бажарула. Гьединаб ункъо алат буго централда. Лъималаз рикӏкӏадасеб цӏали компьютеразул ва гьеб дисплеялъул кумекалдалъун гьабула. Компьютералдаса хӏажатаб текст Брайлил шрифталдеги буссинабун кагътида бахъулеб принтерги буго нижер.
Цӏалдохъабиги кидаго тӏахьазде къулун рукӏунелъул, мугъзагьод гьетӏиялъул захӏмалъаби гӏемер дандчӏвалел руго. Гьединлъидал «Инсан» фондалъ централъе босана массаж гьабулеб креслоги. Киналго шартӏал чӏезарун руго канлъукъазе исламияб ва светияб лъай кьеялъе.
— Сордо-къоялъ гьанирго гӏумру гьабун ругел цӏалдохъабазда гьеб чӏалгӏунарищ?
— Гьел гӏадада чӏун рукӏунарелъул, чӏалгӏунаро. Радалго малъула Къуръан. Хадуб квен кьола. Рамазан моцӏалъ киназго кӏалалги ккола. Кванан хадуб школалъул дарсал байбихьула. Гьелдаса хадуб къаде как бала ва кваназарула. Макьилги низам цӏунула. Гьелдаса хадуб щивав цӏалдохъан уна жидецаго тӏаса рищарал курсазде. Цинги, къаси сагӏат анкьго тӏубазегӏан цӏидасан Къуръан цӏалиялъул дарсал рукӏуна.
Нижер цӏалдохъаби хьвадула тӏадагьаб атлетикаялдеги. Канлъукъал лъимал рекерула канлъи бихьулелгун цадахъ. Щивав канлъукъасда цадахъ вукӏуна цо-цо канлъи бихьулев чи.
— Цебегӏанго рагӏун букӏана ДРялъул гӏолилазул ишазул министрасул заместитель Патӏимат Гӏумаровалъ нужее Президентасул гранталъе гӏоло проект хӏадуризе кумек гьабулеб бугин абун. Щиб ккараб гьелъул?
— Гьеб букӏана дица гӏуцӏараб «Стирая границы» абураб проект. Гьелъул мурадги буго жидедехун кӏвар кьезе кколел, жидер кумекалде хӏажатал канлъукъал гӏадамалги жидеда сверухъ рукӏин гӏолеб гӏелалда бичӏчӏизаби. Документал ракӏарун рахъинчӏого, гьеб нахъ бахъана. Исана цӏидасан хӏадурлъи гьабулеб буго.
Мажгит ва центр гӏуцӏараб район ккола беццазулин абулеб. Гьаниб аскӏобго буго канлъукъал гӏадамаз гӏумру гьабулеб гӏемертӏалаял минабиги. Гьел хӏалтӏулеб цехги буго аскӏобго. Гьаб районалда мажгитги Хархаровас, беццазул гьариялда рекъон, бан букӏана. Гьаниса гӏемер рикӏкӏад гьечӏеб бакӏалда буго канлъукъал цӏалдохъабазе школа-интернатги. Аскӏобго буго гьезул клубги. Беццазул клубалъул гӏахьалчагӏаз нижер централъул цӏалдохъабазе батӏи-батӏиял курсалги тӏоритӏула.
— «Эбелалъул школа» гӏадаб проект Дагъистаналдаги гӏумруялде бахъинабизе ракӏалде ккечӏищ? Нилъер ракьцоязул рес бугищ жидерго канлъукъал лъималазда гӏумру гьабиялъе хӏажатабщинаб малъизе?
— Гьанжесел гӏалимзабазги психологазги абула лъимер гьабилалде цебе хӏадурлъи гьабизе кколин лъимадуе тарбия кьезейилан абун. Цогидаздаса батӏияб лъимер гьабураб мехалъ эбел-инсуда тӏаде кколеб буго жеги цӏикӏкӏараб жавабчилъи. Гьединлъидал лъимер цебетӏезе ккани, канлъукъазул школалде яги централде цӏализе ритӏизегӏанги эбел-инсул рахъалдасан рокъосанго букӏине ккола хӏадурлъи.
Гӏадатияб лъимадулго гӏадин, канлъукъаб лъимадулги буго щибаб ригьда лъазе кколеб хьвада-чӏвадиялъул къагӏида, ругьунлъизе кколеб жо. «Эбелалъул школа» проекталъин абуни 3-7 ва 16-20 сон барал канлъукъал лъимал куцазе малъула. Анкьго сон баралдаса 16 сон базегӏан ригьалъул лъималгун хӏалтӏиялъе кумек букӏинчӏо «Эбелалъулаб школа» абураб проекталда рекъон.
Дун гьеб проекталъул гӏуцӏарухъаналде аскӏое ана, 7-16 сонил ригьалъул лъимал гьоркьор щай хутӏизе кколелин абун гьикъизе. Гьелъ абуна гьеб хӏалтӏи гьанже дуцаго тӏаде босеян.
Гьеб проект гӏуцӏиялъул иш гьоркьоб хутӏана Дагъистаналде тӏад руссиндал. Амма гьелда тӏад хӏалтӏизе ракӏалда буго.
Хадурагӏи
Нижер накъиталъухъ гӏенеккун чӏалгӏарай Патӏиматил яс, 10 сон барай Салима цо заманалда лъугьана жинцаго цӏалулеб букӏараб тӏехь балагьизе. Испаниязул хъвадарухъан Мигель Сервантесил «Дон Кихот» цӏалун лъугӏулеб бугин, гьеб лъугӏидал «Король Артур и рыцари круглого стола» абураб тӏехь бугин цӏализе иргаялдаян бицана гьелъ. Бищунго бокьулеб асар цӏехедал, гьел гӏемер ругин, амма бищунго вокьулев автор Кыр Булычев вугин бицана Салимаца. Батӏи-батӏиял авторазул тӏахьазул ва гьезул аслиял бахӏарзазул бицуней Салимахъ балагьун хутӏарай дун, централъул цогидал цӏалдохъабигун лъай-хъвай гьабизе ахӏана Патӏиматица. Кӏарччанго, цин эбелалъул кабинеталъуе лъугьун, цинги централда хӏалтӏулезулгун накъиталда тана Салимаги. Беццазул библиотекаялъулгунги гьоркьоса къотӏичӏого бухьен букӏунин, лъималазе хӏажатал тӏахьал гьениса росулин бицана Патӏиматица.
Ниж тӏоцере раккараб кабинеталъув дарсал гьарулев ватана Салимал кӏудияв вац, 14 сон барав Рамазан. Школалъул рикӏкӏадаса малъулел дарсазул заман букӏана гьеб. Цогидал цӏалдохъабиги ругоан дарсазде машгъуллъун. Цӏалул программаялдаго цадахъ Рамазаница Къуръанги рекӏехъе лъазабулеб буго. Къуръан цӏалиялъул ва рекӏехъе лъазабиялъул рахъалъ республикаялъулал ва бакӏалъулал къецазда призалъулал бакӏазе мустахӏикълъана Рамазан. Канлъукъал руччабазда гьоркьоб «Къуръан цӏали ва исламалъул кьучӏал» къецалда тӏоцебесеб бакӏ ккуна Салимацаги.
Майкопалда цӏалулелъул, Олимпиялъул резервалъул школалде, дзюдоялде ва тӏадагьаб атлетикаялде хьвадулаан Рамазан. Гьенир щварал гӏемерал медалалги руго гьесул.
Централда цӏалулел, лъаялъухъ гӏащикъал гьитӏичал рихьаралдаса нахъе дица диего кьолел суалал лъугӏулел гьечӏо. Щай нилъеца Къуръан цӏали, цӏияб лъай щвезаби нахътӏамун толеб? Щай нилъеда Аллагьасе щукру гьабизе кочӏонеб? Заман гӏолеб гьечӏин, сахлъи загӏиплъун бугин абун щай нилъеца багьанаби ратулел?
Патӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА