«Патӏимат», «Ансадерил бахӏарай», «Цӏва»… Арсен Асхӏабовасул щибаб курхьеналъул буго жиндирго цӏар.

«Цӏар кьураб мехалда рекӏее парахалъи щола, щибаб тӏагӏелалъул букӏинесеб къисматалъул пикру гьабизе бачӏуна. Гьезда рухӏ лъезаби гӏадаб жо ккола цӏар лъей», — ян бицана Гӏахьвахъ районалъул Гӏарчоса меседил тӏагӏелазул устарас. Гьесул тӏагӏелазул цоял руго дунялалъулго музеязда, цогидал – къватӏисел улкабазул хасал коллекциязда, лъабабилел – берцинал ясазул килщаздагун рукьабазда

Махщел камилав устар хӏисабалда цӏар бигьаго щоларо. Букӏине ккола хасаб къагӏида, цогидазда релълъинчӏеб хатӏ, инсан хӏайранлъизавулеб гӏаламат. Арсен Асхӏабовасул нус-нус тӏагӏелалда гьоркьор руго меседилги гӏарцулги, къиматаб багьаялъул нагӏлиялъ гвангъизаруралги, цояб цогидалда релълъинчӏеб расеналъ берцин гьаруралги, щибалъул буго жиндирго хаслъи. Масала, «Ансадерил бахӏаралъул» хаслъи ккола ансадерил накъишал тӏад рекьи. Гьес гурони, гьединаб къагӏида хӏалтӏизабуларо.

Гьарула Асхӏабица хунжрулги – гьезиеги кьола цӏарал. «Машгьурал рагъул церехъаби» абураб хунжрузул коллекциялда буго Шамил имамасул мазгарул сипатгун гӏарцул гьабураб ханжар, цогидалда буго Александр Македонскиясул сипат. Гьабуна гьес адмирал Федор Ушаковасул сипат бугеб ханжарги. «Маххул тахтаги босун, къваригӏунареб бутӏа нахъе къотӏула. Гьеб бигьаяб иш гуро, амма ракӏ тӏаде цӏалеб хӏалтӏи буго. Ушаковги вугелъул гӏажаибав рагъул цевехъан: гьев хӏалхьиялда чӏана, рагъулъ босараб 43 бергьенлъиги букӏаго, ва цониги рагъулъ къечӏо гьев», — ан бицана Асхӏабица.

Бицана гьес Шамил имамасул ханжар гьабиялъулги. Гьеб букӏана «Ахӏулгохӏ» абураб мемориалиябгун тарихияб комплекс балеб заман. Гьеб бан бахъана – гьабун лъугӏана ханжарги. Гӏемер чиясул гъира букӏана гьеб ханжар жиндиего босизе, амма Арсеница хӏукму гьабуна ханжар музеялъе сайгъат гьабизе. Гьабсагӏаталда Шамил имамасул сипат тӏад бекьараб ва дунялалдаго цо бугеб гьединаб ханжар лъун буго «Ахӏулгохӏалъул» музеялда.

Устарас тӏоцебе гьабуна Македонскиясул ханжар. Анцӏго соналъ вукӏана гьев гьелда тӏад хӏалтӏулев. «Дица сурат бахъула кваранаб квералъ, амма хӏалтӏула квегӏалъ. Школалда учительницаялъ гӏемер хӏаракат бахъана кваранаб квер хӏалтӏизабизе дун ругьунлъизавизе. Ручкаялъ рухулаан кверал. Ахирги хъвадарула ва суратал рахъула квараналъ, амма меседил тӏагӏелал гьаризе хӏалтӏизабула квегӏаб квер», — ан бицана Арсеница.

Меседил устарлъиялде Арсен машгъуллъана 1991 соналда. Устарас абулеб буго, жиндие гьеб гьунар кӏудияв инсухъа ирсалъе щун батилин абун. Кӏудада вукӏана кверзул махщел бугев чи. Гӏарчосел гурелги, сверухъ ругел росабалъа гӏадамалги рачӏунел рукӏун руго гьесухъе къваригӏелалъ.

Кверзул махщел букӏана Арсенил эбелалъулги – гьелъ угьун къачӏалаан бахӏаралъул гурдал.

Школалда цӏалулаго ва Советияб Армиялда хъулухъ тӏубалаго, А. Асхӏабовас рахъулаан суратал, берцинго къачӏалаан плакатал ва стендал. Меседил тӏагӏелал гьаризе унго-унгояб гъира Арсенилъ бижана Махӏачхъалаялда, Узбекгородокалда бугеб гьоцӏдерил художествияб комбинаталде щведал. Гьеб заманалда Россиялъул халкъияв художник Мухӏамад Жамалудиновас бакӏарулеб букӏана меседил устарлъиялъе ругьунлъизе гъира бугел гӏолилазул къокъа. Гьелда гъорлъе ккана Арсенги. Цогидал гӏолилаз гьанжего-гьанже рагьулел рукӏана махщеллъиялъул балъголъаби. Арсен Асхӏабовасин абуни, гьеб заманалда гьабуна жиндир тӏоцебесеб тӏагӏел – гӏарцул курхьен. Ва бичана гӏарцухъ.

Мухӏамад Жамалудиновас, гӏолиласул пагьмуги гъираги бихьун, кубачиязул устарзабазда гьарана Арсенида устарлъи малъеян абун. Жидерго махщалил балъголъи чияр чиясе киданиги рагьуларо кубачияз. Рагьичӏо гьез гьеб Арсениеги. Гьес тӏаса бищизе ккана жиндирго сухъмахъ – захӏмалъабигун гъалатӏал гьарзаяб, амма лъидаго релълъинчӏеб, гӏицӏго жиндие хасиятаб. Цӏаличӏо гьев художествиял школаздагун академиязда, амма хӏалтӏана, кӏвахӏги свакги кӏочон тун. Ва бачӏана махщел. Гьесие гӏемераб кумек гьабуна М. Жамалудиновасги. Ахӏана комбинаталда хӏалтӏизе. Амма доб букӏана захӏматаб заман. Комбинатги къана, улкаялда рукӏарал цогидал предприятиялго гӏадин.

«Дол соназда хадур гъун рачӏунаан заказал – заман гӏоларого букӏунаан курхьабиги, хунжрулги, баргъичалгун рахсалги гьаризе. Республикаялде щолел гьалбал гӏемерлъун рукӏана ва ракӏалдещвеялъул сайгъатлъун гьезул щивас цадахъ босулаан гӏарцул тӏагӏел. Гьел унаан хӏежалде унеб мехалдаги – Маккаялда ричизеян абун. Гьанже иш абизегӏан лъикӏ гьечӏо. Махщелчи вакъун хутӏулеб заман буго. Щайгурелъул цо пикру гӏумруялде бахъинабулаго, гӏезегӏан заман уна ва гьадингоги гӏемер гьечӏел заказал рилула. Щивасда гуро бичӏчӏулеб цо тӏагӏел гьабулаго, устарас гьелда тӏад хвезабулеб заманги, гьесда бихьулеб захӏматги, гьелъие хӏажалъулеб сабруги. Учузго къваригӏуна гьеб босулев чиясе. Гьелъ устарасул ракӏбакъвазабула: учузаб багьаялъ гуро – жиндир хӏалтӏул къимат гьабунгутӏиялъ», — ан бицана Арсеница.

Гьабсагӏаталда А. Асхӏабов хӏалтӏулев вуго Гъизляралъул предпринимателасул заказазда тӏад – гьарулел руго нусал, хунжрул. Гьесул хӏалтӏаби ричулел руго дунялалъул батӏи-батӏиял улкабазда. Гьанже щибаб тӏагӏелалда жиндирго цӏарги хъвала гьес.

А. Гӏабдурахӏманова