Северияб Кавказалъул педагогияб культура лъугьана халкъазул гӏумруялда гӏасрабаз дандчӏвараб захӏматаб хӏалбихьиялъул кьучӏалда. Гӏелмияб педагогикаялъ гьелда абула мугӏрузул халкъазул тарбия кьолеб къагӏидайилан. Гьеб къагӏидаялъул тарбия кьеялъул алаталлъун ккола кьварараб заманалъ халкъ куцан лъугьарал халкъиял гӏадатал – хур-ах гьабулаго, рагъулал, рукӏа-рахъиналъул, хъизамалъулал, ай магӏарул жамгӏияталда рилълъанхъарал ва халкъалъ пайдаяллъун рикӏкӏунел.
Магӏарул тарбия кьеялъул аслияб хаслъи ккола, лъимер бижараб къоялдаса нахъе, бихьиназеги руччабазеги батӏи-батӏияб тарбия кьей; рукъалъул хӏалтӏи гьабизеги гьеб гьабулаго цӏунизе кколел адабалги лъимерлъудасаго куцай; букӏинесеб гӏумруялда тӏуразе тӏалъулел хъулухъазде гьитӏинаб къоялдасаго ругьун гьари; битӏараб нухккун хьвадизе малъи; лъикӏаб гӏамалалъухъги малъараб босун хьвадиялъухъги рецц-бакъ гьаби.
Щивасул буго жинда тӏадаб иш
Хъизамалъул бетӏерлъун кидаго вукӏана бихьинчи – эмен, гъанситоги ватӏанги хъизамалъул яхӏ-намусгун къадруги цӏунулев, тухум-кьибилалъул ва жамагӏаталъул жаваб кьезе хӏадурав; хъизам хьихьулев аслияв хӏалтӏухъан – живго мисалияб къагӏидаялда бищунго лъикӏ хӏалтӏулев гуревги, гьеб гӏуцӏулев ва лъималаздаги хӏалтӏи малъулев.
Хъизамалъул бетӏер хӏисабалда бихьинчиясда тӏадаб буго хъизамалъул гьоркьоблъи гӏуцӏизеги. Гьесул хӏаракаталдалъун гӏуцӏула тухум-кьибилалъулгун бухьеналги. Инсуца лъималазда малъула гӏагарлъиялда гьоркьор лъикӏал бухьенал гьаризеги – жиндирго мисалалдалъун, гӏаммал ишазулъ гӏахьал гьариялдалъун, рохелги ургъелги бащад бикьизе малъиялдалъун. Гьел бухьеназул аслулъунги букӏине ккола цоцазде гьабулеб божилъи, цоцазе хӏалае рахъин, тухумалъул хъизамалъулгун ва тӏолабго росдал жамагӏаталъулгун лъикӏаб гьоркьоблъи гьаби.
Тухумалдаги жамагӏаталдаги цебе инсуца жаваб кьезе ккола жиндир хъизамалъул, ай гьеб хьезабиялъул, дагӏба-рагӏи гьечӏеб, парахатаб гӏумруялъул, цоцазде гьуинлъи-вацлъи куцаялъул. Гьеб буго жавабчилъи цӏикӏкӏараб иш, гьединлъидал инсуца гьеб ишалъулъ чарагьечӏого гӏахьал гьаюла хъизамалъул эбелги. Гьелда тӏадаб буго рукъалъул берцинлъи гӏуцӏизе, гъансито цӏунизе, лъималазе тарбия кьезе. Щуго-анлъго сон базегӏан лъималазе тарбия кьеялъул иш аслияб къагӏидаялда бегула эбелалъул гъуждузде. Амма гьеб ишги лъадуде рехун, рикӏкӏад чӏун вукӏунаро эменги, хасго васазе тарбия кьеялъулъ кӏудияб кӏвар буго гьесул. Инсул тарбия кьей байбихьула васас тӏоцересел галаби рахъулеб заманалдаго. Магӏарулазул гӏадаталда рекъон, бихьинаб лъимер гӏемерисеб заманалда букӏине ккола бихьиназда гъорлъ.
Унго-унгояв бихьинчи
Мугӏрузул халкъазул тарбия кьеялъул кьучӏлъун ккола «унго-унгояв магӏарулав» ва «унго-унгояй магӏарулай» куцай. Гьел куцала захӏматалъулъ лъадарулаго, пашманлъи-рохел гӏахьал гьабулаго, мадугьалзабазулгун, росуцоязулгун гьоркьоблъи загьир гьабулаго, хъизамалда рукӏаго, ай гӏумруялъул щибаб къойил букӏунеб ахӏвал-хӏалалда. Инсул рагӏул къимат гьабизе лъималазда малъула эбелалъ. Жинцагоги адаб гьабула гьелъул. Инсуцаги хӏаракат гьабула рагӏул къадру цӏунизе, эбел-инсул мисалалдалъун лъималазулъ куцала яхӏ-намус, жавабчилъи, васазулъ – къвакӏигун бихьинчилъи, яцазул ва эбелалъул тӏалаб гьаби, рукъ цӏуниялъе тадбирлъи.
Инсанасул гӏамалалъул бищун лъикӏаб хасиятлъун мугӏрузул халкъаз рикӏкӏуна гӏаданлъи. Гьелда гъорлъе уна батӏи-батӏиял рахъал — захӏмат бокьиги, ватӏан цӏунулаго, бахӏарчилъигун хӏинкъи гьечӏолъи ва жиндирго гӏумруялда барахщунгутӏи загьир гьабиги; тӏадаб борч тӏубазе кколеблъи ва гьелъие гӏоло, хӏажалъани, гӏумру кьезеги хӏадурав вукӏинги; сверухъ бугеб тӏабигӏатги, хӏайваналги ва гъветӏ-хер цӏуниги; цогидав чиясул мурад тӏубазе хӏадурго вукӏинги.
Щивха кколев, мугӏрузул халкъазул пикруялда рекъон, унго-унгояв бихьинчи? Чӏахӏиязул адабги гьабулев, чӏужугӏаданалъул къадруги цӏунулев, хъизамалдаги жамгӏияталдаги гьоркьов сабруяв ва хӏалимав, хъизамалъе ва жамагӏаталъе гӏоло хӏалтӏулев, ритӏухълъи цӏунулев. Гьеле унго-унгояв бихьинчи. Гьединаб пикру щулалъун буго Северияб Кавказалъул халкъияб педагогикаялда.
Гӏасрабаз гӏуцӏана бихьинчи куцаялъул халкъияб педагогияб программа. Гьелдаса пайда босула пуланав гӏолиласул эбел-инсуца гуребги, тухумалъул тӏолго бихьиназ ва жамагӏаталъул бутӏруз. Щайгурелъул гьел ккола гӏолеб гӏелалъе тарбия кьеялъулъ жигараб гӏахьаллъи гьабулел гӏадамал. Масала, гьез васасде хитӏаб гьабула «бихьинчи», «къвекӏаб цӏум» ва цогидалги рагӏабаздалъун. Гьитӏинабго ругъуналде, тункараб, унтараб бакӏалде гӏемер кӏвар кьолев васасда гьесул кьерилаз яги чӏахӏияз абула: «Воре, гъадида бихьизе тоге – гозоялъ бикӏулин», — абун. Росдал годекӏабахъ гӏуцӏулаан васазда гьоркьор къецал – миллияб гугариялъул, рекериялъул, кӏанцӏиялъул ва гь. ц.
Гӏисинал васазул тӏалаб гьабулаан гьесдаса кӏудиял вацаз, вацгӏалзабаз, мадугьалзабаз ва росуцояз. Гьедин гӏуцӏараб насихӏатчилъиялъул мурад букӏана бихьинаб хасият-гӏамал куцай: хӏинкъи гьечӏолъи, къвакӏи, къохӏехьей, жиндирго яхӏ-намус ва къадру бацӏцӏадго цӏуни, захӏматаб хӏалалде ккедал битӏараб хӏукму гьабизе лъай, ахирисеб къуват тӏагӏинегӏан къеркьезе кколеблъи бичӏчӏизаби. Чӏахӏиязул кумекалдалъун гӏисинал васал ругьунлъула гьединаб ригьалъе хасиятал хӏинкъабазукьа эркенлъизе. Масала, борхалъудаса вортиялдаса, хӏоринив гъанкъиялдаса, гӏуруца иналдаса, гьвел хӏапдеялъукьа ва гь. ц. Гьединаб хӏалалде ккарал васазе кумек гьабула чӏахӏияз, гьезул ракӏбатулеб рагӏи бицун, жидецаго мисал бихьизабун.
Северияб Кавказалъул халкъияб кӏалзул гьунаралъул асаразулъ – маргьабазулъ, биценазулъ, бахӏарчияб эпосалъулъ – рехсон руго бихьинчи куцаялъе квербакъулел батӏи-батӏиял мисалал. Гьенир кьун руго бихьинчиясул букӏине кколеб хьвада-чӏвадиялъул рахъалъ чӏванкъотӏарал мухӏканал баянал. Бихьинчи куцаялде – цебечӏараб масъала тӏубазе хӏаракат бахъиялде, хехаб хӏукму гьабиялде, дандиясукьа бергьенлъи босизе ккеялде, цӏодорлъиялде кӏвар кьолеб буго халкъиял расандиязулъги.
Исламалъги кӏудияб бутӏа лъуна Северияб Кавказалъул халкъазул рухӏияб гӏумруялъулъ. Исламияб моралалъ мухӏканго рехсола муъминчиясул сипатал: ритӏухъав, ракӏбацӏцӏадав, жавабчилъи бугев, къохӏехьолев, хӏалимав, къвакӏарав, бахӏарчияв. Гьелдаго цадахъ исламалъ какула хӏилла-рекӏкӏ, жахӏда-хӏусуд, гьерсихъанлъи, вахӏшилъи, божударекӏкӏ, хилиплъи, цӏукӏалъи.
Рехсарал исламиял хасиятазул кьучӏалда гӏуцӏарал руго инсанасул гӏамал-хасият куцаялъе чарагьечӏого хӏажатал «Намус» ва «Адаб» абурал халкъиял кодексал. Гьезда рекъон хьвадизе малъарал гӏолилаз киданиги рахъ кквеларо квешлъиялъул, вахӏшилъиялъул, саяхълъиялъул ва питначагӏазул. «Иццул лъел тӏагӏамалдаса пайда босарав киданиги къулиларо хӏарщул хӏориниса лъим гьекъезе, хӏатта къечон холелъулгицин», — ан буго халкъияб кици.
Умумузул рухӏияб ирс цӏи гьабулаго, нилъеца цӏидасан чӏезабула некӏсиял умумузулгун бухьен. Гьелдалъун кӏудияб бутӏа лъола жамгӏияталъул сахаватаб ва халкъалъе пайдаяб ишалъулъ.
Мухӏамадхӏабиб Халидов, ДРялъул мустахӏикъав учитель