Генерал-лейтенант Мухӏамад Гӏабдуразакъов. Гьев щивалиги, кив хӏалтӏаравалиги, гьес Дагъистаналда цебе гьабураб намус бацӏцӏадаб хъулухъалъулги хӏакъалъулъ лъаларев чи къанагӏатги ватиларо. Гьединлъидал гьаниб тӏадчӏей гьабиларо гьев хӏалтӏарал бакӏаздаги, гьес нахъа тараб, гӏун бачӏунеб гӏелалъе унго-унгояб мисаллъун кколеб гӏумруялдаги, бахӏарчияб къеркьеялдаги. Бокьун буго Шамил районалъул Тӏелекьа Мухӏамад Гьитӏиновичасул хӏакъалъулъ, комсомолазул цевехъан, ДАССРалъул Спорткомитеталъул председатель, ДРялъул МВДялъул министр хӏисабалда гурев, гӏадатияв инсан хӏисабалда гьев вихьизавизе. Гьедин гьев вихьизавизе гьесулгун лъикӏаб гьоркьоблъиялда, яги гьевгун цадахъ хӏалтӏарав, ялъуни, абухъего, цӏамул гьир цадахъ чӏикӏарав чи дун гуро. Мунагьал чураяв дир инсулгун лъикӏаб гьоркьоблъи букӏиналъ лъалаан ниж цоцазда ва цо-цо мехалда, газеталъул хӏалтӏухъан хӏисабалда, щолаан гьесул кабинеталде гара-чӏвари гьабизе ялъуни газеталъе хӏажатаб баян балагьизе, цӏехезе.
Газеталда мухбирлъун хӏалтӏулев гӏолохъанчиясда, ай дида, гьес дандчӏвай гьабулаан цӏакъ адабалда, загьир гьабулаан газеталда бахъараб цо кинаб бугониги макъалаялда тӏасан жиндирго пикру ва цо-цо мехалда кӏалъалаан кочӏол жугьабаздалъун. Кида щваниги гьесул столалда тӏаса камичӏого букӏунаан магӏарул газета ва бихьулеб букӏана гьев творчествоялдехун цӏайи бугев чи вукӏинги. «Рокъобе кагъат» абураб жинцаго гьабураб кечӏ хӏеренго цӏалулеб мехалда, дун гӏажаибго гьесухъ валагьун хутӏиги халлъун, гьес абуна: «Мухӏамадхӏабиб, дун министр вугониги, дудаго гӏадаб ракӏха дидаги бугеб», — илан.
Гьесул гӏадат букӏана, нахъе унелъул, цо кинаб бугониги сайгъат кьолебги. Гьесул гьединаб хасият букӏинги лъан, иргадулаб нухалда дие цо щиб бугониги сайгъаталъе кьезе жо балагьулев гьев вукӏаго, щвараб ресалдаса пайда босилин вукӏун ватилаха, дица гьесда абуна, дун милициялъул хӏалтӏухъан вугин абураб удостоверение щайин дие кьоларебилан. Доб букӏана дица машина босараб заман ва хӏажат букӏана, ГАИялъулаз чӏезавидал, гьезда бихьизе «корочка». Дица гьедин абидал, Мухӏамад Гьитӏиновичасе цӏакъ кеп щвана ва, хӏажалъи ккани жинхъе ахӏейиланги абун, «сайгъатги» кьечӏого, дунги нуха регӏана. Хадуб дир инсуда абун буго гьес, халкъ законалъул нухдасан хьвадизе малъулев жив дур васас закон хвезабизе тӏамулев гурищин вукӏаравилан.
Гьелдаса нахъе лъикӏаланго заман гьоркьоб индал, иргадулаб нухалдаги щвана гьесухъе ва, нахъе унелъул, дица абуна дурго гӏумруялъулги хӏалтӏулги ракӏалдещвеязул тӏехь щай хъваларебилан. Лъикӏаб пикру бугин абун гурони, гьес мухӏканаб жаваб кьечӏо. Амма заманалдасан пуланав чи витӏун вачӏана редакциялде, кӏиго-лъабго папка цӏурал кагътал, материалал, батӏи-батӏиял газетазда рахъарал макъалабиги росун, Мухӏамад Гьитӏиновичас абунин гьазухъ балагьейиланги абун. Палхӏасил, тӏаделъана тӏехь гьабиялъе диргоги бутӏа лъезе ва гьеб мурадалда, хӏажат бугониги гьечӏониги, хьвадана министрасухъе. Дие, гӏолохъанчиясе, кӏудияб жо букӏиндалха министрасухъе ин. Гьедин лъана дида Мухӏамад Гьитӏиновичасул гӏумруялъулги, захӏматалъулаб нухалъулги, баччизе ккараб бакӏлъиялъулги, бихьараб гӏакъубаялъулги хӏакъалъулъ цо-цо бутӏаби.
Эбел
Нахъа чи гьечӏого кӏудияб борхалъиялде вахарав Мухӏамадица абулаан жив кидаго налъулав вугин эбелалъе. Эбел Хъандулалъул бицунеб мехалда, кьварарав генерал вугониги, гьесул бадиб магӏуцин ххулулаан.
— Рагъда росги чӏван къороллъуда хутӏарай эбелалъ тӏолабго гӏумру кьуна лъималазе гӏоло. Дун гӏадамалъе вахъинавиялъе, дие лъай щвеялъе гьелъ тӏунщинаб гӏетӏ, рорчӏанщинал сардал. Гьелъул хӏакъалъулъ бицен гьабизеги кӏоларо араб заманалда гӏадин. Дун чӏаго вугебгӏан мехалда гьей кидаго дунгун йиго. Нилъее хириял гӏадамал холаро, гьезул хӏакъалъулъ бицен лъугӏуларо, гьезул цӏарал лъола цӏи гьаруразда. Дир пикрабалъги кидаго йикӏуна эбел. Гьелъие цӏакъ бокьулароан гьереси, хиянатлъи, чӏухӏи. Гьелдаса мисал босун хьвадизе хӏаракат бахъана дицаги ва гьедин малъула лъималаздаги. Амма кигӏан хӏаракат бахъаниги эмен ракӏалде щвезавизе, ай гьесул сипатсурат цебе чӏезабизе кӏоларо. Лъимерлъун вугеб заманалда дица гьев чӏаго вугиланги толаан. Инсул бронь букӏаниги, ана гьев рагъде. 1942 соналда лъукъун хадуб, гьев отпускалъ рокъовеги вачӏун вукӏун вуго ва фронталде тӏад вуссун унелъул лъадуда, ай дир эбелалда абун буго: «Хъандулай, дун чӏаго вачӏинин кколаро. Фронталда цӏакъго захӏматаб ахӏвал-хӏал буго. Дун тӏад вуссинчӏони, дур цӏобалда хутӏула васги кӏиго ясги. Васасе лъай кье, гьев цӏализаве», — ян.
Киданиги кӏочонаро эбелалъул букӏараб захӏматаб гӏумру. Къад къоялъ колхозалдаги хӏалтӏун рокъое ячӏарай гьей, къаси ворчӏанщинахъе дида юкъарулей ятулаан. Росулъ ункъо класс лъугӏидал, вачун дунгун, лъелго, чанго къоги нухда бан, щвана Буйнакскиялде ва, инсул амруги тӏубазабун, цӏализе кьуна. Шигӏраби, назмаби гьаризе махщел букӏараб къагӏидаха эбелалъул, рос хванин абун хабар бачӏиндал гьелъ гьабураб магӏуялъ жакъаги черх цӏунцӏрахинабула, — ян бицана мунагьал чураяв Мухӏамад Гьитӏиновичас ва рикӏкӏана эбелалъ гьабураб гьаб назмуялдаса цо чанго мухъ:
Дир лачен рагӏула гӏурус ракьалда
Тушманасул гуллид керенги борлъун,
Дир гьудул рагӏула Удироялда
Керен-ракӏ унтарал кагъталги ритӏун.
Дуца дий гьабураб къотӏи букӏинчӏищ
Лъималазухъе мун чӏаго вуссинин,
Дуца дие кьураб рагӏи букӏинчӏищ
Рагъда чӏел босараб богун вачӏинин.
Лаченги чучула чи гӏемерлъани –
Цӏикӏкӏунищ дуй ккараб тушманасул хер?
Чаранги гьацлъула цӏа гьалаглъани –
Командир вукӏиндал бухӏийищ щвараб.
Зоб гъугъан гъегъ байги Германиялде
Чан рокъов къанагӏат къанщизавурав?
Хӏарул гӏорал щваги дол фашистазде
Чанги гъуждул гургин гуллид ворлъарал…
Буйнакскиялъул интернаталде цӏализе лъугьарав, къинтӏ гӏурус мацӏ лъаларев Мухӏамадие цӏакъ захӏмат букӏана. Гьес чанго нухалда къасдцин гьабуна рокъове тӏад вуссине. Амма гьеб параялъго цере тӏамулаан эбелалъул берал, ракӏалде щолаан «васасе лъай кьеян» инсуца гьелъие тараб васият. Гьесда бичӏчӏулаан инсул цӏаралъе мустахӏикъав васлъун вукӏине кколеблъи. Гьев хилиплъичӏо инсул васияталъе: цӏалана, хӏалтӏана, хъизан гьабуна ва, гӏемераб гӏетӏги тӏун, яхӏ-намусалда хӏурги хъвазе течӏого вахана борхалъиялде.
Эбелалъулги, яцазулги, хъизан-лъималазулги бицунеб мехалда кьварарав ва къамартӏав офицер тамахлъун унев куц бихьидал, унго, генералгидай гьадинав вукӏуневилан кколаан ракӏалде. Хӏакъикъаталдаги гьев вукӏана, кьвараравго гӏадинав, тамахавги инсан. Гьединав вукӏинчӏевани, кин гьес хъвазе букӏараб жиндирго хъизан Патӏиматиде гьадинаб кагъат:
Босе кагъат, салам Дагъистаналде,
Дир Патӏиматихъе кодоб щвезабе.
Бице гьелда дир хӏал, хӏеренго кӏалъан,
Хӏасратго урхъун дун абе вугилан.
Абе ияхӏалда кӏиго бал бугин,
Бице ияхӏалда кӏиго ракӏ бугин.
Ияхӏги, намусги ва гӏаданлъиги
Бице, нилъедаго гьеб бараб бугин.
Патӏимат, гьаб гӏумру гӏемер захӏматго
Зулмаби рахӏатги цоцалъги жубан,
Сардал-къоял сверун, лъагӏелал лъугӏун,
Гӏисинаб бакъаналъ къокъунеб буго.
Гӏумруялда гӏадан ващадав гьечӏо
Щуябго гьал килщал квералда гӏадин.
Гьаб дунялалда тӏад, лъан букӏа дуда,
Лъим тӏад биччанилан махх кунчӏуларо.
Гӏадамасулъ цебе яхӏ-намус бихье,
Битӏараб магӏарул тӏабигӏат борце.
Берцинаб, гьуинаб гьоболлъи цӏуне,
Гьабизе кколелъуб хӏурмат рехуге.
Рахӏатаб гӏумруги гӏолареб рахъги
Гӏадан урхъуледухъ хьвадизе гьабе.
Гьелъие ругьунай нилъер эбелалъ
Малъараб куцалда гьабе дуниял.
Бералги данде къан дун къанщаравго
Гвардия чӏолаха дадаян цебе. Къаси кьижун макьу дир гьезий буго, Радал вахъунелъул канлъи гьел руго. Кин вугев, кӏудияв дир Хӏажимурад? Хӏелаб гӏаламалъул гӏадан вугищ гьев? Рокъоб-къватӏиб хӏурмат букӏунищ гьесул? Рекӏелъги бадибги цӏа бугищ гьесда? Цӏертӏа вилълъунаго гӏодов кколищ гьев? Гӏолохъанчиясгӏан чодул бицунищ? Шамилил хвалчадул ва херав инсул Щиб лъалеб, Патӏимат, нилъер васасда? Кӏудияв чи тӏаде вачӏараб мехалъ Хантӏан вахъун чӏезе лъалебищ гьесда? Семичкаги чӏучӏун, чӏартал ракӏарун Чӏобогояб рокъов живго чӏолищ гьев? Цӏалулъ нахъе ккарав, гӏадан тӏурарав Гӏоркьилав вахъине вугищ васасул?
Советияб Армиялде хъулухъ гьабизе инчӏого чӏезеги рес букӏана Гӏабдуразакъовасул: жийго хутӏарай эбел, рагъда чӏварав эмен. Амма Мухӏамад вукӏинчӏо кьерун чӏолезул мухъилъ. Гьев ана эбелалъухъе ва бицана мурад. Эбелин абуни хӏинкъун йикӏана гьев Германиялде ккелилан. Немцал, церего гӏадин, гьелъ тушбабилъун рикӏкӏунел рукӏиндалха. Кин батаниги, эбел мукӏур гьаюна ва… Мухӏамадги хъулухъ гьабизе ккана Германиялде…
Вас – генерал, эбел – маршал
…Гьелдаса хадуб, ай батӏи-батӏиял идарабазда цӏалун, хъулухъазда хӏалтӏун, Гӏабдуразакъов вачӏана МВДялде.
Байбихьуда гьес хӏаракат бахъулаан милицформаги ретӏун эбелалда вихьичӏого чӏезе. Амма гьесда бичӏчӏулаан кида-къадги гьелда вихьичӏого хутӏизе гьечӏеблъи. Гъежда-кӏичӏалги ран тӏоцеве гьев росулъе вачӏиндал, эбелалъ дандчӏвай гьабуна цо рокьукъго. Шагьаралда кӏудияв начальниклъун, тӏубараб республикаялъул МВДялъул хӏакимлъун вукӏун ватани, гӏагараб рокъоб, эбелалъе гьев вукӏана гьадавго лъимер.
— Кин дуда кӏвараб гьеб иш гьабизе? Дуда лъалаангури дие мун рагъулав хъулухъчилъун вахъине бокьун букӏинчӏеблъи! Яги дир рагӏи гьанже кӏиго кепкил багьа гьечӏеб бакӏалдейищ ккун бугеб? Щай дуца гьеб иш гьабураб? — ян цӏехана эбелалъ.
— Дун армиялда хъулухъ гьабулев гьечӏо, милициялда хӏалтӏулев вуго. Гьебин абуни думалъго батӏияб иш ккола. Гьебги цо лъица букӏаниги гьабизе кколелъулха, — ян вацӏцӏаризе лъугьана Мухӏамад.
Амма гьесул гьел рагӏаби гьелъие хӏажат рукӏинчӏо. Рекӏел тӏиналда цо гьитӏинаб тӏанкӏ къварилъиялъул хутӏана гьелъул вас жиндихъго гӏенеккичӏолъиялда бан. Мухӏамадил цӏараз, чиназ, шапакъатаз тамах гьайизе кӏвечӏо гьей. Гьелъие гьел хӏажатги рукӏинчӏо.
Цо кинав вугониги хӏакимгун рокъове щведалги, эбелалъ тӏоцебе гьикъулаан щай дир васас гьаб къисмат тӏаса бищарабилан. Рехсечӏого гӏоларо цо интересаб лъугьа-бахъинги. Гӏабдуразакъовасе генерал-майорасул чин кьун бугин рагӏидал, росуцоял, гӏагарлъи, гьудул-гьалмагълъи бачӏун буго эбелалъухъе:
— Ниж дур васасда генераллъи баркизе Махӏачхъалаялде унел руго, Хъандулай, цадахъ йилълъинарищ? — ан абун буго гьез.
— Дир васасе генераллъи кьун батани, дун гьесие маршал ккола. Виччанте гьев дихъе вачӏине, — ян жаваб кьун буго эбелалъги.
— Эбелалъ абураб бициндал, тӏаде рачӏаразда ккун букӏун буго дун ракӏ бекун лъугьинин. Амма дие гьелъул рагӏабаз кеп щвезабуна. Хӏакъикъаталдаги гьединаб кьварараб гӏамал-хасият букӏана эбелалъул. Гьей кидаго йитӏарайги йикӏана. Дун цогидазе генерал ватаниги, эбелалдаса тӏадегӏан лъолеб жо дир щибго гьечӏо. Ана росулъе, «чурана» цӏваби. Эбелалъги хӏал лъараб жо бихьизе биччачӏо, — ян бицунаан мунагьал чурадица. — Гӏезегӏан захӏматаб, гӏакъуба-къварилъиялъулъ буцараб гӏумруялъ гьаюна дир эбел кьварараб гӏамалалъул гӏаданлъун.
Вукӏинчӏо гьелъул цониги вац. Эмен хвана хеккого. Гьезул нахъе хутӏун рукӏана ункъо яц, ункъо бесдалал. Хъизаналъул тӏолабго бакӏлъи бегана гьелъул гъуждузде. Эменги гьечӏого цин яцал, хадуб росги гьечӏого ниж гӏумруялде рахъинаризе ккани, бихьараб гӏакъуба-къварилъиялъул, кигӏан бицаниги, гьанжесеб гӏелалда бичӏчӏи щакаб жо. Эмен хваралдаса цогидасухъ балагьияли киса гурин, росасухъ бараб чӏегӏер тӏаса бахъичӏо гьелъ. Дица гӏемераб гьарулаан гьелда гвангъараб, гӏатӏидаб, рекъон кколеб горде ретӏейилан. Киса? Гьей йикӏана хиянатлъи, хилиплъи хӏехьезе кӏоларей гӏадан. Цо нухалда дица эбелалда абуна, гӏумруги хисун бугин, мунги хисизе ккелин. Гьей хичун ячӏана ва гӏумру гуреб гӏадамал хисун ругин, божилъи лъугӏун бугин кьуна жаваб.
— Гьеле нуж, коммунистал! Нуж бихьиналищ кколел? Сталин чӏаго вугеб мехалда гьесие какал ралел рукӏунаан, гьев хведалин абуни кьурун руссун чӏана, — ян тӏадеги жубана.
Гьале гьединай ритӏухъай, кьварарай, гьитӏинаб жоялъулъцин хилиплъи хӏехьоларей эбел йикӏана дир.
Эбелалъул, лъадул, лъималазул бицун гӏорцӏулароан Мухӏамад Гьитӏинович. Цо-цо мехалда дида ракӏалдецин кколаан хъизамалъул гурони батӏияб мацӏго лъаладай гьесдайилан. Гьедигӏанги ритӏухъав вукӏана гьев хъизамалъеги, Дагъистаналъеги, улкаялъеги.
Рокъобе ругьел
Гӏемерисеб заман хӏалтӏуда, командировкабазда тӏамулев чи вукӏиналъ къанагӏат гурони щолароан рокъове. Амма дагьабниги эркенаб заман ккедал хъизан-лъималазде ракӏ чучулаан шигӏрабаздалъун. Масала, вас гьавураб къо баркун рокъобе хъвараб гьесул кагътида руго гьадинал мухъал:
Боржа, боржа, кагъат, Дагъистаналде,
Дир Хӏажимурадий саламги босун.
Инсуца гьавураб къо баркулилан,
Кверги ккун, къвалги бан баэ васасда.
Борхатаб магӏарде гӏадраги дий мун,
Гъваридаб кӏкӏалахъе гучаб иццги мун.
Лъадари рекъараб къолденги мун дий,
Къварилъи чучизе рохелги дий мун.
Мун гьавураб къоялъ бакъ дий гвангъана,
Мун гьавураб къоялъ къуват цӏикӏкӏана.
Цӏорораб дуниял дие хинлъана,
Херай эбелалъул мурад тӏубана.
Тӏегьараб, гьайбатаб, гьуинаб тӏокӏаб,
Гьудуллъи хирияб, херал рокьулеб.
Кьалулъ, рагъулъ гьунар, ияхӏ цӏикӏкӏараб
Берцинаб гӏумру дуй гьарула дица. Хӏажимурад!
Гӏумру гӏадада уна Ургъелги, хӏурматги, яхӏги гьечӏони.
Цӏалуйги, хӏалтӏуйги хӏал бихьичӏони,
Хӏеренлъи, гьоцӏолъи гьорой биччани.
Гьуинаб дуниял дие кьогӏлъула
Къо ккедал хӏукумат дуца кквечӏони. Кьварараб хасият чорхолъ гьечӏони, Хӏелхӏеди, гьерсилгун гьудуллъи ккуни. Хӏажимурад! Гӏадан цӏакъ инжитлъула Вижараб ракь, росу, мацӏ кӏочон тани. Гӏагарал, божарал, вац-яц лъачӏони, Нилъер умумузул гӏадат рехани. Хӏажимурад! Дунял дуй чӏегӏерлъула Эбел-инсул хӏурмат борхат кквечӏони. Чӏалгӏаде сверулев саяхъ вахъани, Бицараб рагӏуе мун хилиплъани. Хӏажимурад! Рагӏи магӏнаялъ тола, Цӏаги, ракӏги, биги бащад гьечӏони. Босе, дир вас, кодоб кинабго лъикӏаб, Тӏекълъи, мекълъи, мацӏал, цӏогь добегӏан те. Борхатго ккве дуца черхалъул намус, Чияде иман лъун тохго хьвадуге. Кӏудияв вацасда тӏадал ишазул Гӏоркь вацасда кквезе хӏаракат бахъе. Барка, Хӏажимурад, мун гьавураб къо, Босе инсул рахъалъ урхъараб салам. Гьабе, дир вас, дуца вацасул тӏалаб, Цӏуне ясбер гӏадин яцалъул намус!
Хадурагӏи
Гӏезегӏан хӏалуцараб заманалда республикаялъул Жанисел ишазул министерствоялъе нухмалъи гьабизе ккарав чи вукӏиналъ, Гӏабдуразакъовасде тӏаде бегараб гьир букӏана цӏакъго бакӏаб. Амма гьес киданиги хӏаракат бахъичӏо гьеб гьир жиндасаго хъущтӏизабизе. Киданиги гьабичӏо чияда цебе хӏал лъараб жо. Гьединал лахӏзатазул бицунеб мехалда, Мухӏамад Гьитӏиновичас абуна:
— Дир гӏумруялда жанир гӏезегӏан рукӏана рохаралги пашманалги къоял. Амма дица дунго талихӏав чилъун рикӏкӏуна. Щайин абуни, дица кӏвараб хӏаракат бахъана хӏалихьатаб, къадараб иш гӏумруялда жаниб ккезе биччангутӏизе. Щибаб гали тӏамуна магӏаруласул чилъиги чаранлъиги чучлъизе течӏого.
Хъулухъазе гӏоло хӏеличӏо, хӏакимлъи къваригӏун хьвадичӏо, дирго намус-яхӏалда чӏегӏераб ланг лъезе течӏо, чӏухӏи-пахрулъи рекӏелъе лъугьине биччачӏо. Дир гӏумру ана бихьинчилъи борцунеб роценги умумузул ирсалъе мустахӏикъав вукӏиналъул даражаги цӏунун.
Хӏакъикъаталдаги Мухӏамад Гӏабдуразакъов вукӏинчӏо рецц-бакъ къваригӏарав чи. Дагъистаниязда лъала гьев щивали, ва лъала гьес республикаялда гӏадамазул парахалъи цӏуниялъулъ, гӏодобе биччараб ахӏвал-хӏал букӏинабиялъулъ лъураб бутӏа.
Мухӏамадхӏабиб МАХӏАТӏОВ