1941 соналъул ахиралда Дальний Востокалъул микьабилеб дивизия, росабигун шагьарал фашистазул хъамалчагӏазукьа эркен гьаризе, Тамбовалъул, Курскиялъул ва Воронежалъул мухъазде рачӏана. Гьелда гьоркьоб букӏана Шодродаса Шагӏманил Ризваницаги Хӏажимурадил Мухӏамадицаги хъулухъ гьабулеб 163-абилеб рекӏаразул полкги.
Цо нухалъ, гьужумалде иналде цере, полкалъул рагъухъаби чӏун ругеб рахъалде тушманас тӏаде разе лъугьана гумпараби. Мухӏамад вугеб рахъалда гумпараги бихъулеб бихьун, Ризван гӏедегӏана гьесда аскӏове. Мухӏамад, хварав чи гӏадин, вагъаргъичӏого, гъугъ гьавун вугоан. Гьесул каскаги борлъун, бетӏералда къан хутӏун букӏана килищгӏанасеб кесек ва къотӏ-къотӏун рукӏана килщал. Ризваница гьесул ботӏролъ къараб кесек бахъана ва, ругъналги рухьун, гьев хӏинкъи гьечӏеб бакӏалда вегизеги гьавун, полкгун цадахъ гьужумалъ ана. Гьелдаса нахъе ватӏалъарав кӏиявго гьалмагъ рагъ лъугӏун хадув гурони цоцазда вихьичӏо…
1943 соналъул хасалихъе Ризваница хъулухъ гьабулеб полкалъ тушманасдаса бацӏцӏад гьабулеб букӏана Белоруссиялъул ракь.
— Ефрейтор, Шагӏбанов! Мун ахӏулев вуго ротаялъул командирас, — анги абун, Ризваниде аскӏове вачӏана цо рагъухъан.
Блиндажалъуве лъугьиндал, Ризваница, картаялда квалквалев ротныясе честьги кьун, вачӏиналъе баян кьуна.
— Гьалмагъ Шагӏбанов, лъабго моцӏалъ цере нилъ жанир рукӏараб гьаб росулъ (картаялда бихьизабулаго) букӏана лъукъарал солдатал сах гьариялъе бугеб гьитӏинабго санчасть. Фрицазда махӏ кӏутӏараб къагӏида буго, гьез гьел тӏагӏинарун руго. Амма гьезда гьоркьов вукӏарав, лъукъун вугев нилъер партизаназул отрядалъул командир, бакӏалъул чияс вахчизавун вуго. Дуда гьел бакӏал лъикӏ лъалелъул, хӏажат буго гьев гьениса нахъе вачине. Дургун лъикӏаб гьалмагълъи букӏарав, дов мацӏ лъаларев рагӏула немцазул чуязул тӏалаб гьабулев чи. Гьезул гьесдехун божилъиги рагӏула. Гьев къойилго гӏадин чуязе хер бецизе унев вуго росдадаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏеб рохьалда цебе бугеб гӏалахалде. Гьесул гьакидаги лъун, командир нахъе вачиналъе тадбир гьабизе къваригӏун буго. Лейтенантас дуе нухда киналъулго инструктаж гьабила.
10 разведчикгун нухда вахъана Ризван ва, рохьирагӏалда, мацӏ лъаларев вачӏинегӏан ралагьун чӏана.
Бакъ лъикӏаланго тӏаде бахун букӏана, кӏиго чуялда бараб гьоко рохьирагӏалде бачӏараб заманалда. Гъотӏода чуялги рухьун, мацӏ лъаларев вецаризе лъугьана. Гьеб заманалда Ризван гьабугьин гьесде аскӏове ана. Ризваница бичӏчӏизабуна, жив армиялъулаздаса тӏурун вукӏинги, гьесдаса квен-тӏехалъе кумек хӏажат букӏинги. Мацӏ лъаларесе хер бецизеги ва гьоко харил цӏезабизеги кумекги гьабун, нухда рахъана. Немцазул кӏиго пост баханиги, талихӏалъ, харда жанив вахчун вугев Ризван тӏатинчӏого хутӏана. Мацӏ лъаларес жиндирго рагьдеги бачун, харил гьоко чӏехьана. Гьениб хьихьун букӏана тушманзабазул цо чанго чу. Рагьда гьабулеб гӏархъида хер сокӏкӏунаго, тӏаде вачӏарав херас Ризванида абуна:
— Чуязе цӏияб хер базе, дихъе лъен кье, — ян.
— Чуял гӏорцӏун руго, — ян жиндирго пароль абуна Ризваница херасул паролалде данде.
Немцазул патрулал гьабигун сверулел рукӏана росдал къватӏчӏван. Херасул мина-къоноялдаса гӏемерго рикӏкӏад гьечӏеб росдал басрияб школалда ругел немцазул релъахъуй рагӏулеб букӏана. Херас лъазабуна соналдаса нахъе немцаз хъаравуллъи цӏикӏкӏинабун бугин ва гьел цо кинабалиго операция гьабизе хӏадурлъулел ругилан. Хер босун бачӏунелъул хал гьабичӏого таниги, росулъа къватӏибе унелъул хал гьабизе бугин гьезин абун.
Ургъизе заман букӏинчӏо, метер къалъилалде добго бакӏалда дандчӏвазе ккола разведчикалгун. Гьединаб букӏана командирасул буюрухъ. Щиб гьабунги, партизаназул командирги вачун, гьев гьениса нахъе ине ккола. Кин? Гьеб суалалъ херавги гьевги ургъизе тӏамуна.
Мацӏ лъаларевги, херавги ва гьакида лъун вахчизавун вугев партизаназул командирги нухарегӏун, Ризван мацӏ лъаларесул бакӏалда, рукӏкӏинегӏан вахча-кьерунги вукӏун, къаси сардилъ, хьуцӏаз цӏураб рохьосахунги ун, рогьиналде нилъеразде тӏаде щвана. Нухрикьуде щведал, гьенир посталда чӏун ругел немцаз гьоко лъалхъизабуна. Мацӏ лъаларесул ва гьесда цадахъ кумекалъеян унев херасул лъикӏаланго халги гьабун, гьакида бугеб ракул махӏ чӏварабго, магӏазукъалалги ккун фрицас жибго тана. Кӏиабилеб посталдасаги рорчӏана ва бихьизабураб заманалда разведчиказде тӏаде щвана. Гьеб росулъ ва свери-къоноялда ругел тушманасул щулалъабазул бицун баян кьуна нилъер командованиялъе херасги, мацӏ лъаларесги, Ризваницаги. Тӏасиял къояз росулъе гьужум гьабуна полкалъ ва партизаназул отрядалъ. Гьениб тушманасда кьабиги щвезабун, росу эркен гьабуна. Гьеб рагъда Ризван лъукъана ва лъабго моцӏалъ госпиталалда вегизе ккана. Сахлъидал Ватӏан цӏунизе цӏидасан кодобе босана ярагъ…
Унеб букӏана 1944 соналъул их. Польшаялъул ракь фашистаздаса бацӏцӏад гьабулелъул, ротаялъул командир Александр Стриженкоца, цо чанго солдатги Ризванги штабалде ахӏун, баян гьабуна, гьениб гӏагарда бугеб росулъ, немцазда лъачӏого, нилъер разведчиказул къокъа, патроналги лъугӏун, рахчун ругилан, гьезие кумекалъе патроналги гранаталги щвезаризе ккелин абун.
Хӏукму ккана, нух бихьизабизе ва разведчикал рахчун ругеб бакӏ лъалев гьеб росулъа партизангун цадахъ гьитӏинав лейтенант Захарченкол бетӏерлъиялда гъоркь цо чанго солдат гьениве витӏизе. Сордо букӏана цӏакъ бецӏаб ва гьури пулеб. Рохьил рацӏцӏалъуде щведал, нухда цебе канлъиги бихьун, разведчиказ гьоко лъалхъизабуна.
— Сонцин гьениб немцазул пост букӏинчӏо, фашистал цо щиб букӏаниги жоялъе ургъараб къагӏида буго, — ян абуна бакӏалъулас.
Рагъухъабазул хӏукму ккана, рагъги гьабун, битӏахъе посталдасан ине. Щибго сас гьечӏого, циндаго посталде цебе гьоко бачӏиндал, гьенив вукӏарав хъаравулас гьоко лъалхъизабуна. Цогидав фрицас гьакида тӏад ругел кӏигоязда фонарьги речӏчӏизабун, гьел гьакидаса рещтӏинаруна. Дорегӏан чӏун рукӏана машинаги кӏиго мотоциклги. Ризваница заман бахъизабулеб букӏана, хьуцӏилъахунги ун солдатаз фашистал чӏун ругеб рахъ сверун кквезегӏан. Фрицазда бихьиларедухъ Ризваница чуялъул бохалда кӏвараб хӏалалъ тункидал гьел церехун ана.
Фонарьги бакун вугев фриц чуял лъалхъинаризе хадув лъугьаравго, Ризваница, бецӏлъиялдаса пайдаги босун, аскӏов вукӏарав тушманасул рекӏеда нус чӏвайги, нилъераз машинабазде гьужум гьабиги цадахъ ккана. Цадахъ вукӏарас, Ризваница нус чӏварасухъа автоматги бахъун, кьвагьун биччана фонарь бугесде. Фашистал рекӏеде рачӏиналде чӏвана гьезул анцӏгогӏанасев солдат ва кверде восана командир. Хадуб баянлъана гьел машина къачӏан бахъинегӏан нухда хутӏун рукӏараблъи.
Тӏасан хӏебеталъ рахараб юк баччулеб машинаялъул кузов цӏун букӏана чӏахӏиял калибралъул гӏарададул гумпараби жанир лъурал ящикӏаз. Нахъехун квералги щула гьарун, гьакида вухьана асир, ва гьевги цогидаб тушманасул бахъараб рагъулаб сурсатги цӏунун Ризванги цо солдатги гьенир толел ругин лъазабидал, Ризван тӏирун чӏана живги нужгун вилълъинилан. Лейтенантас гьесул мурад тӏубазабуна.
Росулъе раккулеб бакӏалде щвелалде бакӏалъулас машина лъалхъизабизе тӏамуна. Росдал рагӏалда букӏана фашистазул пост. Гьезда рихьичӏого ине ккани, ине кколаан гӏагарда бугеб хьуцӏалъги хъархъазги цӏураб жаниблъиялдасан. Гьаб нухалъги Ризваница жиндиего бокьун тӏалаб гьабуна гьенире ритӏулел лъабгоясда гьоркьов живги витӏизе. Сапар букӏана хӏинкъараб ва захӏматаб. Патроназул цо-цо ящикӏ гъажалдаги чӏван, нухмалъулев бакӏалъуласда хадурги лъугьун, рачлихъе бахараб хьуцӏилъимги бахун, сордо бащалъараб заманалда тӏаде щвана гьел разведчиказде… Тӏад руссине кколаан лейтенантас бахъараб планалдаса кьуричӏого, посталдасахун. Посталде гӏагарде разведчикал щун рукӏин лъазабиялъе зодоб багӏараб ракета бакидал лейтенантас машина цебехун бачана. Посталде цебе гьеб щвелалде, разведчиказ тушманасде гуллил цӏад базабуна. Байбихьана кӏиябго рахъалдаса тушман гьоркьовги ккезавун тӏаде кьвагьдезе. Къокъабго заманалда нилъераз тушманасул пост кверде босана. Гьеб рагъда лъукъана Ризванги ва чӏвана лъабго солдатги.
Ризван вукӏинчӏо разведчиклъун, амма къо ккедал тӏадкъараб бокьараб иш, разведчикас гӏадин, бахӏарчилъиялда тӏубазабулеб букӏана гьес.
Рагъда гьарурал бахӏарчиял ишазе гӏоло, пачалихъалъ кьурал ва Ризванил керен цӏезабурал шапакъатаз нугӏлъи гьабула Ватӏан цӏунарал унго-унгоял бахӏарзазул цояв гьевги вукӏиналъе.
Ракълилаб гӏумруялда Ризван хӏалтӏана колхозалда, росдал Советалъул председательлъун, МТФялъул заведующийлъун, бригадирлъун, гӏиявехьлъун. Гьев хвана 1980 соналда.
Салман ХӏАСБУЛАЕВ, Болъихъ район, Шодрода росу