9 маялда Бергьенлъиялъул парад тӏобитӏана Каспийскиялдаги. Гитлерил гӏащтӏичагӏазда тӏад советияб халкъалъ босараб бергьенлъиялда хурхун республикаялда тӏобитӏулеб аслияб тадбир гьениб гьабизе хӏукму ккаралдаса исана лъабабилеб сон буго. Бергьенлъиялъул Парад байбихьана Каспийскиялъул флотилиялда хъулухъ гьабулел гӏолохъабаз майдан къотӏун, РФялъул пачалихъалъул ва гьединго Бергьенлъиялъул Багӏараб байрахъ босиялдалъун. Пачалихъалъул байрахъ кодоб ккун букӏана лейтенант Евгений Левченкохъ, бергьенлъиялъул Багӏараб байрахъгун, гьесда хаду-хадув вукӏана лейтенант Александр Галактионов.

Гитлерил фашизмалда тӏад Советияб улкаялъ Кӏудияб Бергьенлъи босаралдаса исана тӏубана 77 сон. Нилъер улкаялда гьеб къоялда хурхун гӏемерал тадбиралги тӏоритӏана. Лъица щиб бицаниги, чанго нухалда тарих хисизабизе хӏалбихьаниги, 9 май хутӏана нилъер халкъалъе гӏаммаб, киналго миллатазул рекӏелъ цого дандерижиялъул гьаракьгун лъалхъулеб, унго-унголъунги халкъияб байрамлъун. Сонал сверила, гӏасраби ина, амма щибаб соналъ 9 май тӏаде щвейдал наслабазул рекӏелъ цӏидасан угьдила рагъул майданалда къанщарал умумузухъ бугеб угьи, гьезул цӏаралда хъван бахъинчӏеб кечӏ, ахӏун бахъинчӏеб сарин, тӏинкӏичӏого хутӏараб магӏу…

Кӏикъого миллион бер къанщана ватӏаналъе

9 маялда Бергьенлъиялъул парад тӏобитӏана Каспийскиялдаги. Гитлерил гӏащтӏичагӏазда тӏад советияб халкъалъ босараб бергьенлъиялда хурхун республикаялда тӏобитӏулеб аслияб тадбир гьениб гьабизе хӏукму ккаралдаса исана лъабабилеб сон буго. Пандемия жеги тӏубан гӏодобцун букӏинчӏолъиялда бан, гъоркьиса парад тӏобитӏана гӏемерал гӏадамалги гӏахьаллъичӏого. Хӏатта, гӏемерисел журналистазеги щун букӏинчӏо гъоркьиса гьенир гӏахьаллъизе рес. Исана щвана.

Сагӏат ичӏго тӏубазе дагьалго минутал хутӏидал, щвана Каспийскиялъул Ленинил цӏар лъураб майданалде. Гьениб кинабго хӏадурун букӏана парадалде. Трибунаялда аскӏор кьерухъе лъурал бакӏазда хӏурматиял гьалбадерие тарал бакӏал чӏорого ругоан жеги. Нахъехун кьерда гӏодор чӏарал чагӏазда цадахъ кӏусун ругезда гьоркьоб берчӏвана Миллияб политикиялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимовасдаги, Хъвадарухъабазул Союзалъул нухмалъулев Мухӏамад Ахӏмадовасдаги, имам Шамилил фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаевасдаги.

Майданалъул бащалъи ккун букӏана къамартӏго ретӏа-къарал, хъахӏал квердаххелал тӏад ххурал, автоматги каранде къан эхетарал гӏолохъабаз. Хъахӏаб, хъахӏилаб, гӏурччинаб кьералъул рагъулаб ретӏел гьезда цӏакъ рекъон букӏана. Жалгоги гьел цӏакъ рекъон рукӏана гьеб къоялъ Каспийскиялъул аслияб майдан бакьулъ. Гӏадамазул ракӏал рази гьаризе хӏадурго, хӏухьел ккун, Парад байбихьиялъухъ ралагьун чӏун рукӏана аскариялги. Сагӏат анцӏго тӏубазе цо минут хутӏарабго гӏадамазда гьоркьоб лъалаго багъа-бачари лъугьана. Киназулго кӏвар гьенибехун буссана. Хъахӏаб Рукъалъул хӏакимзабаз бакьулъеги ккезавун вачӏунев республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасде буссана киназулго кӏвар. Рохалилаб къоялъ гурони тӏад ретӏунареб гӏурччинаб кьералъул генераласул ретӏелги ретӏун, орденмедалаз къалъизабураб керенгун вачӏунев вугоан гьев. Хадуб бехъерхъун жидерго алаталгун, гьев гӏужие восизе рекерана журналисталги телеоператоралги. Цересел кьерда ругел гӏадамазул кверги босун, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул ветеранасда ва дагьав цевегӏан Украинаялдаса вуссарав Донбассалъул бахӏарчи Марат Халикъовасда аскӏов гӏодов чӏана республикаялъул бетӏер.

Гьединаб сурат букӏана парадалда цебе Каспийскиялъул майданалда.

Бергьенлъиялъул Парад байбихьана Каспийскиялъул флотилиялда хъулухъ гьабулел гӏолохъабаз майдан къотӏун, РФялъул пачалихъалъул ва гьединго Бергьенлъиялъул Багӏараб байрахъ босиялдалъун. Пачалихъалъул байрахъ кодоб ккун букӏана лейтенант Евгений Левченкохъ, бергьенлъиялъул Багӏараб бай- рахъгун, гьесда хаду-хадув вукӏана лейтенант Александр Галактионов. Кӏиясдаго хьолбохъ ва цеве-це- ве вилълъунев лъаб-лъаб офицерги вукӏана. Къокъ гьабун абуни, Бер- гьенлъиялъул парадалда, Москва- ялъул Багӏараб майданалда, нилъеда цебеккунги бихьараб къагӏидаялъ гьабулеб букӏана кинабго. Парад рагьана Каспийскиялъул флотилиялъул нухмалъулесул заместитель, контр-адмирал Анатолий Долговас.

Парад къабул гьабурав флотилиялъул штабалъул нухмалъулев, контр-адмирал Николай Якубовскияс, кьерухъе чӏарал рагъухъабазда цевеги лъалхъун иргадал гьезда бар- кана Кӏудияб Бергьенлъи босаралдаса 77 сон. Щибаб баркиялдаса хадуб гьурраги ахӏана. Контр-адмирал нахъвуссун трибунаялде цеве щва- равго, дикторасул гьаракьалъ лъаза- буна гьабсагӏат президент кӏалъазе вугилан. Кӏудияб телеэкраналдаса киназдаго вихьана Москваялъул Багӏараб майданалъул бакьулъ эхета- рав Владимир Путин

9 маялда Парадалъухъ балагьун рукӏун ратани, нужеда рагӏун ба- тила исана гьесул кӏалъай тӏубанго батӏияб букӏараблъи. Путинил гьаракь исана кьварун букӏана. Украинаялда рагъул кор боркьизе хӏаракат бахъарал СШАялъул ва гьезие «гъоркьпалугьанлъи» гьабурал пачалихъаздаса бугеб ракӏхвей бахчулеб букӏинчӏо президентас.

«Дихъе ярагъ кьун буго, кьварарал умумуца»

«Гъоркьиса декабралда нижеца хӏалбихьана НАТОялъул нухмалъиялъулгун ракълилал кӏалъаял гьаризе. Би тӏей чӏезабизе ва гӏадамазда тӏад гьабулеб зулму лъугӏизабизе ахӏана нилъер улкаялъ гьел. Амма гьез нижер гьариялъухъ гӏинтӏамичӏо. Тӏадежоялъе гьел тӏадчӏун хӏадурулел рукӏун руго Украинаялъул Донбассалда рагъул кор тӏадеги гьелегьинабизе. Рагъулаб къуватги яргъил сурсатги цӏикӏкӏинабизе ургъулел ратана гьел. Гьеб буго нахъегӏанал гӏащтӏичагӏазул ва къабихӏал зулмучагӏазул вахӏшияб сиясат.

Гьезие бокьун букӏана жидерго мурадазда рекъон Россияги хӏалтӏизе, жидерго зурмида гъоркь нилъер улкаги кьурдизабизе. Амма нилъер кӏудияб улкаялъул инсанияталда, ватӏаналда, жиндирго халкъалда цере ругел ишалги мурадалги думалъго батӏиял руго. Эбелаб ватӏан цӏунизе, гьелъухъ ахирияб рухӏ барахщичӏого кьезе хӏадурал, бахӏарчиял гӏадамал нилъер рукӏин гьезда кӏочон батана. Амма нилъ эбелаб гьаялъе абадиялъего ритӏухъаллъун рукӏин нилъеца бихьизабуна хӏалихьатаб агьлуялда.

Жакъа Багӏараб майданалда эхетун руго нилъер кӏудияб улкаялъул рикӏкӏен гӏемерал рагъулал бутӏабазда хъулухъ гьабулел лебалал васал гурелги, Украинаялда хасаб рагъулаб операциялда гӏахьаллъи гьабулел рукӏарал гӏолохъабиги. Гьел гьанире рачӏана Донбассалда- са, битӏахъего, рагъул кор гьелегьун букӏараб рагъул майданалдаса.

Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда гӏаммав тушманасда данде рагъулел советиял аскаразда гъорлъ гӏемер рукӏана Украинаялдаса азаазар рагъухъанги. Доб мехалъ нилъ вацлъиялда, берцинлъиялда рукӏана. Нилъеда кидаго кӏочон теларо гьезул цӏарал. Жакъасеб Украинаялъул аслуго билараб цӏияб наслуялда кӏочон таниги, гьезул бахӏарчиял ишалги цӏарги нилъеда кӏочон гьечӏо.

Гьединго кӏочон гьечӏо нилъеда союзалъулаб армиялда цадахъ гъеж гурун, Гитлерил гӏащтӏичагӏазда данде рагъулел рукӏарал СШАялъул рагъухъабиги. Дида лъазабуна жакъасеб парадалда гӏахьалъи гьабизе бокьун рукӏарал, чӏаго хутӏарал ветераназе СШАялъул нухъмалъиялъ нух къан бугин жакъа гьанире рачӏине. Амма дица жакъаги бетӏер къулула СШАялъул ветераназе, 77 соналъ цере дир умумулгун цадахъ гьез хӏехьараб къоялъухъ, баччараб захӏматалъухъ ва бищунго аслияб жо — гьез тӏураб биялъухъ.

Бакътӏерхьул улкабазе бокьунилан, тарих жакъа хисуларо. Гьез нахъе хъвагӏазе гуро нилъер умумуз ункъо соналъ би тӏураб Ватӏаналъе гӏоло. Гьезул бидуца хъвараб тарих нахъе бикӏизе жакъа лъилниги ихтияр гьечӏо ва гьезул къуватгун бажариги гӏоларо гьелъие.

Чӏахъаги нилъер Кӏудияб Бергьенлъи. Рагъда къанщарал нилъер умумузе абадияб рецц. Гьурра!»

Гьединаб, кӏудияб магӏна жаниб лъураб, кӏалъай гьабуна президен- тас. Гьел рагӏабаз чанги чиясул рекӏелъ би гьалдезабун батила. Ва чанги гӏолохъанчиясулъ цӏидасан ярагъ кодобе босизе бугеб гъирашавкъ борчӏизабун батилеблъи хӏакъаб буго.

Гьесдаса хадув кӏалъана нилъер республикаялъул бетӏер Сергей Меликовги. СШАялъул ва бакъбаккул улкабаздехун бугеб ццимги рокьукълъиги загьир гьабуна гьес.

Меликов кӏалъан вахъиндал, улкаялъул гимналъухъги гӏенеккун, майдан къотӏун ана парадалъул гӏахьалчагӏи. Кьералда, каранде автоматалги къан, разиял гьурмалгун цересан унел гьезухъ балагьидал, рохалил ва чӏухӏиялъул асар рещтӏуна рекӏелъ. Буго Бергьенлъиялъул Парадалда жанибги цо бицун бажарулареб берцинлъиги, балъгояб къуватги, эбелаб ватӏаналдаса бугеб чӏухӏи цебе рехулеб борхалъиги.

Каспийскиялъул ахирияв ветеран

Парадалъул официалияб бутӏа лъугӏигун, цоцада аскӏоре инеги, суратал рахъизеги эркенго рукӏинеги рес щвана гӏадамазе. Гьениб лъай-хъвай ккана дир Каспийскиялда гӏумру гьабун вугев Гӏахъуша районалдаса Кӏудияб Ватӏанияб рагъул ветеран Муса Багьавудиновасулгун. Исана гьес бан буго 98 сон. Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчагӏазул Каспийскиялда, жакъа чӏаго ругезул, цо гьев гурони ватиларин хӏисаб гьабуна дица. Кин батаниги, рагъул ветераназул гьев тун батӏияв чи 9 маялъул парадалда вукӏинчӏо. Киназулго пикру гьесдехун буссун букӏана. 98 сон барав ветеранасухъ къокъабго букӏаниги, интервью босизе ирга щоларого рукӏана республикаялъул ва федералиял телеканалазул журналистал. Гьезул гурулъа цевеги ворчӏун, диеги рес щвана гьесие чанго суал кьезе. Кӏиго кӏудияв вац чӏванилан чӏегӏер бараб кагъат бачӏун хадуб, 1943 соналъул риидал ун вуго Гӏахъуша районалдаса гӏолохъанчи Муса фронталде. Рагъул нух байбихьун буго Кавказалдаса тушман эркен гьавулаго. Вагъулаго Сталинградалде, гьениса Европаялъул ракьалде щун вуго Муса Багьавудинов. Чехиялъул тахшагьар Прагаялда лъукъун вуго. Лъукъел захӏматаб батун, тохтурзабаз госпи- талалдаса рокъове валагьизавунин жив 1945 соналъул их тӏаде щола- гоян бицана гьес. Бергьенлъиялъул хӏакъалъулъ рохалилаб хабар гье- сухъе щун буго инсул росулъе нахъ вуссун хадув. 98 сон баниги, гӏураб чӏаголъиялда вугоан гьев.

Гьединаб букӏана 9 маялъул Парад Каспийскиялда. Тахшагьар Махӏачхъалаялда, гьединго респу- бликаялъул киналго шагьараздагун районазда «Хвелгьечӏезул аскар» абураб акцияги тӏобитӏана. Рагъдаса руссинчӏел жидерго умумузул сураталги кодор ккун, гьеб къоялъ къватӏиве вахъана аза-азар чи. 2012 соналда Сибиралъул ракьалда, Томск шагьаралъул жамгӏиял хӏаракатчагӏаз кьучӏ лъураб гьеб акциялъул рахъ ккуна тӏубараб улкаялъ. Пандемиялъул заманалда гьоркьоб къотӏун букӏараб гьеб бергьун кӏудияб тадбиралъ исанаги миллионал наслабазул вакилзаби цолъизаруна.

Ашахан Юсупов