Донецкиялда Конституциялъул майданалъе кьуна Россиялъул Бахӏарчи Нурмухӏамад Хӏажимухӏамадовасул цӏар.

Гьеб тадбиралда гӏахьаллъи гьабуна ДНРалъул нухмалъулев Денис Пушилиница, Бахӏарчиясул цӏарги босун хварав нилъер ракьцоясул эмен Энгельс Хӏажимухӏамадовас, гьединго Донецк шагьаралъул администрациялъул нухмалъулев Алексей Кулемзиница.

Официалияб тадбир лъугӏун хадуб, Нурмухӏамад Хӏажимухӏамадовасул цӏар тӏад хъвараб мармаралъул къоноялда цере тӏугьдул лъуна киназго. Гьеб майдан буго Донецк шагьаралъул бакьулъ, Кальмиус абураб гӏоралда аскӏобегӏан.

А. ЮСУПОВ