26 маялда улкаялъул кинотеатразда бихьизабизе буго имам Шамилил вас Жамалудинилги гьесие йокьун йикӏарай гӏурус яс Лиза Оленина-ялъулги хӏакъалъулъ «Аманат» абураб фильм.
Премьераялда цебе гьеб бихьизабуна Махӏачхъалаялдаги, Гъунибги, Астраханалдаги. Гьеб бахъана «Даггер фильм» ОООялъ. Гьелъул ге- нералияв директор Шамил Жафаров ккола фильмалъул продюсерги. Фильмалъе режиссёрлъи гьабуна Антон Сиверсицаги Рауф Кубаевасги.
Имам Шамилил роль хӏана нилъерго ракьцояв (лъарагӏ миллаталъул) Арслан Мурзабековас. Гьев гӏезегӏан фильмазда гӏахьаллъана. Масала, «Салам, Масква», «Как я стал русским» фильмазда, гьединго М. Лермонтовасул «Герой нашего времени» асаралда рекъон бахъараб фильмалда Казбичил роль хӏалеб букӏана гьес.
Шамилил вас Жамалудинил роль хӏана Майкопалдаса адигав Амин Хуратовас, Лизал — Варвара Комаровалъ. Гьединго гӏурусазухъе аманаталъе кьолеб мехалда вукӏарав, гьитӏинав Жамалудинил роль хӏана Арслан Мурзабековасул вас Камилица.
Гьединго фильмалда гӏахьаллъана машгьурал актёрал — Андрей Соколов, Екатерина Гусева, Даниил Страхов, Фархад Махӏмудов, Нина Гизбрехт
Авартеатралъул актрисаби – ДРялъул халкъияй актриса Наира Хӏабибулаевагун Патӏимат Гӏисаеваги рукӏана гьенир. Жеги Гъуниб районалдаса гӏадамалги рукӏана рихьулел къокъал ролазда.
«Аманаталда» тӏад хӏалтӏарал продюсерасегун режиссеразе ва актеразе тӏадегӏанал шапакъаталги баркалаги кьуна республикаялъул бетӏер Сергей Меликовас.
2018 соналдаго байбихьараб гьеб фильм бахъи гьоркьоб къотӏизе тун букӏун буго пандемия лъугӏизегӏан.
Махӏачхъалаялда Cinema Hall кинотеатралда бихьизабулеб гьелде рачӏун рукӏана ДРялъул премьер-министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги, хӏукуматалъул вакилзабиги, журналисталги, студенталги, искусство бокьулелги, жеги чанго батӏияб хъулухъ-ишалъул гӏадатиял гӏадамалги.
Гӏ. Гӏабдулмуслимовас гьениб абуна гьеб фильм нилъер гӏолилазда бихьизе кколин чара гьечӏого, гьезда лъазе кколин нилъерго тарихги, умумуз тӏаса бищун букӏараб нухги, гьел куцазе кколин умумузул бихьинчилъиялъулги, къохӏехьеялъулги, Ватӏан бокьиялъулги мисалазда.
Премьерасул пикруялда рекъон, гьеб фильмалъ квербакъизе буго жеги цӏикӏкӏун нилъ, улкаял- да гӏумру гьабулел батӏи-батӏиял гӏадамал, цолъиялъе.
Тӏаде балагьун фильм бахъун буго гьанжесел технологиялги хӏалтӏизарун, гӏезегӏан гӏарацги харж гьабун. Жамалудинил роль хӏалев адигав Амин Хуратовасги Шамилил роль хӏалев Арслан Мурзабековасги, гьединго цогидазги, балагьаразе асар гьабуледухъ, ракӏ тӏаде цӏаледухъ хӏалеб бугоан. Хасго гьанжелъагӏанги цӏунун хутӏарал чӏахъадерил некӏсиял минабахъ рахъарал съемкабазги божизарула киноялда бихьизабулеб хӏакъикъат ХӀX гӏасруялъул бащалъиялда ккараб букӏиналда.
Амма гьелдаго цадахъ цо-цо суалал рижичӏогоги хутӏичӏо. Масала, фильмалъе сценарий хъван буго «Даггерфильм» ОООялъул генералияв директор Шамил Жафаровас. Тарихчияс гӏахьаллъи гьабунищ гьелда гъорлъали, мухӏканлъичӏо.
Гьединго кутакалда гӏажаиблъизе бачӏана имам Шамилил цӏаралдаса кӏалъалев Мурзабековас бицунеб магӏарул мацӏалда. Гъоркьан гӏурус мацӏалда титрал кьечӏелани, цо-цо бакӏал тӏуранго ричӏчӏизецин рукӏун ратиларо. Хӏалицаго рахъулел ругоан актёрас магӏарул хӏарпал яги гьел рахъичӏогогицин толел рукӏана гьес («хечо» — гьечӏо, «букана» — букӏана). Гьедигӏан кӏудияб зулму актёрасда тӏадги гьабичӏого, яги гьеб ролалъе батӏияв чи (магӏарулав) вищизе бегьулароандай, ялъуни хас гьабун Мурзабеков къваригӏун вукӏун ватани, гьесул кӏалдиб лъезе бегьулароандай магӏарул чияс абулеб аудио?
Гьединал суалал дица Арслан Мурзабековасеги кьуна. Битӏараб бицани, жинда лъаларин, магӏарул актёр щай вищичӏевали, амма жиндир мацӏалда тӏад гӏезегӏан хӏалтӏулелги рукӏанин мукӏурлъана гьев. Хадубго махсара гьабуна жиндир анкьумумул магӏарулал рукӏаниланги.
Фильм лъугӏун хадуб гьебго суал режиссёр Рауф Кубаевасеги кьуна. Гьес абуна жив вугин кӏиабилев режиссёр, жинда тӏад гьеб хӏалтӏи къараб мехалда актёрал тӏаса рищун ратанила. Хадубго тӏаде жубана, мацӏ кинаб батаниги, Арслан Мурзабековасда кӏолеб бугила имам Шамилил гӏамал-хасият бихьизабизе. Гьеб бугила гьениб бищун аслияб рахъ.
— Фильмалда цӏакъ берцинго бихьизабулеб буго Кавказалъул рагъул заманалда Санкт-Петербургалдаги магӏарухъги букӏараб хӏакъикъат. Масала, Сугъралъе унеб бакӏалда гьез гьарурал декорациял руго унго-унголъунги Шамилил заманалда магӏарулаз ралел рукӏарал рукъзабазда релълъарал. Гьел гьанже сугъулдерил музеялъе сайгъат гьаруна доз.
Амма дир ракӏ рекъечӏеб жо ккана имам Шамилил роль хӏалев вукӏарав актёрас бицунеб букӏараб магӏарул мацӏ. Батӏияб мацӏалъул чи вугоан гьев, хӏалица магӏарулалъ кӏалъалев. Гьалгощинал магӏарул актёралги ругеб мехалда цониги чийищ продюсерасда ватичӏев гьеб ролалъе мустахӏикъав? Фильмалъухъ балагьулел чагӏазул аслияб къадар гӏицӏго магӏарулал гуреллъидалин, батӏи-батӏиял миллаталлъидалинги ракӏалде ккун батилаха режиссёрасдаги продюсерасдаги. Амма фильмалъ гьабураб лъикӏаб асаралъул иш лъугӏизабуна гьев актёр кӏалъалев рагӏидал.
Дица гьебго пикру фильмалъул презентациялдаги загьир гьабуна, — ян бицана гьелъ.
Фильмалда аслияб бакӏ кколеб буго Жамалудинилги гӏурус генераласул яс Лизалги тӏубачӏеб рокьуца. Гьединлъидал гьелдалъун лъугӏизеги тана, сах гьавизе витӏараб бакӏалда Кӏаратӏа гьев вукъиялъулги цогидалъулги биценги гьабичӏого. Амма художественнияб фильм хӏисабалда гьениб кинабго тарих рагӏа-ракьанде щун бихьизабизе тӏадабги гьечӏо. Сценаристасулги режиссёрасулги жидерго рукӏуна тӏалабалги мурадалги.
Амма гьез жаваб балагьулеб суал батӏияб бугоан — унго-унголъунги щиб гьир Жамалудинида тӏаде бегун букӏараб: рокьул асирлъиялъулищ яги кӏудияб политикаялъул къурбан- лъиялъулищали.
Зульфия Хӏажиева