11 маялдаса нахъе Россиялъул гӏемерисел хъизамазе цӏияб пособие кьолеб буго. Президентасул указалда рекъон, тӏоцебесеб апрелалдаса нахъе 8-17 сон базегӏан лъималазе щибаб моцӏрое пособие кьезе бихьизабун буго. Гьеб щвезе гӏарзаби къабул гьаризе 26 апрелалдасаго байбихьун букӏана. Гӏарза къабул гьабуразе щуго къоялда жаниб бачӏине ккола гӏарац. Жакъа къоялде щвезегӏан гӏарзаби кьун руго кӏигогун бащдаб миллионалдаса цӏикӏкӏун чияс. Ресукъал хъизамаздаса 8-17 сон базегӏан лъималазе кьолеб пособиялъе биччан буго 505 млрд гъурущ.

Пособие кьолеб буго гӏумру гьабизе хӏажатаб къадаралдаса дагьаб гӏарац бачӏунел хъизамазул лъималазе. Гьединго мал-мулкалъул рахъалъулги хӏисаб гьабула.

Байрамкъоязул ахиралде щвезегӏан гӏарза кьуразе гӏарац щвезе рес буго 11 маялдаса нахъе. Гьелде щвезегӏан гӏарза кьечӏезе рес буго октябралде щвезегӏан документал хӏадур гьаризе. Гьеб заманалда жаниб гӏарза кьуразе тӏоцебесеб апрелалдаса нахъе, октябрь моцӏалде щвезегӏан кьезе кколеб букӏараб гӏарац цадахъго кьола.

Пособиялъул къадарги хъизамалъул ресалъухъ балагьун батӏибатӏияб буго. Регионалда лъималазе гӏумру гьабиялъе хӏажатаб къадаралъул гӏарцудаса 50 процент ккола гӏемерисезе кьолеб выплатаялъул къадар. Гьединго, цӏакъго ресукъал хъизамазе пособие щвезе буго цо лъимералъе гӏумру гьабиялъе хӏажалъулеб гӏарцул къадаралъул 75 яги 100 процент. Улкаялдаго гьоркьохъеб хӏисабалда гьеб ккола 50 процент – 6000 гъурущ, 75 процент – 9000 гъурущ, 100 процент – 12000 гъурущ.

Нилъер республикаялда лъималазе гӏумру гьабиялъе хӏажалъулеб гӏарцул гӏодобегӏанасеб къадар 11499 гъурущ бихьизабун буго. Нилъер регионалда лъималазе бихьизабураб гӏумру гьабиялъе хӏажатаб гӏодобегӏанаб къадаралдаса 50 процент ккола 5749 гъурущ, 75 процент – 8624 гъурущ.

Гӏарац щвезе ккани…

8-17 сон базегӏан лъималазе пособие щвезе ккани, гӏицӏго хъизан ресукъаб букӏин гӏоларо. Жиндаса налог кьолеб хӏалтӏи, хайир букӏине ккола эбел-инсул ва гьезулго хъизамалдаса 18-23 сон барал лъималазул (гьезул жидерго хъизан батичӏони).

Хъизамалъул лъагӏалил хайир (харж) хал гьабулеб заманалда жаниб хъизамалъул 18 сон барал вакилзабазул букӏине ккола захӏматалъул, предпринимательлъиялъухъ яги творческияб пишаялъухъ щвараб харж, яги гьеб харж бачӏунгутӏиялъе къабул гьабизе бегьулеб гӏилла. Гьединго хъизамалъул букӏине бегьуларо кколелдаса цӏикӏкӏун мал-мулк. Масала, хъизамалъул букӏине бегьула цо квартира, гьениб цо рукъ яги квартираялъул бутӏа. Квартираби цӏикӏкӏун ругони, хъизамалъул щивав чи рикӏкӏун квартирабазул манзил 24 квадратияб метралдаса тӏаде цӏикӏкӏун букӏине бегьуларо.

Пособие кьезе инкар гьабуларо цо мина бугони. Чанго мина бугони, гьенибги хъизамалъул щивав чиясе 40 квадратияб метралдаса цӏикӏкӏун букӏине бегьуларо.

Букӏине бегьула: цо гараж яги машина лъолеб бакӏ. Гӏемерал лъимал ругеб хъизамалъе кӏигоги бегьула.

Шагьаралда мина базе ракьул участокалъул 0,25 га яги росулъ цо га бегьула.

Гӏадан жанив чӏолареб цо бакӏ (нежилое помещение). Цо гама яги раса. Цо автомобиль яги мотоцикл. Гӏемерал лъимал ругеб хъизамалъе кӏигоги бегьула. Гьединго кӏи-кӏи транспорт бегьула — хъизамалда цояв инвалид вугони яги социалияб квербакъи хӏисабалда гьезие пачалихъалъ транспорт кьун бугони.

Бихьизабуралдаса цӏикӏкӏун малмулк бугони, пособие кьезе инкар гьабула.

Басрияб ва цӏияб пособиялъул батӏалъи

Гъоркьиса ялгъузав инсуца яги эбелалъ хьихьарал 8-16 сон барал лъималазе бихьизабун букӏана социалияб пособие (басрияб). Гьединазе щолаан регионалда лъималазе гӏумру гьабиялъе хӏажалъулеб гӏарцул къадаралъул 50 процент. Гьеб щвезе ккани, гӏемерал документал тӏалаб гьарулаан. ЗАГС биххун букӏине, инсуца алиментал кьезе инкар гьабулеб бугин абурал кагътал щвезаризе кколаан. Гьанже цӏияб пособие щвезе ккани, гьединазе цебе букӏараб пособие бачӏунаро. Гьез тӏаса бищизе ккола цояб пособие. Цӏияб пособиялъе гӏарза кьуни лъикӏаб букӏина гьезие, щайгурелъул цебе букӏараб пособиялда дандеккун, цӏияб пособие цӏикӏкӏун кьезе рес буго. 6000-гӏанасеб гъурщил бакӏалда 11,499 гъурущ бачӏине рес буго. Нагагь цӏияб пособие кьезе инкар гьабуни, гӏарза кьуралдаса лъагӏел сверизегӏан бачӏуна басрияб пособие.

Кин щолеб пособие?

Пособие щвеялъе гӏарза кьезе бегьула Госуслуги порталалдаса. Гьединго гӏарза кьезе бегьула Пен- сиялъул фондалде яги МФЦялде. Къокъго абуни, цӏияб пособие щвеялъул шартӏал 3-7 сон барал лъима- лазе пособиялъего гӏадал рихьиза- рун руго. 8-16 сон барал лъималазе пособие кьолеб буго ПФРалъ, 3-7 сон баразе абуни — соцзащитаялъ кьола. Гьелъул магӏна ккола, цӏияб пособие кьолелъул, 3-7 сон барал лъималазе кьолеб пособиялъе гӏадин регионаз шартӏал хисизе бегьуларин абураб. Киналго регионазда цогоял шартӏал рукӏине руго. Гӏицӏго пособиялъ- ул къадар щибаб регионалда батӏибатӏияб букӏине рес буго. Гӏарза цӏезе ккани хӏажалъула… Лъимал гьариялъул, ЗАГСалъул, ригьин биххиялъул хӏакъалъулъ документал (свидетельство). Хъи- замалъул вакилзабазул харжалъул, хайиралъул хӏакъалъулъ баянал (самозанятость ва гь.ц. пишаялдаса щвараб хайир). Банкалъул счеталъ- ул яги почтаялъул отделениялъул хӏакъалъулъ баянал. Гӏарза цӏолелъул цо-цо мехалда тӏадеги справкаби тӏалаб гьарула. Хӏажатал документазул сияхӏ бихьизабун букӏуна гӏарзаялъул ахиралда. Анцӏго къоялда жаниб гьениб бихьизабураб документ щвезабизе ккола ПФРалъул бакӏалъулаб отделениялде. Нагьагь гьеб кьезе кватӏани, пособие кьезе инкар гьабула.

Хъизамалъул харжалъул хӏисаб

Гьанибги 3-7 сон барал лъималазе пособиялъулго гӏадал низамал руго. Хӏисабалде босула налог тӏаса бахъилалде харж, премия, пенсия ва пособие, стипендия, алиментал, къиматал кагътазде бачӏараб хайир (налог тӏаса бахъун хадуб), банказда лъураб гӏарцуде тӏаде рачӏарал процентал, налог тӏаса бахъун хадуб бизнесалдаса щвараб хайир, мал-мулк бичун щвараб гӏарац, авторасулаб заказалъул къотӏи-къаялъухъ щвараб хайир, живго батӏи-батӏиял бакӏазда хӏалтӏун (самозанятость) щвараб хайир.

Пособие кьолелъул хъизамалъе щолеб хайиралда гьоркьоб рикӏкӏунаро: 3-7 сон барал лъималазе щвараб пособие, бакӏалъулаб бюджеталдаса щвараб цохӏо нухалда гьабулеб гӏарцулаб квербакъи, гьаруралдасаго тӏоцебесеб группаялъул инвалидаллъун кколел гӏадамазда (кӏудиял гӏуниги) яги инвалидал лъималазда хадуб хъулухъ гьабуралъухъ бачӏунеб гӏарац, соцконтракталда рекъон рачӏунел выплатаби, социа- лияб кумек хӏисабалда рукъалъухъ яги транспорталъухъ кьезе биччараб гӏарац, минаялъухъ яги реабилита- циялъухъ кьураб эбелалъулаб ка- питалалдаса гӏарац, хӏалтӏудаса яги декларациялда рекъон тӏад бусси- набураб налог (НДЛФ), гӏумруялъе, сахлъиялъе яги мал-мулкалъе зарал ккеядаса кьолеб компенсация, хвел букъизе кьолеб гӏарац.

Харж яги цогидаб хайир щолеб гьечӏони…

Пособие кьолелъул хӏисабалде босула хъизамалъул вакилзабазе лъагӏалида жаниб бачӏараб гӏарац (налог тӏаса бахъилалде). Гӏарза кьолеб къоялдаса ункъо моцӏалъ цебе букӏараб 12 моцӏалъ хъизамалъе щвараб хайиралъул хӏисаб гьабула. Масала, 2022 соналъул май моцӏалда гӏарза кьолеб бугони, 2021 соналъул январалдаса декабралде щвезегӏан щвараб хайиралъул хӏисаб гьабула. Гьедин бачӏараб хайир хъизамалъул киналго вакилзабазда гьоркьоб бикьула.

Нагагь хъизамалъул цогӏагиязе (чӏахӏиязе) гӏарац бачӏунеб гьечӏони, хӏисабалде босула харж яги кинаб бугониги хайир букӏунгутӏиялъе къабул гьабизе бегьулеб гӏилла. Гьединаб гӏиллалъун рикӏкӏуна:

Хӏалтӏи гьечӏев чи (захӏматалъул биржаялда вугев). Гьеб ахӏвал-хӏалалда анлъго моцӏалдаса цӏикӏкӏун рикӏкӏунаро, гьединлъидал пособие щвезе ккани жеги ункъо моцӏалъги кинабгӏаги хайир яги цогидаб къабул гьабизе бегьулеб гӏилла букӏине ккола. Гьединго 2022 соналъул тӏоцебесеб марталда ва гьелдаса нахъе ЦСЗНалда хӏисабалда вугев (безработный) чиясулги гӏарза къабул гьабула.

Лъабго сон базегӏан лъимада хадуб хъулухъ гьаби.

Стипендия щвечӏого очно цӏали. Гьезда гьоркьор 18-23 сон барал лъималги.

Инвалидаб лъимералда яги лъимерлъудасаго тӏоцебесеб группаялъул инвалидлъун кколев чиясда, 80 ва цӏикӏкӏун сонал рарал гӏадамазда хадуб хъулухъ гьаби.

Хӏалтӏизе ресги гьечӏого лъабго ва цӏикӏкӏун моцӏаз гьоркьоса къотӏичӏого унти.

Рагъулаб хъулухъ ва демобилизациялдаса хадуб лъабго моцӏ.

Туснахъалда вукӏин ва эркенлъаралдаса хадуб лъабго моцӏ.

Балугълъиялде бахинчӏеб лъимадул эбел-инсул цоял гурони чӏаго гьечӏони (гьединго мать-одиночка).

Эбел-инсул цоязул харж яги цогидаб хайир гьечӏониги бегьула, пособие кьолелъул хӏисабалде босулеб лъагӏалида жаниб хъизам гӏемерал лъимал ругеблъун рикӏкӏунеб букӏун батани.

Хӏисабалде босулеб лъагӏалида жаниб эбел лъимаде йикӏин. Хӏисабалде босараб заманалда гьоркьобе лъимаде йикӏараб 6-9 моцӏ ккани гӏарза къабул гьабизе бегьулеб гӏиллалъун рикӏкӏуна. Гӏарза кьолелъул лъимаде йикӏун 12 анкь яги цӏикӏкӏун заман бугониги инкар гьабуларо пособие кьезе

Гьединаб гӏилла яги хъизамалъе щолеб хайир лъагӏалида жаниб 10 моцӏалъ букӏине ккола.

Патӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА