Бергьенлъиялъул Парадалда гӏахьаллъана Гумбет районалъул Ингиши росулъа Мухӏамад Сайгидов.

Анкьго класс лъугӏарав Мухӏамад колхозалъул правлениялъ витӏана хӏисабчагӏазул кур- сазда цӏализе. Гьелги лъугӏизарун росулъе тӏадвуссарав гьев, 16 сон барав гӏолохъанчи, тӏамуна Гумбет районалъул Энгельсил цӏаралда бугеб колхозалъул бухгалтерлъун. 1939 соналда ана Багӏараб Армиялда хъулухъ гьабизе.

Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьараб мехалда, М. Сайгидов вукӏана Львов шагьаралда. 1941 соналъул 22 июналда шагьаралде бомбаби разе байбихьана. Кьвагьдохъабазул полкалда цадахъ Мухӏамадица кумек гьабуна хӏинкъи гьечӏеб бакӏалде гӏадамал гочинариялъе. Гьев гӏахьаллъана Прибалтикаялда, Северияб Кавказалда, Белоруссиялда ва цогидал бакӏазда ккарал рагъазулъ. Вагъана танказул ва минометчиказул бригадабаздаги гӏарадачагӏазул полкалдаги.

Мухӏамад Сайгидов вагъана Ставрополь, Саратов, Сталинград, Таганрог, Буденновск, Тамбов, Новочеркасск, Кенигсберг, Смоленск, Штеттин абурал шагьаралги Украина, Польша, Литва ва цогидал улкабиги фашистаздаса эркен гьариялъул рагъазулъ. Кӏудияб Ватӏанияб рагъда гьев вукӏана механик-водительлъунги танкалъул командирлъунги. Европаялъул гӏемерал шагьарал эркен гьарулаго, гьев щвана Берлиналде.

Кӏудияб Бергьенлъиялъе гӏо ло вагъулаго бихьизабураб бахӏарчилъиялъухъ гьев мустахӏикъ лъана «За отвагу», «За победу над Германией», «За оборону Киева», «За штурм Кенигсберга» абурал медалазеги, Ватӏанияб рагъул, Ба гӏараб Цӏваялъул, Реццалъул ва цо- гидал орденазеги.

Рагъдаса хадусел соназда Му хӏамад хӏалтӏана гӏагараб колхо- залъул коммунистазул гӏуцӏиялъул секретарьлъунги, Ингиши росдал советалъул председательлъунги, колхозалъул председательлъунги. Хадубккун райкомалъ гьесда тӏадкъана нухлул отделалъе нухмалъи гьабизеги, райкомалъул инструкторлъун хӏалтӏизеги. Гьес гьабуна коммуналияб магӏишаталъул отделалъе нухмалъиги. «Мелъелтӏа – Дилим» шагьранух гьабиялъухъ гьев мустахӏикълъана ДАССРалъул Верховный Советалъул Хӏурматалъул грамотаялъе.

1980 соналда Сайгидовазул хъизан гочана Гъизилюрталде. Гьенивги хӏалхьиялда чӏечӏо гьев – хӏалтӏана ЖКХялъул мастерлъун, вукӏана Гражданияб оборонаялъул начальниклъунги.

1983 соналда запасалда вугев кӏудияв лейтенант Мухӏамад Сайгидов ахӏун вукӏана Калининградалде (Кенигсберг) – гьеб шагьар эркен гьабиялъул гӏахьалчи хӏисабалда Бергьенлъиялъул Парадалда гӏахьаллъизе.

1945 соналъул Бергьенлъиялъул Парадалъул гӏахьалчи Мухӏамад Сайгидов къадаралде щвана 2013 соналда.

mo-gumbet сайталдаса