Дагьалъ цебе «Хӏакъикъаталда» бахъун букӏараб «Дагъистаналъул рухӏияб бечелъи» абураб макъала. Гьелда бицун букӏана РАНалъул ДФИЦалъул тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул гӏараб мацӏалда квералъ хъварал ва басмаялда рахъарал тӏахьазул фондалъул хӏакъалъулъ.
Фондалъул нухмалъулев Мухӏамад Шехмухӏамадовас гьадин бицана гьенир цӏунун ругел къиматал тӏахьазул ва документазул тарихалъул хӏакъалъулъ.
— Диналде данде рагъ балел соназ квералъ хъварал тӏахьал ва документалгун кагътал цо бакӏалде ракӏаризе ва гьезул хасаб фонд гӏуцӏизе хӏаракат бахъарал чагӏи ккола Гьаракӏуниса Нурмухӏамадил Мухӏамад, Гӏоротӏаса Мухӏумаев Мухӏамадрасул, Гиничукьа Сагӏидов Мухӏамадсагӏид, Шихсагӏидов Амри, Хунзахъа Айтберов Тимур, Гъазданушиса Разаев Хӏасан. Гьеб тадбиралъе квербакъана тарих бокьулел ва гьелъул къимат лъалел институталъул директорлъун рукӏарал Хӏажи Хӏамзатовас ва Хӏажигӏали Данияловас.
Фондалда ругел гӏараб гӏелмуялъул квералъ хъварал къиматал тӏахьазул цояб ккола Къарахъа Мухӏамад-Тӏагьирил «Шамилил цо-цо гъазаватазда Дагъистаналъул хвалчабазул паркъи» абураб тӏехьалъул оригинал, ай гьес жин- дирго квералъ хъвараб тӏехь. Гьел- да руго живго хвезегӏан Мухӏамад-Тӏагьирица гьелда тӏад гьарурал гӏемерал хъвай-хъвагӏаялги. Гье- динго гьеб тӏехьалда руго гьесул вас Хӏабибуллагьица гьарурал хъвайхъвагӏаялги. Къарахъияв живго вукӏана гьеб тӏехьалда хъварал гӏемерисел лъугьа-бахъиназул нугӏ ва гӏахьалчи. Имамас МухӏамадТӏагьирида бицунеб букӏун буго гьаб пуланаб бакӏалда гьадинаб рагъ-кьал кканилан. Кӏвар бугел лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ бицине Къарахъиясда аскӏове ахӏулев вукӏун вуго пуланаб лъугьа-бахъи- налда гӏахьаллъарав наиб.
Дагъистаналъул тарих лъазабиялъе кӏвар цӏикӏкӏараблъун ккола ХӀ гӏасруялда Дербенталда вукӏарав гӏалимчи Абубакр Мухӏамад Дарбандияс хъвараб ва ХӀV гӏасруялда гьелда тӏасан хъвараб «Тӏарикъаталъул энциклопедия» (копия). Гьеб ккола доб заманалда рукӏарал бищунго цересел гӏалимзабазул гӏелмияб даражаялда хъвараб тӏарикъаталъе баян кьолеб тӏехь.
Фондалда цӏунун буго Гъумекиб мажгиталда аскӏоб рощнол гохӏде рехун батараб Къуръаналъул анкьго том. Гьелда тӏад руго чӏухӏун къачӏарал лакайдул мужалатал. Къуръаналъул цо-цо аятал байбихьулел руго меседалъ хъварал хӏарпаздалъун (медальон). Лъималаз гьел медальонал бакӏ-бакӏаздаса нахъе къотӏун руго. Къуръан хъван буго кӏудияб махщалида. Гьеб буго жакъагицин цӏакъ захӏматго гурони бахъизе кӏолареб гӏадаб даражаялъул тӏехь. 700 соналъ цебе квералъ хъвараб гьеб Къуръаналъул буго цӏакъ гӏажаибаб къисмат. Фондалда хӏалтӏулел рукӏарал гӏалимзабазул биценалда рекъон, гьеб кколеб буго Надир-шагьас гъумекдерил Сурхай-ханасе сайгъаталъе битӏун бачӏараб Къуръан. Гьелда цебе Надир-шагьас Сурхай-ханасе сай гъаталъе битӏун бачӏун букӏун буго хъатинибе унеб Къуръан. Гьелъул магӏнаги букӏун буго «гьа- динаб гьунаралъул махщелчагӏи руго дир» абураб. Ханас шагьасде битӏун буго: «Дун гӏадав херав чиясда цӏализе бихьулеб куцалда Къуръан хъвазе кагъатищ гьечӏеб дунялалъул пачахӏасул ракьалда», — ян. Гьесул бадибчӏваялъе жаваб хӏисабалда битӏун бачӏараб Къуръан кколеб буго гьаб. Гӏага-шагарго гьеб Къуръаналъул бакӏлъи бахуна 55-60 килоялде ва гьеб тӏаде борхизе къваригӏуна ункъо чи.
Хӏурият бергьинегӏан Дагъистаналда гӏалимзабаз ва хӏакимзабаз гӏараб мацӏ хӏалтӏизабулеб букӏана официалияб мацӏ хӏисабалда. Фондалда ругел документазги бицунеб буго нилъер гӏалимзабазда, хасго ди- ниял церехъабазда, гӏараб мацӏ цӏакъ лъикӏ лъалеб букӏараблъиялъул. Фондалда цӏунун буго XVI гӏасруялдаса XX гӏасруялъул лъе- берабилел соназде щвезегӏан гӏараб мацӏалъ хъвараб анцӏазаргоялдаса цӏикӏкӏун кагъат-документ. Маса- ла, Жамалудин Гъумукъияс турказул пача Гӏабдулмажидихъе хъвараб кагътида бадибчӏвай гьабулеб буго Шамил имамасул рагъда тур- казухъан кумек щвечӏилан. «Дир хӏисабалда, Аллагьасе гьаб ракьалда Шамил имамасдаса бокьулеб рухӏ гьечӏо. Гьев кӏодо гьавизе щвей ккола дуеги бугеб кӏодолъи», — ян хъван буго кагътида.
Фондалда цӏунун буго басмаханаялда бахъараб 200-гӏанасеб къиматаб тӏехь. Гьезул бищун къи- маталлъун рикӏкӏуна Темир-ХанШура шагьаралда Мухӏамадмирза Мавраевасул басмаханаялда рахъарал тӏахьал. Тӏоцебе гьениб бахъун буго цӏакъ берцинго къачӏараб Къуръан, хадуб мадрасабазул цӏалул тӏахьазул программаби.
Гӏадатиял гӏадамаз лъай босиялъул мурадалда, Мавраевас гӏалимзаби тӏамун руго гӏараб мацӏалъ хъварал асарал Дагъистаналъул миллиял мацӏазде руссинаризе ва гьел гӏажам хӏарпаз хъвазе. Гьел асарал, тӏахьал, брошюраби гӏадин, гьес басмаялда рахъана. Гьеб кколаан гӏадатияб халкъалъе гӏаммаб лъай кьеялъул мурадалда гьабулеб хӏалтӏи. Мухӏамадмирза Мавраевас бахъун букӏана Салтӏаса Гӏаликъадихъ цӏаларав ва заманаялъ Гьидалъ наиблъи гьабурав кӏудияв гӏалимчи, жиндирго эмен Мухӏамадгӏали Чӏохъиясул «Дагъ- истаналъул гӏалимзабазул фатваби (жавабал)» абураб 700 гьумералъул тӏехь. Гьенир рорхулел руго жакъа къоялъги къваригӏарал ва тӏуразе кколел суалал.
Амма фондалъул гьеб бечелъи цӏуниялъе чӏезаризе ккола хасал шартӏал. Гьел цӏунулел гьечӏони, кагъат хола, гьелда хӏапаро бала. Жакъа фондалда чӏезарун руго, нижер ресазда рекъарал, шартӏал. Амма, тӏадехун рехсараб куцалда, хасал шартӏал чӏезаричӏони, хӏинкъи буго фондалъул тӏахьал ва документал гӏемерал соназ цӏунун хутӏунгутӏиялъул.
Цоги, жакъа тӏадчӏей гьабизе ккараб ва захӏматго «унтараб» масъалалъун хутӏулеб буго гӏараб мацӏалъ хъвараб фондалъул нахърателалда тӏад хӏалтӏизе бокьарал, бокьаниги, лъикӏаб даражаялда таржама гьабун бажарулел гӏараб мацӏалъул гӏалимзаби-специалистал Дагъи- станалда къанагӏат гурони гьечӏолъи.
Нури Нуриев